Автор.Мух1амадрасул Гьиматов.Апрель 2015с.
Г1алам бижаралдаса вах1шилъиялъулги, камиялъулги, ч1унтелазулги рахъалъ жинда релъараб цоги такрарлъич1еб К1удияб Ват1анияб рагъ лъуг1аралдаса ва гьелъулъ Советияб Баг1араб аскаралъги, т1олабго советияб халкъалъги дунялалдаго ц1ар раг1араб К1удияб Бергьенлъи босаралдаса 70 сон сверулеб буго.Къо бахъанаг1ан нилъедаса рик1к1алъулел руго, г1асрабаз жиндир тарихги, биценги к1очене гьеч1еб доб г1ассияб рагъул зах1матал къоялги, рагъда советиял рагъухъабаз бихьизабураб к1удияб бах1арчилъиги, къох1ехьейги, гьелъулъ нилъер ракьцояз лъураб багьадураб бут1аги. Бах1арзазул ц1аралги, рагъулаб гьунарги даимго хут1ила нилъер рак1азулъ. Бах1арзазе хвел бук1унаро.