Автор.И.Мух1амадов.Март 2018 сон.
Араб г1асруялъул рагъда хадусел соназ маг1рузулаб Дагъистаналъул зах1матчаг1аз байбихьана г1и-боц1и хьихьизелъун г1ат1иракьалде гъутабазде гочине. Гьединан дагь-дагьккун гьенир лъугьана росаби. Цогидал муг1рузул муниципалитетазулг1адинан нилъер районалъулги руго гьенир росаби. Районалдаса т1урал бак1азда рук1аниги нухмалъиялъ х1аракат бахъула гъутанчаг1и рехун теч1ого, цо-цо гьезухъе сапарал гьарун, г1олеб-г1олареб ц1ехон, гьезул т1алаб гьабизе. Гьедин гьал къоязда районалъул нухмалъиялъ иргадулаб сапар бухьана Кизилюрталъул ва Хасавюрт районазул зонабазда ругел гъутабазде. Х1алт1улаб къокъаялда гъорлъ рук1ана районалъул бет1ер Саг1ид Юсупов, заместителал Шамил Г1аммаев ва Асадг1али Г1абдуразакъов, росдал маг1ишаталъул отделалъул х1алт1ухъаби, районалъул СМИязул вакилзаби ва цогидалги.