Воскресенье, 19.05.2024, 14:25 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Март » 29 » ХУНЗАХЪА АХ1МАДИЛ МУХ1АМАД-РАГЪУЛ Г1АХЬАЛЧИ.
12:49
ХУНЗАХЪА АХ1МАДИЛ МУХ1АМАД-РАГЪУЛ Г1АХЬАЛЧИ.

Хунзахъа Ах1мадил Мух1амад-рагъул г1ахьалчи

Гьеб бук1ана 1965 соналъул август моц1. Гьанжего гьанже университет лъуг1арав чи, дун т1амун вук1ана Моч1охъ 8 сонил школалъул директорлъун. Школалъул х1алт1ухъабигун школа ц1ияб ц1алул соналде х1адур гьабулел рук1ана ниж. Гьениве вач1ана заврайОНО Г1амирханов Мух1амад (Г1адул Мух1амад). Гьесда цадахъ вугоан цоцалъ гъункараб, къуватабин кколеб, гьоркьохъеб лага-черхалъул, гьурмада нур бугев чи. Мух1амадица гьев чиясулгун дир лъай-хъвай гьабуна. «Гьав вуго Гъоркьколдерил вас, ц1игьулдерил дурц, ц1ияв тарав школалъул директор Мух1амадрасул. Гьав вуго Хунзахъа Ах1мадил Мух1амад, рагъул г1ахьалчи»,-ян.

-Ц1адаса вакьад, якьад щал кколел дур, Мух1амадрасул?-ан дир квер босулаго, гьикъана гьес.

-Мусаги Жавпаратги кколаха,-ян жаваб гьабуна гьесие дица.

-Т1ок1ал гьеч1елг1ан лъик1ал чаг1и руго гьел. Гьезул лъимал: Гьит1инамух1амад дир г1иял фермаялда вехь вуго. Мух1у Г1ахьалч1и ветучасткаялъул заведующий ккола.

-Мух1амадрасул, мун эхеве вилълъиневищ, щамат къоги бугелъул,-ан абуна Г1адул Мух1амадица.

-Нужеца вачани, вилълъинаха, ян абуна дицаги.

Гьеб хабаралдаса хадуб, ниж х1орихъехун унел рук1ана, хабалазул т1арадасан.

-Дир эмен вукъун вуго гьанив,-ан, Ах1мадил Мух1амадица фатих1а рехана. Гьес гьениб къулгьу ц1алана. Дунги Г1адул Мух1амадги церехун инел рук1ана школалъул г1олел-г1оларел рахъазулги бицунаго. Кват1ич1ого, Ах1мадил Мух1амад нижеда хадув гъуна. Тукаде г1агарлъулел рук1ана ниж, дица гьениве жаниве ине г1амал гьабулеб бук1ана. Ах1мадил Мух1амадица дир гъеж ккуна, гьесда дир пикру бич1ч1ана.

-Х1ажатабщинаб цадахъ буго, мун кивениги ине кколаро,-ян гьес дун жидедаго цадахъ вачана. Гьазул шоферас кинабго х1адурун батана.

Гьеб бук1ана дирги Ах1мадил Мух1амадилги т1оцебесеб дандч1вай, т1оцебесеб лъай-хъвай. Хадур ниж г1емер данч1валаан. Дие ц1акъ бокьулаан гьесухъ г1енеккизе. Гьале гьес бицараб: Дун гьавуна 1919 соналъ Хунзахъ росулъ, к1иго сон бараб мехалъ, граждан рагъулъ ч1ван вуго дир эмен Ах1мад. Рагъ ккараб бак1алда Моч1охъ росдал хабалалъ вукъунги вуго. Эбел Ц1ада росулъа Саг1идат кколаан.

Саг1идатил вас хьихьизе кумекалъе Ц1адаса Хунзахъе яхъуна гьелъул эбел, Ханика-к1одойилан абулаан гьелда. Ц1адаса г1агарлъиялъ щибго камун толев вук1ун гьеч1о г1ун вач1унев Ах1мадил Мух1амад.

1941 соналъ дун х1алт1улев вук1ана колхозалда. Хаслихъе киналго г1адин Ват1ан ц1унизе фронталде ана. Цадахъ рук1ана Х1усенов Х1усен, Г1алибегов Х1айдарбег, Байикьа Хъараев Х1осен, Хъазанбиев Мух1амад, Ц1адаса Х1айдарбегов Ах1мадх1ажияв, Гъонохъа Хъазиев Шигьа ва г1емерал цогидалги дир кьерилал.

