Воскресенье, 05.05.2024, 09:31 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Июль » 4 » НУХЛУЛАЛЪУЛ ХЪВАЙ-ХЪВАГ1АЯЛ. ЦО БЕТ1ЕРАЛЪУЛ ЛЪАЛК1ДА ХАДУБ.
18:33
НУХЛУЛАЛЪУЛ ХЪВАЙ-ХЪВАГ1АЯЛ. ЦО БЕТ1ЕРАЛЪУЛ ЛЪАЛК1ДА ХАДУБ.

Лъик1аб г1адатлъун лъугьана районалъул газетчаг1азул щибаб Россиялъул къо – 12 июнь сапаразда, пайдаял экскурсиязда т1обит1и. Гьедин, исана ниж щвана 2005 соналъ Россиялъул бищун лъик1 къач1араб «(благоустроенный) шагьар» абураб т1адег1анаб ц1ар жиндие щвараб Избербаш шагьаралде.

Лъаларо, сапар цадахъазул иш, амма дунго, бит1араб бицани, кверде йосана г1одобе биччараб, санаг1атаб ва г1урччинлъиялъулъ т1ерхьараб «Цо бет1ералъул лъалк1алъ» (лъараг1алдаса таржама гьабунани гьединаб маг1на буго  «Избербаш» раг1ул). 50 азаргоялдаса цодагьаб ц1ик1к1араб къадар халкъалъ г1умру гьабун бук1аниги, шагьаралъул къват1азда гьеч1оан  х1алкъай, машинабазул ва г1адамазул чвахи. Рак1 сагьвил гьабулеб парахалъи, г1одобе биччай, х1ухьел ц1азе бигьаяб гьава-бакъ. Абухъего гьаваялда гьоркьоб реччелалъул къадар гьениб раг1ула 67 %, узухъда, бат1и-бат1иял унтаби ругезе гьеб шагьаралда г1умру гьаби щолареб хазиналъун ккола. 1932 соналъ нарт бахъулеб бак1алда лъугьараб х1алт1ухъабазул поселокалдасан лъугьун буго 1950 соналъ гьеб  г1умру-яшавалъе лазатаб, республикаялъул тахшагьаралдаса 56 км. гурого  рик1к1ад гьеч1еб шагьар. Гьанир г1умру гьабун руго ц1ик1к1унисб къадаралда даргиял (65 %), цинги – лъараг1ал (15 %),  г1урусал (5 %). Избербашалда бараб лъабго къоялда жаниб маг1арул миллаталъул чи дида цо гурого дандч1вач1о. Г1иц1го азаргоялдаса ц1ик1к1ун гурого гьел гьенир гьеч1елъулг1аги батила.

Гьеб шагьаралде индал чара гьеч1ого щвезе кколел бак1ал рехсеян абуни, дица байбихьилаан бичун жиб босун бажарулареб, щивасе чара гьеч1ого х1ажатаб сахлъиялдасан. Избербашалда буго Россиялъул 20 бищун лъик1ал «горячий источниказул» сиях1алде жиб араб, ракьулъан бурулеб, 40 градусалде  щвезег1ан жиндир бух1и бахунеб сероводороднияб лъел ицц. Радикулит, гипертония, гинекологиялъулал ва рукьбузул унтаби ругезе лъик1аланго кумек гьабулеб буго гьеб лъелъ региялъ. Сапаралда дир лъай-хъвай ккарай Гъуниб районалдаса, ункъойилъаги жиндир сонал арай  Муслиматица (сураталда) дида бицана жиндир г1олохъанаб мехалъ х1ал кьун унтарал рукьбал, рищалаби 15 соналъ гьаб лъелъ егизе хьвадиялъ т1убанго сахлъанилан ва бидул т1адецуй ц1ик1к1ин, квачалъул унтаби, свакай жинда лъазего лъаларилан. Хунзги  гъуниселги г1амал релълъарал, ц1одорал чаг1и рук1унин, дур дандч1ваялдаса йохиялъ газетал ц1алулел цадахъазде саламгиха гьелъ бит1араб, гьалмагъзаби. Гьеб г1ажаибаб лъелъ сах гьаризе рач1ун рук1ун руго, х1атта профессорал А. В. Алимский, Р. С. Аушевцин.

Руччабазеги бихьиназеги гьоркьоса къот1ун бат1а гьабунги буго лъел х1ор. Дунго «ургьиса турараб, унтараб чахъу» йигилан нужеда рак1алде ккеч1ого бук1ине, бицун тела г1иц1го гьадин – дир г1узруялъе гьеб лъадалъ 15 минуталъ г1одой ч1еялъ лъалаго бигьалъи бач1ана. Жанире лъугьине лазатаб температураялъул гьеб лъим жибгоги бук1ана г1ажаибго тамахаб, чапараб нахалъ г1адаб асар т1омое  гьабулеблъун. Цо даргиялъ бицана т1омода ругелщинал ц1ирарал жал, ругънал кутакалда лъик1 сах гьарулин, унтулел бак1азулги агь т1езабулин гьаб лъецаян. Дун гьелда гъираялда божана, дирго бох-квералъе бач1араб бигьалъи халлъидал. Давление г1одобе  ккарал, рак1 унтарал чаг1и х1инкъадго рук1ине кколел руго амма гьеб Аллагьасул х1икматгун. Лъица щиб бицаниги, цо анкьалъ источникалъухъе хьвадизе ккелин щулияб нигатгун нахъе  йилълъана  дун гьелда аск1оса.

Пушкинил мег1ер. Рик1к1адасан балагьаралго машгьурав шаг1ир вегизеги вегун гьайбатаб шагьаралъухъ сагьвиллъун вугин кколеб гъвел. Дербенталде дилижансалда рек1ун ине вук1арав  парангазул хъвадарухъан Александр Дюмада бихьун буго т1оцебе А. С. Пушкинилги мег1ералъулги релълъен-хъвай. Жакъа къоялда  мег1ералда цере ч1ун суратал рахъи гуребги, экстремалияб спорт бокьулезе гьениб г1уц1ун буго  парашюталгун к1анц1и, аэропланалда роржи г1адал х1ухьбахъиялъул хъулухъал.

Рохьил мина («Лесная усадьба»). Гьаб батила цого цо гьалбал бихьизе ах1улел, машгьурал бак1азул «унгеян» дици абилебги, Г1адамил лъимералдаса дир рак1 буссинабурабги бак1. Жибго ц1акъ берцинаб рохьил  жаниблъиялда бугеб, кафеял, х1ухьбахъизе бак1ал гьарзаяб бак1 бук1аниги, цо х1ужаялъ  цодагьалъ намуслъизаюна дун. Ц1ар раг1араб Избергалъул зоопаркалда циял, цурдул, варанаби, рит1уч1ал ва гьел гурел цойгидалги инсанасул «гьит1инал вацал» ругоан бакъх1азеги гьарун, ракъуцаги хун, гъоркьа  хъублъигицин бак1арич1ого, жалго жидедаго рехун тун. 50 гъурущ цо чиясухъаги босун жиндиего г1арац гьабизе цо чияс ургъараб гьеб «тамашалъиги» бегьилаан т1аде рак1 ц1аледухъ, берцинал клеткабазда жанир рух1ч1аголъаби т1амун, разиго к1анц1елел-расандилеб х1алалъ гьел г1орц1ун  рук1инедухъ г1уц1изе. Г1иц1го  жинкарал енотал рук1ана  ниж зоопаркалде араб къоялъ  маххул хьуриялда гьоркьосан квач1ал къват1ире регьун, жидеего щибг1аги щвелародаян тирилъиялда.

Цойги Избербашалде индал щвезе кколеб, амма ниж инч1еб бак1лъун дица рик1к1уна шагьаралда жиб к1иго бугеб кондитеразул фабрика – «Евразия» ва «Дагинтерн». Печенаби, пряникал, вафлаби гуребги, гьел г1уц1абаз риччалел руго зефирал, ирисал, конфетал – учузаб, ва гьелдаго цадахъ нилъерго гьаниб гьабураб ва бусурбабазе х1арамаб гъорлъ щибго батулареблъиялда рак1ч1араб продукция. Нилъер районалда тукабаздацин бищун учузго рук1унел гьел  гьуинлъаби, рак1 ч1ун абизе к1ола, жибго фабрикаялдаса кепказде щвезе рук1анилан. Даранчаг1аз гуребги, бегьиларищха гьел, нилъ г1адатал г1адамазги росизе.

Абухъего, г1адатал г1адамазул бицунеб бугелъул… Гьезул Избербашалда буго нилъ, маг1арухъ ругезулго г1адаб г1умру. Х1алт1изе бак1 гьеч1олъиялъ г1емерисел ун руго Россиялде къват1ире, гьанир хут1аразул: руччаби х1алт1улел руго даран-базаралда ва дагьалго гурони гьеч1ел пачалихъиял г1уц1абазда, бихьинал – таксиялъул хъулухъалда. Таксийин абуни гьеб шагьаралда буго г1едераб, учузаб ва машгьураб транспорт. Маршруткабигун автобусал ц1акъ къанаг1ат гурого хьвадулел гьеч1оан къват1ахъ. Щайха гьел рук1инел 50-80 гъурщиде шагьар ч1ван бокьаралъуре щвезарулелги ругони, г1агардег1ан бугеб бак1алде лъелго инеги щибго къварилъиги гьеч1они?!

Ях1 бугел, рак1 лъик1ал чаг1и ругиланги тана дица  избергалъулал гьезул к1алъа-бацаялдасанги, чиясе  гьабулеб кумек-квербакъиялдасанги. Цо к1удияб тукаде лъугьун х1ажатабщинабги босун, счет ц1алулелъул, дида батана г1ажаибго дун йохизаюраб графа «Рузманкъоялъулаб скидка» ян хъван бугоан гьелда. Ай пятницаялъ тукаде вач1ун даран гьабурав чиясе босараб жоялъухъ кьезе кколеб г1арцудаса т1аса рехулеб буго 5-6 процент. Рекламалъун нужеца рик1к1инч1ого бук1ине, рехселаро гьеб тукадул ц1ар, абун тела г1иц1го:) гьев Руслан абурав чи г1езег1ан иман бугев, сахаватав чи ватилилан. Хасго цо проценталъг1аги учуз хирияб къоялъцин къайи-ц1а, ниг1матал кьоларел нилъерго «комерсанталги» цере ч1ун.

Гьабсаг1ат тахшагьаралъул мэрлъун вугев нухмалъулев лъик1ав вук1анин шагьаралъе гьанже вугесдасаян абулеб бук1ана дида  ц1еханщиназ. Лъиего г1адинха, «хвараб г1ака рахьдалаб»!

Г1умру гьабизе рах1атаб, квег1енаб ва росдалаб берцинлъиялъул гьеб шагьаралдаса ниж руссана рек1ее лъик1аб асаргун. Г1емерго г1арац чвантиниб гьеч1ого  щолареб къват1исел улкабазда х1ухьбахъиялдаса нилъерго республикаялъул т1абиг1иял, архитектуриял берцинлъаби рихьизе ва гьелда цадахъго бац1ц1адаб гьаваялъги термалияб лъецаги сах гьаризе нужги ах1улаго, лъуг1изе толел руго дун, нухлулалъул, цадахъго газеталъул редакторалъул сапаралъулал хъвай-хъваг1аял.

Ф. Мух1амадова.

Просмотров: 567 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz