Г1адамазул сахлъи ц1униялъулъ, медицинаялда цадахъго, к1удияб бак1 ккола ветеринарияб хъулухъалъги. Г1алимзабаз ч1езабун буго, инсанасул чорхол х1ал бараб бук1унин гьес кваналел ниг1матаздаян. Г1и-боц1иги сахаб, гьездасан бахъулеб продукцияги пайдаяб бук1инелъул г1емераб х1алт1и гьабула ветеринарияб управлениялъул х1алт1ухъабаз.
Гьал къоязда, райцентралда Культураялъул к1алг1аялда гьабураб данделъиялда, районалъул ветеринарияб хъулухъалъул х1алт1ухъабаз х1исаб кьуна араб соналъ жидецаго гьабураб х1алт1ул ва дандбана исана гьабизесеб х1алт1иги. Данделъиялда г1ахьаллъана ДРялъул ветеринариялъул комитеталъул председателасул заместитель С. М. Попандопуло, районалъул бет1ер С. К. Юсупов, росабазул бегавулзаби, районалъул ветх1алт1ухъаби ва цогидалги.
2014 соналъ районалда ветеринарияб хъулухъалъ гьабураб х1алт1ул бицун цеве вахъана ветуправлениялъул нухмалъулев Г1амирханов Хъарачу. Хъарачуца бицана унтун батараб г1и-боц1ул, гьезие гьабураб дару-сабабалъул. Роспотребнадзоралъул баяназда рекъон, араб соналъ районалда бруцеллезалъ унтун вуго 13 чи. 23 чиясда х1анч1ун буго гьузбуз ва кутуз. Ч1ондокь, Т1ануси ва Гьац1алухъ росабалъ ккун руго бац1аз боц1и ч1ваялъул х1ужжаби. Районалъул бет1ерасул заместитель Саг1адула Батировги г1ахьаллъун 2 бац1 ч1ван буго чанахъабаз.
Хъ. Г1амирхановас росабазул бут1рузул к1вар буссинабуна боц1уе гьабизе, би бахъизе, расколал, хвараб балкан рехизе скотомогильникал чара гьеч1ого х1ажат рук1иналде. Гьединго, гьес бицана жидерго х1алт1улъ ругел заг1ипал рахъазул ва гьаб соналъ ветхъулухъалъ гьабизесеб х1алт1улги.
Районалъул бет1ер С. Юсуповас, г1адамазул г1умруялъулъ к1удияб к1вар ветеринарияб хъулухъалъ кколелъул, гьелда х1алт1улел киналго ах1ана ц1ик1к1ун к1вар кьун х1алт1изе. Саг1ид Юсуповас х1алт1улъ лъик1ал х1асилал рихьизарурал к1одо гьаруна райадминистрациялъул х1урматалъул грамотабаздалъун: М. Мух1амаднабиев (Харахьи участкаялъул ветфельдшер), А. Аминтазаев (Г1ахьалч1и участкаялъул ветврач), Р. Г1абдурах1манова (ветуправлениялъул бухгалтер).
Гъамбулат хъутаналъул ветлечебницаялъул, Г1оч1ло ветучасткаялъул ва «Машгьурал г1адамал» СПКялъул нухмалъулезги бицана жидерго х1алт1ул ва гьеб гьабулаго дандч1валел зах1малъабазул х1акъалъулъ. Районалъул ветеринарияб хъулухъалъ гьабулеб х1алт1и г1езег1ан лъик1аб даражаялда бугила, амма ругел г1унгут1аби лъуг1изариялда т1ад х1алт1изе ккелилан абун нилъер ветуправлениялъе лъик1аб къимат кьуна Сергей Попандопулоца. Гьесги х1алт1улъ церет1еял рихьизарурал х1алт1ухъабазе кьуна грамотаби.
РФялъул Росдал маг1ишаталъул министерствалъул Х1урматалъул грамотабазе мустах1икълъана: Бакьагьеч1и ветлечебницаялъул заведующий Х1. Х1усенов, Г1ахьалч1и ветлечебницаялъул фельдшер П. Х1ажиев, Харахьи ветлечебницаялъул фельдшер С. Мух1амадх1ажиев.
ДРялъул ветеринариялъул комитеталъул грамотабаздалъун к1одо гьаруна: Самилахъ лечебницаялъул врач-эпизоотолог М. Гьиматов, Г1аралхъутан ветучасткаялъул фельдшер М. Г1абдулмуъминов, Ленинил ц1аралда бугеб СПКялъул председатель Х1. Расулов.
Шапакъатал кьеяздаса хадуб, ветх1алт1ухъабаз дандрана хадусел суалал: 2015 соналъ гьаризесел ветеринариял х1алт1абазул бицана ветврач-эпизоотолог Г1. Макъсудовас. Ветуправлениялъул профкомалде членал рищиялъул суалалдасан информация кьуна бет1ерав ветврач Т1. Шамхаловасги.
Районалда сахаб г1и-боц1и бук1инабиялъул мурадалда, гьаб соналъги ц1ик1к1ун к1вар кьун х1алт1изе ва ругел г1унгут1аби к1ванаг1ан дагьлъизариялъе бажаранщинаб гьабизе нигаталда къана ветеринариял х1алт1ухъабазул данделъи.
П. Гунашева.
|