Араб анкьалъ Хунзахъ культураялъул рокъоб т1обит1ана данделъи. Гьелда г1ахьаллъана Дагъистаналъул аслияв уролог Дибир Х1ажиев, районалъул ва росабазул нухмалъулел. Дибир Х1ажиевас жиндирго к1алъаялда бицана т1олго дунялалда ва Дагъистаналда урологиял унтабазул бугеб х1инкъиялъул. Гьесул раг1абазда рекъон Буйнакск ва Кизилюрт шагьаразда анкьнусгог1ан чи гьел унтабаз унтарав раг1ула. Гьединго Дибирица бицана районалъул больницаялда къого унтарасе бак1 бугеб урологиялъул отделение рагьизе бугин ва ригьт1аго гьеб унти лъазабизелъун хьвадулеб амбулаторияги бук1ине бугилан.
Данделъиялъул к1иабилеб бут1аялда гьоркьоб лъун бук1ана ракьазул актуализация ва т1оцебесеб бащдаб лъаг1алил налогал рак1ариялъул план т1убазабиялъул суал. Районалъул нухмалъулес бицана гьеб х1алт1и (цо-цо иш т1аде кколезул тасамах1лъиялдалъун жеги раг1алде бахъун гьеч1илан ва лъазабуна налогал т1уразариялъул план ц1араб балжалалда т1убазабизе кколилан). Гьелда хурхун росабазул поселениязул бут1рузе кьуна хасал т1адкъаялги. Г1одор ч1араз кьуна налогал рак1ариялда хурхун жидерго суалали. Хадуб к1алъазе вахъарав районалъул аслияв юрист Г1абдулаев Х1асаница к1вар буссинабуна кват1ич1ого т1орит1изе ругел рищиязде, т1адч1ей гьабуна исана росдал бут1рул конкурсалъул кьуч1алда рищизе рук1иналда. Районалъул бет1ерасул х1инкъи гьеч1олъиялъул рахъалъ заместитель Гьит1инов Х1амидица къокъго бицана дунялалда террористаз гьабулеб бугеб питнаялъул ва рагъ-кьалалъул, хасго гьез жидедаго гъорлъе Шималияб Кавказалъул г1олилал ц1алел рук1иналъул. Умумул ах1ана гьелда хурхун ц1одорлъи гьабизе, лъималазда хадуб бербалагьи бук1инабизе. Данделъиялъул ахиралда районалъул бет1ерас киналго ах1ана цадахъ рекъон х1алт1изе ва баркала кьуна данделъиялда г1ахьаллъаразе.
И. Мух1амадов.
|