Гуржиязул Кутаиси шагьаралде щвейдал, гьениб нижеца рет1ана рагъул форма, дагьаб мехалъ куцана ва роркьарал рагъал ругеб Керчалде ккана.

Мух1амадие рагъул бицине ц1акъ бокьулароан, гьеб бицунаго, гьесда рак1алде бач1унеб бук1ун батила жинцаго нахъа тараб, зах1матаб рагъул нух, рагъда хут1арал кьерилал.

Гьес цо нухалъ абуна: «Жидер бищун бах1арчиял, лебалал дора рохьазда, хьуц1азда хоб щвеч1ого хут1ана,-ян. Дица т1аса вич1ич1ого гьесда бицинабулаан лъугьа-бахъараб иш.

Керчалда лъугьун буго гьадинаб лъугьа-бахъин.

-Квине щибго жоги гьеч1ого хут1ана ниж-дунги дир рак1 бащадав гьалмагъ Г1ободаса Г1абдуразакъов Мух1амадги. Мух1амадги вук1ана дунго г1адав цоцалъ гъункарав, х1ал-жан бугев г1олохъанчи. Х1инкъи-къай лъалев чи гьев вук1инч1о. Командирас малъараб жо лъалхъич1ого т1убалаан нижеца. Походалъ церехун унел ругел нижер цо-цо г1олохъаби рух1 т1аг1ун, г1одор кколаан. Ниж к1иясго цониги чи гъоркь теч1ого раччулаан. Гьелъ нижер къадру-къиматги гьабулаан. Амма нижерги х1ал дагьлъизе лъугьана, черх заг1иплъизе байбихьана. Нижеца цоцазда абуна: «Гьадин кванач1ого нилъ хут1ани, г1адада хвелагури, рач1о цо жо ургъизе»,-ян. Ургъанаха, балагьана цо таргьаги, лъазабуна чуязе к1алц1и (неха) ц1унулеб бак1ги. Цо бец1аб сордоялъ бикъана неха ва бахчана чи щаклъулареб бак1алда. Кидаго чунтби ц1ун неха бук1унаан нижехъ к1алдибе бан ч1амулеб. Лъик1го рух1 реч1ч1ана, черхалда къуват бач1ана. Цоги заг1ипасе кьуна нижеца кваназе неха. Гьес г1арз гьабун батана нижеца чуязе балеб неха бикъун бугилан. Амма гьезухъе кквезе жо щвеч1о. Ниж трибуналалде кьуна. Я дида, я Г1абдуразакъил Мух1амадида цонигиясда г1урус мац1 лъалароан. Нижеца цоцазда абуна: «Гьазие бицине мац1г1аги лъалебани»,-ян. Судьябазул цояс ц1ехана бац1ц1адаб маг1арул мац1алъ, щиб г1олохъаби бицине бокьун бугебан. Нижеца ккараб-тараб гьереси гъорлъ гьеч1ого, гьесие бицана. Ниж риччан тана.

Нижергун гара-ч1вари гьабулев вук1арав майорас абуна: «Жив вугин Гъуниб районалъул Мох1оса, жинда ц1арги, Х1амзатил Мух1амад бугила, полкалъул командир ккола.-ян. Хадуб лъана, Керчалда вагъулаго Х1амзатов вахъанин Совет Союзалъул Бах1арчилъун.

Керчалда рук1арал рагъазулъ дун лъукъун, госпиталалде ккана. Цо палатаялъур, дунги малъун ункъгоял рук1ана, гьезда гьоркьой цо бох къот1арай ч1ужуг1аданги.

Нижеда киназдаго лъазабун бук1ана, сиренаби кьуралго, порталде гумузда рек1ине рахъайилан, шагьар немцахъе кьолеб бугилан. Сиреназул гьаркьал рахъана. Кинабго г1алам бекерулеб бук1ана порталде. Цо солдатал рек1араб машинаялъ нижги рачана гьенире ва гамит1е рахинаруна.

Къаси сардилъ гамит1е бомбаби разе лъугьана, гамит1а рук1арал ралъдалъе ккана. Вигьиналде Краснодаралъул  госпиталалде щвезавун ватана цогидалгун цадахъ дун. Кват1ич1ого немцал Краснодаралде г1агарлъаралго, поездалда киналго лъукъарал, заг1ипал рит1ана Азербайджаналде. Нухда Дагъистаналде щвараб мехалъ, дица гьарана сестраялда дун гордухъе ваккизавеян, гордухъан дида  рихьана г1игун унел Хунзахъ мадугьалзаби, гьалмагъзаби.

Дихъ бук1ана данде гьабураб тамахьо, дица киданиги хъалиян ц1алароан. Гордухъан рехун балагьизабуна солдатасул махоркадул ц1ураб гьит1инабго таргьа г1игун унел гьалмагъзабахъе. Мадугьалас, маг1арухъе щвейгун, гьеб лъугьа-бахъин бицун буго росулъ, амма щивниги божун гьеч1о гьесда.

Азербайджаналъул Шемахи шагьаралъул госпиталалда ц1акъ лъик1аб куцалда даруги гьабун, квен-т1ехги ч1езабун рук1ана ниж. Гьенивго вук1ун вуго Хунзахъа Дибирасул Мух1амадги. Гьесул гьурмалъ  гулла щун бук1ун буго, дунин абуни, х1алакълъун, т1еренлъун лъугьун вук1ана. Дица маг1арул мац1 бицунеб раг1ун буго гьесда. Цинги гъос дида гьикъана киса кколевилан? Хунзахъаян абидал, кинаб росулъаян гьикъана. Хадуб нижеца цоцада бич1ч1изабуна к1иялго цо росулъа – Хунзахъа рук1ин. Мадар лъугьарабго, тира-сверизе вахъарав дида рихьулел рук1ана г1ияхъаби. Гьал дагъистаниял ратилин, дун гьезда аск1ове вилълъана. Гебеки-Махи абулеб  Ц1адах1ари росдада аск1об бугеб росулъа даргинал ратана. Аск1ор госпиталалда щал кин ругелали гьикъана гьез дида. Дунгун  палатаялъув цо даргинав вугилан бицана дица. Гьев ватана гьал г1ияхъабазул цевесев г1агарав чи. Гьел ц1едех1рил г1олохъабаз госпиталалда вугев бет1ерав тохтурасда гьарун буго дагьабги мадар лъугьарабго, ниж рокъоре риччайилан. Ниж рокъоре риччана. Лъелго рилълъун, Шемахалдаса Гебекире щвана. К1иго къо бана ниж руссиналъул рохел гьабулеб. Цинги дица гьезда  гьарана дун Хважалмахьиве щвезавеян. Дун Хважалмахьи цо к1одол бак1алда рещт1ана, гьелъие г1арацги кьун, дица гьелда гьарана эхере-эхеде унел машинаби ч1езареян ва Хунзахъа чи ватани, жаниве вачеян. Вач1ана вачун росулъа цо чи, мадугьал. Гьес абуна: «Жинца ругьел бит1илин росулъе мун вач1ине вугилан». Дица гьесда абуна: «Дидаса лъик1ал г1олохъаби дора хут1анин, ругьел бит1уге», -ян. Хъаладухъе  щвейгун Хунзахъа  ц1акъ ц1одорай, лъик1аян абулей Шангерейил Парханисалда лъана дун, т1ок1алъ росулъ лъиданиги ват1а вахъизе лъач1о.

Рагъдаса хадусел соназ Ц1умадисезул муг1рузда г1иял завфермалъун  х1алт1улеб мехалъ, хабар бач1ана, духъе даргиял рач1ун ругин, гьезие дун ц1акъ къвариг1ун вугин. Ц1адах1арисезул завфермаясда ц1ар бук1ана Залкип, гьес бицана дида жидерго мурад. Жидер г1иялги жалги гьаниса нахъе ине къвариг1ун, жидер к1иго вехь оцал рикъун ругилан г1айибги г1унт1изабун жанир т1амун ругилан. Хунздерица абула: «Ах1мадил Мух1амад вук1ана г1адамал рокьулев, гьезулгун гьоркьоблъи гьоболлъи-гьудуллъи гьабизе лъалев чи. Гьесул гьобол-гьудул камураб бак1ги бук1инч1о»,-ян. Доб мехалъ Ц1умада районалъул райкомалъул т1оцевесев секретарьлъун х1алт1улев вук1ана дир цевесев гьудул Ч1ег1еров Асадула, КГБялъул начальник вук1ана диргун лъик1аб гьоркьоблъи бугев Т1елекьа чи, гьединавго чи Т1алх1ат вук1ана исполкомалъул председательлъунги.

Лъик1аб столги г1уц1ун, гьел лъабалго ах1ана рокъоре, гьабуна лъай-хъвай, бицана гьалбадерил т1адег1анаб г1аданлъиялъул, гьез жив хвасар гьавураб куцалъул. Дица гьел х1акимзабазда абуна гьел г1ухьби нилъеда аск1ор г1одор ч1езе лъик1аб бук1инаанин, гьел ц1огьал гурилан. Гьедин т1убана даргиязул мурад. Г1ухьбиги къват1ире риччан рач1ана. Гьелги рачун Хунзахъеги ун, чанго къо кеп-г1оркьалда гьениб гьезие гьоболлъиги гьабун, нуха рег1ана. Хвезег1ан гьезулгун гьоркьоблъиги бук1ана. Ниж кидаго цоцазе кумекалъеги ратулаан. Залкип хун, дун зигараялде гьезухъе ана. Хунзахъа чиясул  г1емер бицунаанин Залкипица, гьев вихьизе  бокьилаанин жидайилан гьез абидал, дун гьезда зигара базе руччабазда аск1ове ана. Цоги хунздерица бицуна: «Ах1мадил Мух1амадил бергьараб гьунар бук1ана гъалмагъир ккараб бак1алда г1адамал рекъезаризе. Гьев цадахъ вачунаан Гиничукьа Мансурицаги, Г1ахьалч1иса  Мух1амадицаги гьединал ишал т1уралеб бак1алде».

Гьесул вас Халилбегица бицана «Г1умруялъул 35-40 г1ан соналъ гьев х1алт1ана Хизроевасул ц1аралда бугеб колхозалъул г1иял завфермалъун. Гьесул фермаялда бук1ана 10-13 азарго г1и. Щибаб  соналъ Кавказалъул муг1рулги къот1ун г1игун унаан Грузиялъул муг1рузде. Ц1акъ х1алт1и бокьулев, х1алт1уе к1вах1-свак гьеч1ев чи вук1ана дир эмен. Т1оцебе г1адин гьесие кьун бук1ана Дагъистаналъул мустах1икъав боц1ухъан абураб ц1арги,  Зах1маталъул Баг1араб байрахъ орденги.

Дунго нуг1лъун ккараб цоги жоги бицинин. Гъазданущиса т1аде  г1ухьбузул къайиги лъун бач1унеб бук1араб гьакил г1ел бекун буго. Гьоко къач1азе цо бит1араб рахи х1ажат бук1ун буго. Цо азбаралъул къададеги базабун бихьун буго гьединаб г1ер. Жаниве вилълъун вуго эмен, бич1ч1изабун буго гьений ятарай херай к1одода г1ер х1ажат бук1ин. – «Босе, дир вас, дуего данде кколеб г1ер», - ан абун буго к1одоца. Г1урдузда гьоркьоса цояб ас кодобе босарабго, 12-13 сон барав г1адав вас инсул кверазда хурхун вач1ун вуго: «Босуге, кьеларо» - абун. К1одоца абун буго; «Г1ерги босе, васги дуего ваче».-ян. К1одохъ балагьараб мехалъ Мух1амадида бич1ч1ун буго гьев кьинк1изе чи гьеч1ого хут1арав васас к1одое г1азаб кьолеб бук1ин. Гьасда к1ун буго гьев вас цадахъ вилълъине мук1ур гьавизе. Маг1арде унелъул, нахъе вач1унелъул инсуца гьев вас рокъове нижеда аск1ове вачун вач1унаан. Х1ат1идаса бот1роде щвезег1ан рет1елги хисун, цадахъ вачун унаан. Гьев  вас к1удияв г1уна. Щуябго соналъ гьесие кколебщинаб мухьги кьун, гьесул г1иял жалги т1ад лъун  машина ана эменгун цадахъ Гъазданущиве. Балашов Г1умарги вачун:  – К1одо, гьале дур вас, т1ок1алъ малъараб  гьабич1ого  теларо ас дур. Йохиялъ к1одо к1анцизе бак1 т1аг1ун  йик1анилан бицунаан инсуца. Жакъа къоялда гьев вас Мах1ачхъалаялда вуго, гьес  бац1ц1адаб  хунздерил мац1ги бицуна, Хунзахъ вук1араб заман жиндир бищунго талих1аб заман бук1аниланги абула.

Х1айбулаев Мух1амадрасул, Россиялъул журналистазул цолъиялъул член.

 

     

   

Просмотров: 643 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz