Араб анкьалъ нилъер районалде вач1ун вук1ана Дагъистан республикаялъул предпринимательствоялъул ва инвестициязул агенствоялъул нухмалъулесул заместитель Х1амид Мух1амадов. Тадбир т1обит1ун бук1ана республикаялъул Х1укуматалъул председателас бихьизабураб щибаб моц1алъ г1адамаз т1аде къабул гьариялъул графикалда рекъон. Районалде гьесул сапар бухьиялъул мурад бук1ана предпринимателалгун ва фермералгун дандч1вай, гьезул г1олел-г1оларел рахъалги лъазарун к1вараб кумек гьаби. Районалъул бет1ерасул х1инкъи гьеч1олъиялъул рахъалъ заместитель Х1амид Гьит1иновгун цадахъ къабул гьаруна г1адамал. Гьезул аслиял суалал рук1ана пачалихъалъул рахъалдасан предпринимателазегун фермеразе грантаздагун субсидия щвеялда ва цогидабги кумекалда хурхарал. Гьедин, Байикь СПКялъул председатель Шамилов Мух1амадица бицана г1езарурал росдал маг1ишаталъул ниг1маталричизе бак1 гьеч1олъиялъул бугеб квалквалалъул Заг1иб СПКялъул председатель Абакаров Мух1амадица гьарана грант щвезе кумек гьабеян. кинабниги гьеб къоялъ т1аде къабул гьаруна 5 чи. Х1амид Мух1амадовас т1аде рач1арал г1адамазул суалазе ч1ванкъот1арал жавабал кьуна. Г1емерисел суалал т1аде кколел идарабазде официалиял запросалги рит1ун, къокъаб заманалда жаниб гьезие жавабалги лъазарун, жинда бажарараб кумек гьабизе раг1иги кьуна.
И. Мух1амадов.
|