Районалда нагагьавги ватиларо Сивухъа Къурбанг1али Патах1овасул исламиял назмаби ва куч1дул ц1алич1ев чи. Исана октябралда Къурбанг1алица т1убала г1умруялъул 80 сон.
Къурбанг1али Патах1ов гьавуна Хунзахъ районалъул Сивухъ росулъ 1934 соналда. К1удияб Ват1анияб рагъдаса эменги вуссинч1ого, гьит1инго лъана г1ет1 т1ун босараб чед-хинк1алъул къимат. Армиялъул налъи т1убан хадуб, Буйнакскиялда механизаторазул к1иго сонилал курсалги лъуг1изарун, къогог1ан соналъ х1алт1ана г1агараб росдал «Ц1ияб г1умру» колхозалда трактористлъун. Хасавюрталъул росдал маг1ишаталъул техникум лъуг1ун хадуб, Къурбанг1али т1амуна гьеб колхозалъул хурухъанлъиялъул бригадирлъун. Гьелдаса г1емер мехго иналде т1адкъана производственнияб участкаялъе нухмалъи гьабизе, гьенибго божилъи гьабуна колхозалъул председателасул заместителасул х1алт1иги. Чанго соналъ вук1ана «Ц1ияб г1умру» колхозалъул председательлъунги.
Пачалихъалъ мустах1икъаб къимат кьуна Патах1овасул рак1 бац1ц1адаб х1алт1уе. Гьесие щвана «Зах1маталъул реццалъул» лъабабилеб даражаялъул орден, ДАССРалъул Верховный Советалъул Х1урматалъул грамота ва анлъго медальги. Ункъго нухалъ бергьана социалистиял къецазда. Гьединго Къурбанг1алие кьун буго Шамил имамасул медальги.
Къурбанг1алица лъимерлъудасанго гьарулаан куч1дулги назмабиги. Хадуб ккун гьел рахъана районалъул «Росдал зах1матчи», республикаялъул «Баг1араб байрахъ», «Х1акъикъат» газетазда, «Гьудуллъи» журналалда. Къват1ире риччана «Адабиял назмаби», «Наслабазе насих1атал», «Насих1атазул къулг1а»-абурал т1ахьалги. Гьезда жанир руго аслияб куцалда исламияб диналде ва Ват1аналде инсанасул рокьи бижизабулел, г1адан лъик1аб босизеги, квешаб тезеги ах1улел куч1дул.
Къурбанг1алица чанго соналъ цебе борхана бусурманчиясда т1адаб х1ежги, гьединго пенсиялде ун хадувги г1емерал соназ гьабуна росдал мажгиталъул советалъул председательлъиги.
Къурбанг1алица хъизан Х1алиматгун цадахъ тарбия-лъай кьун г1езаруна щуго лъимал. Гьезул лъималги малъун гьезул хъизаналъул вуго 23 чи.
Район цоязул рахъалдасан нижецаги рак1-рак1алъ баркулеб буго Къурбанг1алида 80 сонилаб юбилей, ва гьарула гьесиечорхое щулияб сахлъи, хъизан-лъималгун цадахъ халатаб ва парахатаб г1умру.
Х1адурана И. Мух1амадовас.
|