Автор.И.Мух1амадов.Октябрь 2014с.
Районалда нагагьавги ватиларо Сивухъа Къурбанг1али Патах1овасул исламиял назмаби ва куч1дул ц1алич1ев чи. Исана октябралда Къурбанг1алица т1убала г1умруялъул 80 сон. Къурбанг1али Патах1ов гьавуна Хунзахъ районалъул Сивухъ росулъ 1934 соналда.
К1удияб Ват1анияб рагъдаса эменги вуссинч1ого, гьит1инго лъана г1ет1 т1ун босараб чед-хинк1алъул къимат. Армиялъул налъи т1убан хадуб, Буйнакскиялда механизаторазул к1иго сонилал курсалги лъуг1изарун, къогог1ан соналъ х1алт1ана г1агараб росдал «Ц1ияб г1умру» колхозалда трактористлъун. Хасавюрталъул росдал маг1ишаталъул техникум лъуг1ун хадуб, Къурбанг1али т1амуна гьеб колхозалъул хурухъанлъиялъул бригадирлъун. Гьелдаса г1емер мехго иналде т1ад къана производственнияб участкаялъе нухмалъи гьабизе, гьенибго божилъи гьабуна колхозалъул председателасул заместителасул х1алт1иги. Чанго соналъ вук1ана «Ц1ияб г1умру» колхозалъул председательлъунги.