Автор.Н.Г1алиева.Февраль 2017с.
Унтарав сверун ккве рокьиялдалъунги, г1акъилаб рак1 батизабиялдалъунги, амма аслияб, гьесдаса балъго те унтиялъул бугеб х1инкъи.(Гиппократ).
Киналго рахъаз квег1енаб, берцинаб поликлиника х1алт1изе кьуна араб соналъул ахиралда районалъул больницаялда. Гьенире щведал ккола, цо кинаб бук1аниги къват1исеб пачалихъалъул, цебет1ураб сахлъи ц1униялъул г1уц1иялде кканин нилъгоян: рац1ц1а-ракъалъи, г1адлу-низам, сундулъго тартиб.