Автор.Х1айбулаев Мух1амадрасул.Март 2015с.
Гьеб бук1ана 1965 соналъул август моц1. Гьанжего гьанже университет лъуг1арав чи, дун т1амун вук1ана Моч1охъ 8 сонил школалъул директорлъун. Школалъул х1алт1ухъабигун школа ц1ияб ц1алул соналде х1адур гьабулел рук1ана ниж. Гьениве вач1ана заврайОНО Г1амирханов Мух1амад (Г1адул Мух1амад). Гьесда цадахъ вугоан цоцалъ гъункараб, къуватабин кколеб, гьоркьохъеб лага-черхалъул, гьурмада нур бугев чи. Мух1амадица гьев чиясулгун дир лъай-хъвай гьабуна. «Гьав вуго Гъоркьколдерил вас, ц1игьулдерил дурц, ц1ияв тарав школалъул директор Мух1амадрасул. Гьав вуго Хунзахъа Ах1мадил Мух1амад, рагъул г1ахьалчи»,-ян.