Суббота, 20.04.2024, 15:38 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Октябрь » 30 » Г1УМРУ БЕРЦИНАБ ХЪИЗАН.
14:43
Г1УМРУ БЕРЦИНАБ ХЪИЗАН.

Дагьаб цебег1ан нилъеца к1одо гьабуна ригь арал г1адамазул къо. Гьеб къоялъул х1урматалда районалъул росабалъ ругел г1адамазухъе щолелъул, дун щвана Хунзахъ росулъа г1умру берцинал, рак1ал аваданал, жалго сахаватал, зах1маталъул ветеранал Хъайтмазовал: Ах1мадихъеги Аминатихъеги. Г1адамаз гьелда жийго йихьизе гьит1инай, к1удиясдаги гьит1инасдаги х1ал рекъезабизе лъалей йик1иналъ, Амиян абун тола. Жидерго васасул ясалдеги руссун х1алхьиялда г1одор ч1ун ратарал гьездаги дидаги гьоркьоб ккана гьезул цебесеб г1умруялъул, дандч1варал зах1малъабазул, лъик1аб-квешалъул х1акъалъулъ хабар.

Рецц Аллагьасе бугила, гьадин тани тахида ругин жалилан т1оцебе Аминатица бицана дие гьадин:

Гьоркьохъеб школа лъуг1ун хадуб т1оцебе дун х1алт1изе лъугьана ясазул гьоркьохъеб школа-интернаталде кастеляншалъун. Дагьаб заманаялъ гьенийги х1алт1ун, дун лъугьана КПССалъул райкомалъул парткабинеталъул библиотекаялде, гьенисан дун ана кинотеатралде кассирлъун, контролерлъун. Гьелдаса хадуб, 1974 соналдаса бахъараб 2011 соналъ пенсиялде инег1ан дун х1алт1ана Хунзахъ бугеб автотранспорталъул предприятиялда (АТПялда) складалъул заведующаялъун. Кинабниги дир х1алт1ул стаж бахуна 40 соналде.

АТПялде бач1унебщинаб кинабго къайи, бензин, нах, автотранспорталъул запчастал, цогидалги алатал дихъе рач1унаан. Дица кьолаан шоферзабазухъе кинабго х1ажатабщинаб. Мунагьал чураяв Малачил Мух1у бет1ерлъуда вугеб заманалда АТП, бит1ахъе т1егьан бач1унеб бук1ана. щиб х1ажалъаниги х1ажатабщинаб ч1езабун бук1ана гьес гьениб. Мух1у пенсиялде ун хадуб вач1арав Г1умаров Мух1амадги вук1ана бажари бугев, чиясул бокьараб къвариг1ел т1убалев чи.

12 маг1арул район хьезабун бук1ана х1ажатабщиналдалъун цебе АТПялъ. Анц1ила к1иябго районалдаса шоферзабиги рук1унаан гьенир х1алт1улел. Автобусал, ЗИЛ-130, ГАЗ-53 машинаби, маршрутазулал таксиял, 100-150-ялде г1агарун автотранспорт бугеб заманги бук1ана гьениб. Районазул нухазул участкабазулгун къот1и-къайги хъван, машинабаз къайи баччулаан Райпоязде ва цогидалги х1ажатал бак1азде. Г1емерал хьвадулаан Ставрополалде ролъ баччизе. К1удияб кумек гьабун бук1ана АТПялъ Болъихъ районалде чачанал к1анц1араб мехалъ, гьенисан росабазул г1адамал бак1-бак1алде раччиялъеги.

Ах1мад-Исана 60 сон т1убала пачалихъалъул х1алт1абазда дун х1алт1улев вугелдаса. 1955 соналда Кемеровалъул техникияб колледжалъул автомобилазул факультетги лъуг1изабун вач1ана дун г1агараб районалде х1алт1изе. Т1оцебе цо соналъ х1алт1ана Гъонохъ клубалда. Хадуб лъугьана районалъул автотранспортнияб предприятиялде. Гьелдаса нахъе дица гьеб предприятиялда гьабич1еб х1алт1и хут1ич1о. Вук1ана резинаялъул рахъалъ техниклъун, нухазда х1инкъи гьеч1олъиялъул рахъалъ техниклъун, эксплуатациялъул отделалъул начальниклъун. Дица киналго районазде рит1улаан машинаби. Хадуб щибаб районалде дунгоги унаан командировкаялъ. Анц1ила лъабго х1аким хисана дица гьебгощинаб заманалда. Кидаго Хунзахъ АТП бук1ана цересезул кьеразулъ. Хасго Г1амирханов Муртазаг1алил, Малачиев Мух1ул, гьаб ахираб киса-кибго риха-хочиял ккараб заманалда хут1изег1ан Г1умаров Мух1амадил нухмалъиялда Хунзахъ АТПялъе кидаго т1оцебесеб бак1 щолаан. Щварал грамотабаз ц1езабун бук1ана т1убараб къед гьениб. Нижер г1аммаб маг1ишаталда х1алт1улев вук1ана 200-ялдаса т1аде арал г1адамал. Коллектив бук1ана цоцалъ гъункараб. Щиб х1ажалъаниги цоцазе кумекалъе батулеб, г1аданлъи-нух ц1ик1к1араб, ях1-намус бугеб, цоцазул адаб-хъатир гьабулеб. Х1алт1и цадахъ рекъон гьабиялъги, х1алт1уде бугеб ц1ик1к1араб жавабчилъиялъги, АТПялъул х1алт1ухъабазе республикаялдасаги нилъерго районалдасаги г1емерал грамотаби щолаан, жиб-жиб кварталалъе премиял щолаан, шапакъатаздалъун к1одо гьарулаан. Гьеб гьедин бук1ин дида бихьана Ах1мадилги Амилги документал ц1унараб таптаралъул хал гьабидал.

