Дунялалда къуватаздаса къуватаб пачалихъ-Румазул къираллъи биххиялде цо ц1айи бугеб г1илла ккун буго гьелда жаниб рух1иял бечелъаби т1убанго учузлъи- бидулаб рагъ-мучалъ, вах1шиял гладиаторазул къецаз, руччабазул ва бихьиназул бат1алъи гьеч1еб зинаялъ, чехьквешлъун кванаялъ жанисанго хьордораб жамг1ияталда, къват1исан тушманлъиялда раг1и абизе к1веялдаса ин. Доб нек1сияб жамх1урияталда данде кквезе бач1ана дида гьал г1агарал къоязда г1аданлъи-чилъиялъул, ях1-намусалъул, иман-бахьиялъул т1огьлъун Расул Х1амзатовас «Дир Дагъистан» т1ехьалда бихьизабураб исламиябин жинда абулеб республика. Дир, цох1о ц1ар хут1араб муг1рузул улка… Кидаялиго къадрияб, гьанже накалде ккараб. Кидаялиго г1умру гьабизе бац1ц1адаб, бигьаяб, гьанже бич1ч1изе зах1матаб. Дунялалъулаб нусиречалда «Дагъистаналда ц1ияб-лъик1абин» гьикъани, бищун дагьалдасан анц1го хабар бач1уна ч1вай-хъвеялъул, бикъа-хъамиялъул ва сурараб хьвада-ч1вадиялъул. Батуларо гьимизарулеб х1ужжа, я лъимал г1емераб хъизамалъе т1адеги лъабго цадахъ гьаруразул хъвараб, я умумузул колодеги ун маг1ишат бахъинабизе лъугьарал таваккалчаг1азул х1аракаталъул бицараб. Бит1ахъего абуни, сири бана черхалда мадугьалихъ бугеб районалда гъаримзаби-пенсионеразул гъин кваназе бегьилин рак1алдеги ккун, рос-лъади вах1шиго ч1ваялъ. Сундуе г1оло? Цо къоялъниги бусурбанаб жамаг1аталда гьоркьов вижарав-г1урав чияс гьабураб х1алт1ийищ жидедаго т1адал х1алт1ул ишал т1уралел ругел пуланзабазул (бикъун, чияхъа бахъун бечелъарал гурел?!) бер къапич1ого, ч1ван рехи? Ялъуни имаматалъул, лебалал наибзабазул заманалда раг1ун абизецин бегьулеб жойищ бук1араб, ах1анже централияб каналадасан цееги яхъун, жиндир г1агарав инсулгун бусада иш-макь бук1анин цо дагъистаниялъул к1алъай?! Шамилилги Х1ажимурадилги хвалчаби камун ругоан цо-цо г1акълу гьеч1ел гвангварабазе жакъа! Раина лъугьарав Г1адам аварагасул ц1ар лъурав Чонтаулалдаса г1олохъанчиясухъ балагье жиндего чачаназулги дагъистаниязулги цадахъаб наг1анаялъул ц1ад базабурав! Х1акълъунго, ах1макъ, цо г1олилалъ хъвалеб бугоан дос(лъ)ул бах1аралъул гордида гъорлъ бахъараб сураталда гъоркь «Росабазе ине бихьинал г1оларого Дагъистаналъул саламатал ясалги тун, ц1улъарав дуда абизе раг1и жинда батуларилан». Дагъистаналде т1аде Бет1ергьан Аллагьас зодоса балеб бугебщинаб г1азу-ц1ад, доб Къуръаналдацин бицен гьабураб Содомалде бараб, ракьул гьумералдаса шагьар бац1ц1араб, ц1адул балагьалде свериялда х1инкъула дун гьадинал иман биларал рижисурал рихьидал. Рак1алде бач1ана сундулго ургъел-агъаз гьеч1еб г1анч1аб лъимерлъи: автостанциялда бищун бихьулеб бак1алда къайи-ц1а танигицин бикъизеяли киб, гьелда квер хъвалев чи вахъунареб парахалъи, къаси саг1ат 1-2 ялда (лъим хинлъараб мех) ралъдахъе чвердезе унел руччабазул руккелалда нужниги щалилан ц1ехоларел бихьиназул рак1лъик1лъи, кагътил мохъазда гьоркьоб бихьулеб-бихьулареб загьир гьабулеб рокьул бац1ц1алъи, сундулго ч1ара-хьараб ах1вал-х1алгун метерисеб къоялда божилъи…
Кавказалъул муг1руздаса гъоркье гирун ине бугин ккола гьанже гьеб кинабго, ц1адирабазда бащадго лъун руго цояб рахъалда-иманги, рак1бац1ц1алъиги, бахилал ишалги, цойгияб рахъалда- мунагьал гьаризе бегьиги къабих1аб хьвада-ч1вадиги. Г1иц1го нилъеда бараб буго кибехун ц1айи минут-пара ц1ик1к1инебали.
Дагъистааааан, мун кибееее?...
|