Пятница, 29.03.2024, 18:43 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Февраль » 3 » КВЕГ1ЕНАБ ВА БЕРЦИНАБ.
20:33
КВЕГ1ЕНАБ ВА БЕРЦИНАБ.

Унтарав сверун ккве рокьиялдалъунги, г1акъилаб рак1 батизабиялдалъунги, амма аслияб, гьесдаса балъго те унтиялъул бугеб х1инкъи.

Гиппократ.

Киналго рахъаз квег1енаб, берцинаб поликлиника х1алт1изе кьуна араб соналъул ахиралда районалъул больницаялда. Гьенире щведал ккола, цо кинаб бук1аниги къват1исеб пачалихъалъул, цебет1ураб сахлъи ц1униялъул г1уц1иялде кканин нилъгоян: рац1ц1а-ракъалъи, г1адлу-низам, сундулъго тартиб.

Жакъа къоялда поликлиникаялда бугеб ах1вал-х1алалъул ва х1алт1ул бицунеб буго 2аб. гьумералда лъураб репортажалда.

 

 

Ц1ияб больницаялда ц1ияб гъира-шавкъалда

Нилъер районалъул поликлиника ва райбольницаялъул рахунел унтабазул отделение цогидал отделениялги ц1ибараб больницаялде рахъун ц1акъго санаг1алъи гьеч1ел шарт1азда басриябго минаялда хут1ун рук1ана. Гьале гьаб г1агараб заманалда гьелги рахъана ц1иял корпусазде. Жакъа нижеца гара-ч1вари гьабулеб буго ц1ияб поликлиникаялъул заведующая ДРялъул мустах1икъай врач Махулова Пат1имат Мух1амадовнаялъулгун.

-Пат1имат Мух1амадовна, дагьаб цебег1ан районалъул централияб больницаялъул рахунел унтабазул отделение ва поликлиника гочана ц1ирарал корпусазде. Гьезул г1езег1ан квег1енлъи батила унтаразегун врачазе?

-Узухъда, буго. Т1оцебе поликлиникаялде жаниве лъугьарасул рес буго гардеробалъуб т1асан рет1елги бахъун регистратураялде иналдаса, анализал кьеялдаса бахъараб, т1убанго унтиги загьир гьабун, дару-сабабги босун гурого, т1ок1ав къват1иве лъугьинч1ого кинабго цо бак1алда т1убазе рес ва санаг1алъи. Цебе ч1езабеха, цебе цояб корпусалдаса цогидаб корпусалде щвезег1ан унаго унтаразда бихьулеб бук1арабщинаб г1акъуба.

Регистратура буго ч1ах1иязе ва г1исиназе бат1а-бат1аго. Гьениса медицинаялъул картаги босун унтарав ине бегьула жив къабул гьавиялъе киналго шарт1ал ч1езарурал, ц1ияб мебельги, аппаратураги, х1ажатабщинабги лъураб 60 кабинеталдасан жиндиего х1ажаталъуве. Поликлиникаялда киса-кибго буго берцинлъи, рац1ц1а-ракъалъи, г1уц1а-к1ут1и. Цебе цо гьит1инабго кабинеталъуб к1и-к1и врач, к1иго медсестра ва гьезухъе приемалъ рач1арал рук1унел рук1арал ратани, гьанже щивав врачасе жидеего кьун руго г1ат1идал, гвангъарал кабинетал.

Цоги дун йохараб ишлъун ккола зах1матго унтарав, бахунеб унти бугев хасаб кабинеталдасан хехаб кумекалъул машинаги ах1ун кколеб отделениялде вит1изе рес щолеб бук1ин, цогидал, поликлиникаялда иргаялда ч1ун ругезда гъорлъе риччач1ого.

Поликлиникаялда гуребги, рахунел унтабазул отделениялъул корпусалдаги руго г1емерал ц1иял, лъик1ал ишал гьарун. Гьениб унтаразе рихьизарурал щибаб палатаялда аск1ор руго, цебе г1адин къват1ире рахъине ккеч1ого, жаниб х1ажат т1убазе, чвердезе ванна, гьумер-квер чуризе раковина, унтаразе квен хинлъизабизе столовая, буфетчицаялъе хасаб рукъ.   