Ах1мадие кьун буго «Дагъистан республикаялъул автотранспорталъул мустах1икъав х1алт1ухъан» абураб ц1ар, «Зах1маталъул ветеран» абураб медаль, «Жамг1ияб г1адлу-низам ц1униялъулъ бихьизабураб рак1бац1ц1адаб хъулухъалъе г1оло» медаль, нухазда хьвадулелъул х1инкъи гьеч1олъи бук1инабиялъе, нухазулгин транспорталъулал лъугьа-бахъинал нахъч1ваялъе росарал бергьенлъабазе ва автомобилазул транспорталда гьабураб г1емерсоназулаб х1алт1иялъухъ х1урматалъулаб грамота, зах1маталъулъ рихьизарурал т1адег1анал х1асилазе ва бергьенлъиялда т1уразарурал социалистиял т1адкъаязе г1оло х1урматалъулаб грамота.

Ами мустах1икълъун йиго Россиялъул Федерациялъул автомобилазул транспорталда рихьизарурал т1адег1анал х1асилазе г1оло х1урматалъул грамотаялъе.

Ах1мадица бицана аслияб х1алт1иялда цадахъ жиндица г1емерал жамг1иял х1алт1абиги т1уразарулаанилан. Гьев вук1ун вуго предприятиялъул парторганизациялъул, профсоюзалъул организациялъул секретарлъунги. Нухазда цониги авария ккани, г1илла лъазабулаанила. Чанго нухалда туснахъалде унев шофер рит1ухълъи т1алаб гьабун нахъе ворч1изавунила жиндица.

Ах1мадилги Амилги руго 2 лъимал. Ц1ик1к1арав вас Мух1амадшарипица лъуг1изабуна Москваялъул энергетикияб институт. Х1алт1улев вуго Мах1ачхъалаялъул энергетикиял сетазда. К1иабилев вас Мах1ачица лъуг1изабуна Дагъистаналъул пачалихъияб пединституталъул физкультураялъул факультет. Х1алт1улев вуго рагъулаб часталда. К1иязулго руго хъизан-лъималги.

Дирги Хъайтмазовазулги гара-ч1вари ккана гьанжесеб ва цебесеб заманалда хурхунги. Бекьулеб хур гуреб, хьихьулеб г1и-боц1и гуреб, гьабулеб раг1и-хер гуреб гьанже заман беццизего к1оларилан лъазабуна гьез. Х1алт1ухъанасул къимат хун бугила, г1иц1го х1акимчиясулги бет1ерав бухгалтерасулги гурого къимат гьабулеб гьеч1ила. Цебе к1удиязул адаб-х1урмат гьабуланила, к1удияв чиясул раг1и гьит1иназе законлъун бук1унаанила, гьанжейин абуни, гъурщал г1емерав цеве кколила, мискинчи нахъе цулила. Х1укуматалъул рахъалъан босаниги, херлъизег1ан хъулухъ-ишалда вук1арав чиясе кьолеб гьеч1ила «Ветеран труда» абураб ц1ар. Кина-кинал ратаниги далилалги рачун, чанго сон бугила ветераназе токалъул, газалъул, т1орччол рахъалъ гьарулел рук1арал бигьалъаби гьарич1ого. Бич1ч1изе к1олеб гьеч1ила токалъухъ, газалъухъ, т1орччохъ учительзабазе, лъимал г1емерал хъизаназе гьарулел рук1арал бигьалъаби кире аралали. Сунде унел ругел, кире унел ругелали лъалареб, метерисеб къоялда божилъи гьеч1еб гьаб заманалдаса, цебесеб заман г1емерго бокьилила.

Г1аммаб къаг1идаялъ цо-цо г1адамазул зах1малъабазул бицунел рук1аниги, Ах1мадилги Аминатилги жидерго буго исана бух1изеги, нахъе хут1изеги г1ураб т1урччи-ц1улги, квана-гьекъезе жоги. Гьелъ гьез т1адег1анав Аллагьасе Алх1амдуллилагьан реццги гьабулеб буго. Щолеб пенсияги бугила, жалго жидецаго т1уразе г1ураб сахлъиги бугилан. Нилъецаги гьарилин гьел мадугьалихъ х1еренал, гьалбадерилъ гьуинал, чиясда гурх1ел-рах1му бугел г1адамазе хадубккунги сахлъи, рохел ва г1емерал соназулаб халатаб г1умру.

Н. Г1алиева.

           

Просмотров: 508 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz