Автор.П.Гунашева.Июль 2015с.
К1удияб Ват1анияб рагъда умумул, г1ага-божарал г1ахьаллъич1еб хъизан къанаг1атги хут1ун батиларо нилъер пачалихъалда. Гурх1ел-ц1об гьеч1ев г1алхулав тушманасдаса инсаният хвасар гьабурал бах1арзал абадиялъго к1оченч1ого рук1инелъун, щибаб шагьаралда, росулъ ран руго памятникал. Нилъер районалда бук1инч1о, гьеб росу биххун бук1иналъ, г1иц1го Илълъаса рагъдаса руссинч1езе бараб памятник. Гьанже гьеб росу, цо-цоял г1умру гьабизе рахъун, ц1илъулеб буго.