Четверг, 25.04.2024, 23:13 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Октябрь » 30 » РОСДАЛ МАГ1ИШАТАЛЪУЛ Г1АДАМАЛ. ВЕХЬАСУЛ Т1ИЛИТ1Е Т1АДЕГИ КЪУЛУН.
14:30
РОСДАЛ МАГ1ИШАТАЛЪУЛ Г1АДАМАЛ. ВЕХЬАСУЛ Т1ИЛИТ1Е Т1АДЕГИ КЪУЛУН.

Умумулъанго бач1араб, муг1рузул халкъазе хасиятаблъун кколеб г1и-боц1и хьихьи, хур-хер гьаби гьаб заманаялъ нагагьав чияс гурони гьабулеб гьеч1о. Кинавго чиясе рах1ат бокьараб заманалда, дандч1валел зах1малъабазухъги къобихьиялъухъги балагьич1ого, гьел х1алт1аби рак1-рак1алъ бокьулев, гьезде гъираги бугев чияс рехун толел гьеч1о. Инсуцаго гьабулеб батараб г1и хьихьи, хвезе, т1аг1ине теч1ого, г1умруялъго гьабулеб буго Хунзахъ росулъа Бац1алов Г1усман Г1алиевичас. Бит1ун т1оцебесеб г1азу балалде цебесеб къоялъ дун щвана Гъвалдада т1адехун бугеб Г1усманица г1и хьихьулеб колоде.

Г1усман гьавуна 1955 соналъул 9 июналда вехьасул хъизаналда. Лъимерлъиялдаса байбихьун, инсуцаго гьабулеб батараб х1алт1и щиб кканиги гьес рехун теч1о. Рак1бац1ц1адго армиялда хъулухъги гьабун вуссиндал, колхозалде х1алт1изе лъугьана Г1усман. Кутакалда нечарав, намусав чи вук1иналъ «гьалеха, г1умруялъ г1и хьихьун вуго дунан» абун гурони, жиндирго х1акъалъулъ гьес бицинч1о. Г1усманил г1аданлъиялъулги, гьесул махщелазулги х1акъалъулъ дие бицана гьесда цадахъ х1алт1арал, гьев лъалел г1адамаз. К1удияс бук1а, гьит1инас бук1а щиб гьараниги, малъаниги жеги цониги нухалъ г1адан рази гьавун, гьесул мурад т1убан гурони, нахъч1вач1о ях1 бергьарав инсанас. Колхозалда х1алт1улеб мехалъ, гьелъул нухмалъиялъ зах1матал, къо ккарал бак1азде кидаго вит1улаанила Г1усманилан бицана г1емерал соназ гьесда цадахъ х1алт1арав Г1умарх1ажиев Ах1мадица. Г1и гочунеб мехалъ, Буртунаялдасан унаго, гьениб бижулеб базагъо абулеб ч1ах1алъ г1и гьорон хвезабич1ого бук1ине, гьеб ч1ах1алде г1и биччангут1изе гьениве Г1усман вит1улаан нухмалъулез. Мег1ер чияр г1иядаса ц1унизеги Г1усман вит1улев вук1ун вуго. Цох1о г1и хьихьи гуребги, к1вах1-свак лъаларев, х1айванал хирияв инсанасда колхозалъул оцал, чуял квегъизеги т1ад къан бук1ана. Г1усманица г1езег1ан мехалъ росдал ахил ва колхозалъул хъаравуллъиги гьабуна.

Г1и-боц1и хьихьизе гуребги, цогидал х1алт1абиги г1езег1ан ц1ик1к1араб махщалида гьаризе бажарула Г1усманихъа. Гьедин, чанги соназ колхозалъул маххул къебелъиялда х1алт1ана Г1усман. Печазул гъуц1дул, скобаби (гъунц1би) ва цогидалги маххул т1аг1алаби, щив чи аск1ове вач1аниги, нахъч1вач1ого гьарун руго Г1усманица. Хъандираби, харицалаби рухизеги, гамач1 бахъулелъул х1осал къач1азеги унаан гьесухъе г1адамал. Маххул устарлъи гуребги Г1усманил махщел буго къадахъанлъиялъеги. Жиндирго мина балелъул къадал ва г1емерисел х1алт1аби, устар вачинч1ого, жинцаго гьаруна гьес.

