Автор.Н.Г1алиева.Декабрь 2016с.
Бокьараб ишалъулъ ц1акъ к1вар бугеллъун ккола приоритетал, х1алт1и цебехун бачиналъе х1ажатал къаг1идаби, церет1еялъул нухал ралагьи.Инсан лъедолев вугони, кинаб бак1алде уневали лъач1ого, гьесие гьалмагълъун нухлулаб гьури бук1унаро, гьединлъидал Дагъистан цебет1езабизеги гьеб кризисалъулаб ах1вал-х1алалдаса борч1изеги ккани, нилъеда бищун цебе лъазе ккола кинаб ах1вал-х1алалда бугеб т1убанго Дагъистанали, кинал церет1еялъул аслиял рахъал гьелъул ругелали.