Автор.Гара-ч1вари гьабуна И. Мух1амадовас.Январь 2018 с.
Гьал ахирал соназда районалда киназулго к1алухъ бугеб г1уц1илъун ккола районалъул централияб больница. Г1адамазул ч1еч1ого г1арзал рук1уна гьенир дараби ратуларин, регизе бак1 щоларин, цо-цо тохтурзабазулгун медсестрабазул унтараздехун хъач1аб бербалагьи бук1унин ва цо-цо мехалда «хехаб кумек» кват1ун гурони бач1унарилан. Гьел г1узрабазулги районалда сахлъи ц1униялъул бугеб ах1вал-х1алги ц1ехон, дун дандч1вана райбольницаялъул бет1ерав врач Зайнулг1абидов Зайнулг1абидгун. Гьале нижеда гьоркьоб ккараб гара-ч1вари.
-Зайнулг1абид Шахшаевич, цебеккунги лъик1аб хъулухъалда вук1арав мун сунца гьесизавурав гьаб г1узрабазул ц1урабин рик1к1унеб ва жиндасан кидаго г1арзал лъуг1ич1еб больницаялъул бет1ерав тохтурлъун х1алт1изе вач1ине?