1993 соналде щвезег1ан колхозалда х1алт1анила Г1усманилан бицана Г1умарх1ажиев Ах1мадица. Колхоз-совхозал рихханиги, жиндиего бокьулеб г1и хьихьи рехун теч1о Г1усманица. Колхозалъул бук1араб г1анк1уязул фермаги арендаялъе босун, 20-са ц1ик1к1ун соназ гьениб г1и-боц1и хьихьулеб буго гьес. Г1усманица къач1ан ч1езабун гуребани, цебего т1ат1ала ккун бук1унаан гьеб. Жиндиегоялдаса лъик1ал, квег1енал шарт1ал ч1езарун руго Г1усманица г1и-боц1уе колода. Цох1о г1иял рехъен, гьаби гурелги, Г1усманица ч1ег1ербоц1и, чуял, х1амул, г1анк1у-х1елеко, кетоцин хьихьун руго гьенир. Гьебщинаб рух1ч1аголъи цох1о жинцаго, нагагь гурони, чияда кумек гьарич1ого, т1уран руго гьес. Кутакалда х1алт1изе бокьулев, рах1ат гьабизе лъаларев, кинаб бук1аниги к1вах1 гьеч1ев чи вуго Г1усман. Маг1арде, хъутаналде, «Бакъда» абулеб бак1алде г1и-боц1и щвезабизе, билараб х1айван балагьизе цойгидал росабалъе инеги расги к1вах1аллъуларо гьев. Гьебщинаб боц1уе хасалоде раг1и-херги жинцаго Г1усманица х1адурула. Г1и-боц1уе гьаризе кколел дарабиги цо гьоркьор теч1ого мух1канго гьарула гьес, жиндир заманалда г1иги чурула, унтараб, щокъаб х1айванги гьесул бук1унаро. Эбелалъ лъималазе г1адинаб хъулухъ гьабула Г1усманица киналго х1айваназе.

Жеги раг1ич1о Г1усманица жив х1алт1улев, бажарарав чи вугилан жиндего абулеб, киданиги гьес пачалихъалдаса яги г1адамаздаса кинаб бук1аниги кумекги т1алаб гьабич1о. Сих1 тун, г1одове виччан, раг1и дагь гьабун, х1алт1и г1емер гьабун х1алт1улев ч вуго Г1усман. Г1адамазукьа нечарав, г1адамал хирияв, малъг1анасеб кумек жиндиего гьабурасе т1омг1анасеб лъик1лъи гьабич1ого ч1оларев инсан вуго гьев.

Лъилниги х1акъалъулъ г1адамазда ц1ехани, цо чиг1аги камуларо гьев чиясул гъалат1алъул бицунев, гьесул х1акъалъулъ лъик1ал гьеч1ел раг1аби абулев. Кинав чи вугев Г1усманилан чанго чиясда гьикъаниги, кутакалда ях1-намус бергьарав, г1адатияв, г1адамасе лъик1лъи гуреб х1алихьалъи, квешлъи г1умруялъго гьабич1ев чи вугилан абуна цо к1алдисан г1адин киназго.

Кодода вугилан, росдал г1умруялдаса ват1а т1ун ч1оларо Г1усман. Х1ажимурад наибасул юбилеялде х1адурулаго, риидалил къоялъ г1ияда цеве вук1арав чи расги к1вах1аллъич1ого, щибаб сордоялъ чодаги рек1ун репетициялде вач1унаан гьев. Чу ккун ч1езабизе к1олареб бук1иналъ, хадуб гьес гьелда жиндирго вацасул вас рек1инавуна.

Хъизаналда ункъго вас вук1аниги, инсул махщел Г1усманицаги вац Мух1амадицаги гурони гьабич1о. Мух1амадицаги г1езег1ан соназ г1и хьихьун бук1ана. Г1усманил хъизан Г1умарх1ажиева Хатимат йиго росдал администрациялъул х1алт1ухъан. Гьей йиго сабру бугей, х1еж борхарай лъик1ай муъминч1ужу. Зах1мат бокьулевлъун, г1адамазул адаб бугевлъун г1езавуна гьез цо вугев вас Мух1амадги. Гьев ккола студент.

Гьединаб лъик1аб, г1адамазда гьоркьоб адаб бугеб хъизан буго Г1усманил. Мац1 лъалареб боц1уе гьабулебщинаб хъулухъалда, г1адамазе гьабураб лъик1лъиялда бащадаб лъик1лъи, кири, сахлъи, талих1, рохел кьеги Аллагьас гьев ях1 бергьарав инсанасе. Цо вугев васасдаса, г1ага-божараздаса вохунги хут1аги.

П. Гунашева.    

Просмотров: 542 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz