Воскресенье, 19.05.2024, 23:43 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Апрель » 18 » БОКЬУН КЬАЛДЕ ВАХЪАРАВ КЬУРДАНА БЕРЛИНАЛДА.
22:06
БОКЬУН КЬАЛДЕ ВАХЪАРАВ КЬУРДАНА БЕРЛИНАЛДА.

Г1алам бижаралдаса вах1шилъиялъулги, камиялъулги, ч1унтелазулги рахъалъ жинда релъараб цоги такрарлъич1еб К1удияб Ват1анияб рагъ лъуг1аралдаса ва гьелъулъ Советияб Баг1араб аскаралъги, т1олабго советияб халкъалъги дунялалдаго ц1ар раг1араб К1удияб Бергьенлъи босаралдаса 70 сон сверулеб буго.

Къо бахъанаг1ан нилъедаса рик1к1алъулел руго, г1асрабаз жиндир тарихги, биценги к1очене гьеч1еб доб г1ассияб рагъул зах1матал къоялги, рагъда советиял рагъухъабаз бихьизабураб к1удияб бах1арчилъиги, къох1ехьейги, гьелъулъ нилъер ракьцояз лъураб багьадураб бут1аги. Бах1арзазул ц1аралги, рагъулаб гьунарги даимго хут1ила  нилъер рак1азулъ. Бах1арзазе хвел бук1унаро.

Хунзахъа Мух1амадов Х1ажи гьавуна, т1оцебесеб дунялалъул рагъул г1ахьалчи, хадув баг1арав партизан Х1ажиев Мух1амадил хъизамалда 1924 соналда. Росдал  школаги лъуг1изабун гьит1инав г1олохъанчи х1алт1изе лъугьана районалъул бухьеналъул идараялде телефонистлъун. Тохлъукье, рагъги лъазабич1ого макруяб т1адек1анц1и фашистазул Германиялъ нилъер ракълилаб улкаялде гьабураб, доб г1асияб рагъ байбихьараб заманалда Х1ажи жеги г1ойил г1ужде вахарав чи вук1инч1о. Амма гьес г1ахьаллъи гьабулаан росулъ г1уц1араб истребителазул батальоналда ва рак1бац1ц1адго  т1убазабулаан батальоналъул командирзабазул т1адкъай.

1943 соналъул авалалда Дагъистаналда байбихьана жидеего бокьун фронталде унезул багъа-башари. Гьай-гьай, гьеб багъа-башариялъул иш Хунзахъ районалдаги т1ибит1ана, байбихьана ВЛКСМалъул членаз ва г1олилаз собраниялги т1ирит1ун, бокьун Ват1ан тушманасдаса эркен гьабизе, ай гитлерилал фашистазде данде къеркьезе, фронталде рит1еян гьарун г1арзал хъвалел, ват1ан – бокьулезул (патриотазул) данделъаби. Гьаниб рехсеч1ого г1оларо, гьеб заман бук1ана, росабалъ щибаб авал-рохеналда фронталдаса нужер вас, вац, эмен Ват1аналъе г1оло бах1арчилъиялда хванилан рач1арал  ч1ег1ерал кагътаз росуго маг1ил гьаракьалъ т1ад босараб заман. Бокьун кьалде ине г1арзаби хъвалез абулеб бук1ана рагъда камуразул бак1 кквезе ине бокьун бугилан. Гьеле, гьел г1арзаби хъваразул кьерилъ вук1ана комсомолец Х1ажи Мух1амадовги.

Х1ажица т1оцебе рагъулаб хъулухъ гьабулеб бук1ана 62 лъелазул дивизиялъул 206 абилеб кьвагьдохъабазул полкалда. Г1ахьаллъи гьабуна югалъулаб фронталъул Воронежалдаса  Гомель шагьаралде щвезег1ан рук1арал рагъазухъ. Десна г1ор бахунаго бихьизабураб бах1арчилъиялъе г1оло мустах1икълъана «Рагъулаб гьунаралъе г1оло» медалалъе. Гьенир ккарал рагъазда лъукъун, медсанбаталда сах гьавуравго Х1ажица лъуг1изабула танкистазул училище ва лейтенантасул рагъулаб чингун вагъулаго хъулухъ гьабула, ай г1ахьаллъула гвардиялъулаб танкистазул полкалда. Полк багъулеб бук1ана генерал-полковник, Совет Союзалъул  к1иц1улго бах1арчи М. Катуковас нухмалъи гьабулеб, 1-себ гвардиялъул танкабазул армиялда гъорлъ. Х1ажица  командирлъи гьабулеб бук1ана «ИС» танкалъул рагъулаб расчеталъе. Нилъер улкаги тушманасда эркен гьабун, тушманасе к1удиял камиялги  ккезарулаго, Х1ажил полкалъ г1ахьаллъи гьабула Польша эркен гьабиялъе г1оло кьварарал рагъазда, кодоре росула ц1акъго щула гьарурал Гдыня, Радом, Данциг абулеб к1удияб рагъул-ралъдал порт ва цогидалги шагьаралгун росаби. Механик-водитель, лейтенант Х1. Мух1амадовасул бак1аб «ИС» танкалъул бах1арчиял рагъухъабаз тушманасул щулалъабиги т1ет1езарулаго, кверде босана Данцигалъулаб, ц1акъго щулалъизабураб бухта ва рагъулаб порт Гдыня. Рагъда бихьизабураб багьадурлъиялъе г1оло Х1ажи мустах1икълъула «Багьадурлъиялъе г1оло» медалалъе.

Бакъбаккул Померания (Польшаялъул ракь) кодобе босун хадуса Х1ажица рагъулаб хъулухъ гьабулеб танказул гвардиялъулаб армия бит1ула бищунго кьварараб, рагъул кор боркьараб фашистазулаб Германиялъул тахшагьар Берлиналъул рахъалде. Тушманасул кутакаб дандеч1ейги бекизабун, Зеелалъулал борхалъабазда бук1араб к1удияб щулалъиги т1езабун, Х1ажил танкабазулаб армия Берлин кодобе босиялъулъ г1ахьаллъула. Ват1анияб рагъул бицен ккедал, Х1ажица махсаро-хоч1алда рак1алде щвезабулаан, жиндие рагъ Берлиналда лъуг1анила, Бергьенлъиялъул къоялъ гьелъул къват1ахъ лезинкаялъул свери бахъулаго дандч1вайги гьабунила К1удияб Бергьенлъиялъул роххалилаб ах1вал-х1алалда.

Ват1анияб рагъда бихьизабураб бах1арчилъиялъе г1оло Х1. Мух1амадов к1одо гьавуна Ват1анияб рагъул орденалдалъун, «Берлин босиялъе г1оло» ва г1емерал цогидалги, церехун рехсаралги медалаздалъун, К1удияв Бет1ерав командующий И. Сталинил баркалаялъул кагътаздалъун ва гь.ц. шапакъатаздалъун. Рагъдаса хадуб Х1ажи г1агараб росулъе т1ад вуссана 1946 аб. соналда. Рак1алда буго Х1ажица рокъобе трофеялъулаб немцазул велосипед бач1ун бук1инги, гьелдаги рек1ун дунго Г1ахьалч1иве школалде цо къвариг1елалъ Хунзахъ директорлъун вук1арав, мунагьал чураяв Г1убайдатица вит1ун вук1инги. Танкист вук1иналъ батила Х1ажил рокъоса техника, хасго мотоцикл камулароан.

Рагъдаса вуссун хадув Х1. Мух1амадов х1алт1изе лъугьана РОВДялъул пачалихъалъулав ц1а ккеялдаса ц1униялъул инспекторлъун, хадуб ВДПО-ялъул районалъул советалъул председательлъун. Гьел хъулухъазда вук1аго, Х1ажица живго вихьизавуна кинаб х1алт1и т1ад къаниги, намусалда, рак1бац1ц1адго т1убазабулев, халкъалда гьоркьов къадру-къиматалда хьвадизе лъалев, цадахъ х1алт1улезул лъик1ав насих1атчи х1исабалда. Гьесие хасиятаб бук1ана, т1екълъиялда т1ад рекъонгут1и, цадахъ х1алт1улезе ва жамг1ияб ишалъулъ цогидазе кумек гьаби. Х1алт1уда вук1аго гьесие кьун рук1ана т1адехунисел идарабазул рахъалъ х1урматиял грамотаби, баркалаялъул кагътал ва цогидалги сайгъатал.

Х1. Мух1амадовас лъади Сиядатида цадахъ лъик1аб тарбия кьун г1езаруна 2 васги 3 ясги. Рагъул ветеран, Берлин кверде босаразул цояв, Х1. Мух1амадов нилъедаса ват1алъана 63 сонил г1умруялда вук1аго, зах1матаб унтиялдалъун. Ват1аналде къо ккедал, кьалул майданалда бах1арчилъиялда, къо х1ехьон рагъаразе абадияб рецц!

Гьаб дирго макъала лъуг1изабизе бокьун буго Х1ажил яс Пат1иматица инсуде гьабураб назмуялдалъун.

Дир хирияв эмен, ях1алъул х1уби,

Т1екълъи-мекълъиялда рекъолароан.

Х1ел-х1елчаг1азе мун къулулароан,

Т1олго т1алъиялъе, т1анусдерие,

Мисаллъун вук1ана мун г1аданлъиялъ.

Дида к1одол калам рак1алде щола,

Бог1олъ гьолойилан дуда абулеб.

Гьелъул каламалъул к1удияб маг1на,

Дида гьанже жакъа бич1ч1улеб буго.

Мун бараб ах1улъги, ах1араб болъги,

Т1оцеве вук1ана гьаб т1алъиялда.

Эмен, нижер канлъи, свин гьеч1еб чирахъ,

Дица ц1унун буго дур г1умрудул нух.

Къварилъи-г1азабалъ къуркьизайич1о,

Дица дирго лъимал дур мисалалда,

Бажарараб х1алалъ куцалел руго.

Дуе ц1акъ хирияй дир ясалъулги

Гьит1инай Пат1имат гьимулей йиго.

Мун цевеса индал дур ц1ар ах1арав,

Дир Х1ажиги дуда ц1акъго релъуна.

Дие бокьилаан рагъ-кьал гьеч1ого,

Дир васазул васал кодой рахине,

Лъимал рокьизеги, адабалъеги,

Дуца малъухъе гьел цере рачине.

Бадиб маг1у хулун, рек1елъ ч1ух1игун,

9 маялъул К1удияб Байрам

К1удияб роххелгун к1одо гьабизе.

Дур сурат цебе лъун, гьезий бицине,

Аск1ов вугев г1адин рак1алде щвезе.

17 сон т1убараб къоялъ,

Ват1ан ц1унизе мун анин абизе.

Хунзахъаги ун мун Берлиналде щун,

Бергьенлъиялъул къо щванин абизе.

Мух1амадрасул Гьиматов, Ват1анияб рагъул инвалид.

 

        

 

Просмотров: 689 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz