Автор.Н.Г1алиева.Октябрь 2016с.
Дагьаб цебег1ан нилъеца к1одо гьабуна ригь арал г1адамазул къо. Гьеб къоялъул х1урматалда районалъул росабалъ ругел г1адамазухъе щолелъул, дун щвана Хунзахъ росулъа г1умру берцинал, рак1ал аваданал, жалго сахаватал, зах1маталъул ветеранал Хъайтмазовал: Ах1мадихъеги Аминатихъеги. Г1адамаз гьелда жийго йихьизе гьит1инай, к1удиясдаги гьит1инасдаги х1ал рекъезабизе лъалей йик1иналъ, Амиян абун тола. Жидерго васасул ясалдеги руссун х1алхьиялда г1одор ч1ун ратарал гьездаги дидаги гьоркьоб ккана гьезул цебесеб г1умруялъул, дандч1варал зах1малъабазул, лъик1аб-квешалъул х1акъалъулъ хабар.
|
Автор.Ф.Мух1амадова.Октябрь 2016с.
Дунялалда къуватаздаса къуватаб пачалихъ-Румазул къираллъи биххиялде цо ц1айи бугеб г1илла ккун буго гьелда жаниб рух1иял бечелъаби т1убанго учузлъи- бидулаб рагъ-мучалъ, вах1шиял гладиаторазул къецаз, руччабазул ва бихьиназул бат1алъи гьеч1еб зинаялъ, чехьквешлъун кванаялъ жанисанго хьордораб жамг1ияталда, къват1исан тушманлъиялда раг1и абизе к1веялдаса ин. Доб нек1сияб жамх1урияталда данде кквезе бач1ана дида гьал г1агарал къоязда г1аданлъи-чилъиялъул, ях1-намусалъул, иман-бахьиялъул т1огьлъун Расул Х1амзатовас «Дир Дагъистан» т1ехьалда бихьизабураб исламиябин жинда абулеб республика.
|
Автор.П.Гунашева.Октябрь 2016с.
Умумулъанго бач1араб, муг1рузул халкъазе хасиятаблъун кколеб г1и-боц1и хьихьи, хур-хер гьаби гьаб заманаялъ нагагьав чияс гурони гьабулеб гьеч1о. Кинавго чиясе рах1ат бокьараб заманалда, дандч1валел зах1малъабазухъги къобихьиялъухъги балагьич1ого, гьел х1алт1аби рак1-рак1алъ бокьулев, гьезде гъираги бугев чияс рехун толел гьеч1о. Инсуцаго гьабулеб батараб г1и хьихьи, хвезе, т1аг1ине теч1ого, г1умруялъго гьабулеб буго Хунзахъ росулъа Бац1алов Г1усман Г1алиевичас. Бит1ун т1оцебесеб г1азу балалде цебесеб къоялъ дун щвана Гъвалдада т1адехун бугеб Г1усманица г1и хьихьулеб колоде.
|
|