Бихьулеб бук1ахъе, нужер буго ч1ах1иял шагьараздацин гьеч1елг1адал санаг1алъабиги, шарт1алги ругеб больницаги поликлиникаги. Рак1алде ккола х1алт1иги нужеца гьединабго даражаялда бачунеб батилилан.

-Бит1араб бицани, гьабниги больницаялда г1айиб г1унт1изабизе бегьулеб бак1илан дида абизе к1оларо. Гьал шарт1азда жидер чорхолъ дагьабниги ях1-намус бугев чи рак1бац1ц1адго х1алт1ич1ого вук1ине рес гьеч1о. нижер х1алт1ухъабазул рахъалдасан дида цониги квешаб раг1и абизе к1оларо. Аслияб къаг1идаялда гьаб медицинаялъул учреждениязда х1алт1и унеб буго г1адамазул сахлъи ц1униялде щибаб къойилаб к1варги кьун, г1уц1араб къаг1идаялда, миллияб «Сахлъи» проекталъул кьуч1алда. Гьелда аслияб къаг1идаялда к1вар кьолеб буго г1адамазул диспансеризация гьабиялде.

Щиб кколеб диспансеризация? Щай гьеб гьабич1ого г1олареб?

-Диспансеризация-ккола нилъер чорхолъе ккарал, ккезе рес бугел унтаби цереккунго загьир гьари ва цадахъал тадбиразул кумекалдалъун г1адамазул сахлъи щула гьаби. Исана нилъер районалда диспансеризациялъе вихьизавун вук1ана 6891 чи, гьабуна 6547 чиясе, гьеб ккола планалда бихьизабуралъул 95,1 %. Рук1уна цо-цо унтаби, ц1акъго зах1матал республикаялде ун гурого сах гьаризе к1оларелги. Гьединал унтаби ратана 1634 чиясул, гьелги рит1ун ана республикаялъул клиникабазде хал гьабиялъе. Диспансеризациялъул х1асилазухъ хал гьабураб мехалда, районалда г1иц1го 19,9 процент гурого гьеч1о т1убанго сахал г1адамазул, 44 процент батана унтизе рес бугел г1адамазул, 36,1 процент буго хроническияб къаг1идаялъ унтаразул, 5,7 процент г1адамазул жидедаго рук1ин лъаларел унтаби чорхолъ загьирлъаразул, 3,1 чиясул батана сахарный диабет, 6 проценталъул глаукома, 22,6 проценталъулги ратана черхалъул лугбузда т1аде рижарал жал. Гьединал унтаби чорхолъ рук1ин киг1ан хехго г1адамазда лъаниги, гьедиг1ан хехго к1ола гьезда гьел сах гьаризеги, риччантарал унтаби сах гьаризе зах1малъула. Нилъерго сахлъи нилъехъго буго. Гьеб жив-жив чияс ц1унизе ккола. Гьеб х1алт1и гьабизе поликлиникаялда х1алт1улев вуго 58 сертификат бугев врач, гьездасан 19 т1адег1анаб категориялъул, 10 т1оцебесеб категориялъул, 3-«Дагъистаналъул мустах1икъав врач», 115-медсестра, киналго цадахъ росун 26 специалист. Поликлиникаялъул нухмалъиялде гъоркье уна районалъул 50 фельдшерлъиялъулгин акушерлъиялъул пунктги.

-Г1арзал рук1уна диспансеризация гьабизе нужехъе рач1араб мехалда, киналго врачал х1алт1уда нахъа ратуларилан. Ругелги кабинеталъул к1алт1а к1удияб очередьги тун, добе-анибе ах1ун унилан.

-Цебе гьединал лъугьа-бахъинал кколел рук1арал ратаниги, гьанже гьедин ккезе кинго рес гьеч1о, щайгурелъул кинабго берда цебе бугелъул, гьезда кирениги ине к1оларо.

Гьеб буго инсанасул ях1-намусалда, гурх1алида, рак1 бац1ц1алъиялда бараб иш. Т1оцебе дун медучилищеялде ц1ализе лъугьунелъул дида к1одоэбелалъ абуна: «Пат1имат, дир яс, дуда ккогейила тохтурлъун яхъин-гьеб г1иц1го хъах1аб халг1атги, т1асан хъах1аб колпакги лъей бугилан. Тохтурлъун яхъани дуда аск1оре рач1ине ругила, гьаб унтун бугин, доб унтун бугин абун къисматалъ рак1 бакъвазарурал унтарал, хадубги къасилъи-къадлъи бат1алъи гьеч1ого рач1ине ругила г1агарлъи, рокъосел. К1велищила дуда гьезулгун х1ал рекъезабизе. Гурх1алилаб рак1ги гьеч1они, унтаравги вокьулев гьеч1они, дур унго-унгояй тохтур яхъунарилан. Унтаравгун к1алъалелъул, гьесие дару-сабаб гьабулелъулги дида кидалго к1одоэбелалъул раг1аби цере рач1уна. Киг1ан унтарав мекъи вугоницин, бегьуларо гьесда хъач1го к1алъазе. Дида рак1алде ккола нижер больницаялда 99 процентниги саламатал врачазул бугилан. Нагагьав чи хъач1го к1алъан ун ватаниги.

Пат1имат Мух1амадовна, дица нужее гьарула ц1ияб больницаялда, поликлиникаялда ц1ияб гъира-шавкъалда х1алт1изе къуватги, сахлъиги. Нужер гьабулебщиналъе икъбал кьеги.

-Пат1имат, бокьилаан кин Дуца х1алт1уде байбихьарабалиги бицани.

-Хунзахъ гьоркьохъеб школа лъуг1ун хадуб дун ц1ализе лъугьана Мах1ачхъалаялъул медучилищеялде. Гьебги лъуг1изабун дун яч1ана Хунзахъ централияб больницаялъул терапиялъул отделениялде х1алт1изе. Цо сон гьенибги бан, ц1идасанги ц1ализе лъугьана Дагъистаналъул Пачалихъияб мединституталде. Гьеб лъуг1изабун хадуб х1алт1изе лъугьана Дагъистаналъул Пачалихъияб университеталъул здравпункталде терапевтлъун. Гьениб х1алт1улелъул дир бот1ролъе пикру бач1ана, Дагъистаналъул киналго студентазе цо поликлиника рагьани лъик1 бук1инародаян. Дица гьеб дандбана, гъоб мехалда Дагъистаналъул сахлъи ц1униялъул Министрлъун х1алт1улев вук1арав Наби Къураевасда. Гьес дир рахъги ккун, рагьана республикаялъул студентазулаб поликлиника ва гьелъул бет1ерай врачлъунги дун т1амуна. 35 соналъ гьабуна гьелъие нухмалъи. Хадуб г1умру гьабизе Хунзахъ росулъе яхъиналда бан, дица тана гьеб поликлиника ва х1алт1изе лъугьана Хунзахъ районалъулаб поликлиникаялъул заведующаялъун. Дир буго 2 специальность: терапевт ва врач-инфекционист. Пат1иматил кабинеталда дун г1одой ч1ун йигебг1ан заманалдаги бат1и-бат1иял къвариг1елаз медицинаялъул х1алт1ухъаби щиб, унтарал щиб, г1емерал г1адамал раккун рач1ана гьелъул кабинеталде. Дида бихьана щивасдехун гьелъул бугеб х1еренаб к1алъайги, недегьаб гьимиги. Бихьулеб бук1ана т1аде рач1аразги гьелъул гьабулеб бугеб адабги, къиматги. Дида бич1ч1ана жиндирго к1одоэбелалъул амру Пат1иматица мустах1икъаб къаг1идаялда т1убазабулеб бук1ин. Доб дунялалда йигониги, х1ал бохун батила гьей мунагьал чурадил. 

Просмотров: 542 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz