Автор.Ш.Расулова.Бакьагьеч1и росу.Ноябрь 2016с.
Дун ккола 80 сон барай, т1адег1анаб лъай бугей, 45 соналъ муг1алимлъи гьабурай ветеран труда. Дун байбихьул классазда ц1алулеб заман бук1ана эменги армиялде араб, зах1матаб заман, 7 классги лъуг1ун ц1алана хъаладухъ ясазе рагьараб интернаталда. Рагъдаса хадусеб зах1матаб заман бук1аниги нижее ч1обого квен, рет1ел, ц1алул къайи ч1езабун бук1ана, цо копекцин эбел-инсуда кьеянги абич1ого.
Гьал г1агарал къоязда 80 сонил г1умруялда нилъедаса ват1алъана т1адег1анаб квалификациялъул врач, рак1бац1ц1адав х1алт1ухъан, лъик1ав инсан Харахьиса Маликов Г1аливагьаб Басирович. Рек1елъ к1удияб пашманлъиялъул асаргун къабул гьабуна гьеб кьог1аб хабар г1иц1го Харахьи росдал г1адамаз гуребги, Хунзахъ районалъго, киналго гьев лъалев вук1аралщиназ.
Гьамущи гьоркьохъеб школалда г1емерго тIорит1ула лъималазе пайдаял бат1и-бат1иял конкурсал, экскурсиял ва гь. ц.тадбирал.Ц1алдохъабазги ц1акъ х1аракат бахъула гьединал мероприятиязда жигараб г1ахьаллъи гьабизе. Лъималазе хас гьабун бокьулеб байрамлъун ккола бач1иналъул байрамги. Киназего хирияб байрам т1обит1улеб къоялъ школалъул азбар ц1акъ берцин гьабун бук1ана бат1и-бат1иял ниг1матаздалъун къач1арал бечедал столазги хасалихълъиялъул костюмал рет1арал лъималазги.
Автор.Н.Г1алиева.Ноябрь 2016с.
Армиялда хъулухъ гьаби-гьеб ккола щивав чиясул гражданлъиялъулаб налъи. Нилъер г1олохъабаз ц1унизе ккола нилъерго пачалихъ ва гъираялда гьеб ц1унизеги ине ккола. Жакъа районцояз Ват1аналда цебе т1адаб борч т1убазабиялъул бицун нижеца гара-ч1вари гьабулеб буго заманаялъ военкоматалда ППГ ВСалъул отделениялъул начальникасул ишал т1уралев Г1абдурах1манов Мух1амадх1ажиясулгун.
Автор.И.Мух1амадов.Ноябрь 2016с.
Нилъер ракьцояв Загьид Хучбаровасул нухмалъиялда гъоркь гьал ахирал соназда «Дагъавтодоралъ» г1емераб х1алт1и гьабулеб буго республикаялда заманалъул т1алабазда рекъарал, лъик1аб качествоялъул нухал ч1езаризе. Исана гьеб г1уц1иялъул х1аракаталдалъун Дагъистаналда х1алт1изе кьуна кинабниги 76 километралъул манзилалда ц1иял гьарурал ва къач1арал нухал, жеги 270 километралда гьабун буго ремонт.