Воскресенье, 28.04.2024, 14:29 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2014 » Октябрь » 31 » БИЩУН ЦЕБЕ – Г1АДАМАЗУЛ БОЖИЛЪИ.
20:30
БИЩУН ЦЕБЕ – Г1АДАМАЗУЛ БОЖИЛЪИ.

Милициялъул майор, Бихьинчилъиялъул орденалъул кавалер Т1айгибов Х1ажимурад Г1абдулманапович нилъер районалъул жанисел ишазул отделалде х1алт1изе вач1аралдаса г1иц1го бащадаб лъаг1елг1ан заман гурони инч1о, амма гьев х1алт1уде вач1аралдаса нилъер райотдел республикаялдаго такъсириял ишал  рагьиялъул рахъалъ т1оцебесеб ва к1иабилеб бак1алде бач1ун буго. Жакъа  районалда  бугеб ах1вал-х1алалдаги, райотделалъул коллективалъул цадахъаб х1алт1удаги хурхун нижедаги гьесдаги гьоркьоб ккана  гьадинаб гара-ч1вари.

- Гьал г1агарал къоязда нилъеца к1одо гьабизе буго жанисел ишазул х1алт1ухъабазул профессионалияб байрам. Бокьилаан кинал х1асилалгун дандч1вай гьабулеб бугеб нужеца профессионалияб  байрамалдаяли лъазе.

- Киса-кибго республикаялдаго г1адин, зах1матаб  ах1вал-х1ал лъугьун буго районалдаги. Амма нилъеда сверун ругел цогидал  районазде данде ккун, нилъер аниб квеш бугилан абизеги бегьиларо. Кин бугониги, дандч1валел  руго кодоб ярагъгун районалдеги рач1ун такъсириял ишал гьарулел г1адамалги, камулел гьеч1о ц1огь, бикъа-хъами гьабиялъул х1ужжабиги.

Жакъа  полициялъул х1алт1ухъаби къеркьолел руго  нилъер умумузул бах1арчиял г1адаталги кьоч1ое росун, жанисел ишазул х1алт1ухъабазул цересел гьунаразул мисалалда х1алт1и цебехун бачине. Кидаго г1адин, нилжер аслияб масъалалъун ккола халкъалъул парахалъи ц1уни, районалде рач1ун ратани террористал, диниял экстремистал, ярагъ, наркотикал т1ирит1изарулел, гьел загьир гьари, къват1ир ч1вазари, бикъа-хъами, г1адлу-низам хвезабулел ратани, гьел тамих1алде ц1азе х1алт1аби гьари. Гьеб мурадалда нижер х1алт1ухъаби рух1алда барахщич1ого  къеркьолелги руго. Гьелъие мисаллъун ккола, дагьал церег1ан къоязги Халкъазда гьоркьосеб ц1ех-рехалда рук1арал  ч1вадарухъабигун тунка-г1усиги ккун, нилъер райотделалъул г1олохъабазул бах1арчилъиялдалъун Т1адег1анав Аллагьас гьезие хъвараб тамих1алде гьел ц1азе к1вей. Полициялъул х1алт1ухъабазул х1аракатчилъиялдалъун рагьизе к1вана  районалда ккараб цох1о хут1изег1ан ч1вай-хъвей гьабиялъул такъсирал, т1атинаризе к1вана наркотикал х1алт1изариялъул, гьел ц1униялъул, ричиялъул ва т1ирит1изариялъул х1ужаби, гьединго нилъер  обществалъе данде кколарел диниял пикраби т1ирит1изарулел ва гьезда  рекъон ишал гьарулел чанго чи кквезеги ккун рит1ун  ана Мах1ачхъалаялъул СИЗОялде. Гьеб киналъулгго х1асилалда, райотдел бач1ун буго  цин цебе т1оцебесеб ва хадуб  к1иабилеб бак1азде. Республикаялдаго х1исаб гьабуни такъсирал рагьун руго - 80,8 проценталъ, районалда – 95,6 проценталъ.

- Профессионалияб байрамги  т1аде  щолеб бугелъул, рехселарищ х1алт1ул церехъабазул ц1арал?

- Дие бокьун буго нижер х1алт1ухъаби киналго мустах1икъал ругин  реццалъеги, ц1аралъегиян абизе. Бит1араб бицани, дун х1алт1изе вач1унеб  мехалда дида рак1алде кколеб бук1инч1о гьадиг1ан цоцалъ гъункараб коллектив районалда батилилан. Х1алт1уде вач1араб къоялдаса нахъе дида бихьана гьанир г1олохъаби  цоцазе х1алае рахъине  х1адурал, гьаб дир х1алт1и гурилан нахъе к1анц1ун ч1еч1ого цоцазе кумек гьабизе жигарал рук1ин. Дун вохула ва ч1ух1ула дирго ц1а г1адал киналго г1олохъабаздаса.

-Дуда х1алт1ухъабазулъ г1иц1го лъик1ал рахъалищ рихьулел?

-Нухмалъулесда т1адаб буго х1алт1ухъанасул бажари, лъай, ай киналго рахъал лъазаризе.

-Начальникасул кинал хасиятал рук1ине кколел? Полициялда авторитет бук1ин сунда бараб бугеб?

-Гьев киданиги палачлъун вук1ине бегьуларо. Кьвариялда цадахъго, начальник вук1ине ккола психологлъунги. Гьес лъазабизе ккола жиндирго щивав х1алт1ухъанасул г1амал-хасият. Гьесулгун бук1ине ккола цоцазде божилъи гьабиялъул гьоркьоблъи. Х1алт1ухъанги нухмалъулевги цоцада рич1ч1улел, цоцазул адаб гьабулелъун рук1ине ккола. Гьеб мехалда х1алт1и роц1ц1ун уна. Г1адамазул божилъи гьеб буго полициялда авторитет.

-Цо-цояз абула, цебе советияб заманалда 7-8 чияс гьабулеб бук1араб х1алт1и, гьанже мич1ч1 г1адин харжалги кьун, г1емерал х1алт1ухъабаз гьабулеб бугилан.

-Гьанжесебги советиябги заман дандего бачине бегьуларо. Доб мехалда нилъеда раг1улароан къо гьоркьоб бахъинч1ого гьарурал ч1вай-хъвеязул, терроралъул х1акъалъулъ. Тунк1ил, кьвагьулеб жоялъул гьаракь бахъин-гьеб къанаг1атаб ишлъун бук1ана. Гьанже хал гьабе, нилъеда сверун лъугьун бугеб ах1вал-х1алалъухъ. Кинаб ах1вал-х1алалде кканиги, полициялъулал ккола балеб г1азукьги, ц1ороялъукьги, бух1иялъукьиги, халкъалъул парахалъи ц1униялъе, г1умрудулъ дандч1валеб квешлъи-х1алихьалъи гьукъиялъе г1оло г1умруялда барахщич1ого церехун унел г1адамал. Чан жанисел ишазул х1алт1ухъанас гьелъие г1оло г1умру кьураб? Гьел гурищ г1емерисеб мехалда ч1вазего ч1валел ругел? Къват1ул харбал кинал рицаниги, гьел руго ц1акъго зах1матаб х1алт1ул г1адамал. Нижер х1алт1ул лъай-хъвай бугев чияс киданиги рицинаро гьединал харбал.

-Рак1 рекъараб куцалда х1алт1и гьабизе г1урал шарт1ал ругищ райотделалда?

-Цебе милиция бугеб заманалда дандеккун, полиция г1уц1аралдаса х1алт1ул шарт1ал г1емерго лъик1лъана. Буго отделалда х1ажатаб транспорт, къайи-къоно ва цогидабги х1ажатабщинаб.

-Кинал гьоркьорлъаби ругел районалъул администрациялъулгун, г1орхъаби ц1унулезул отрядалъулгун?

-Районалъул бет1ер Саг1ид Камилевичасулгун ва г1орхъаби ц1унулезулгун жанисел ишазул х1алт1ухъабазул лъик1ал, цоцада рич1ч1иялъулал гьоркьорлъаби руго.

-Дур кумир щив?

-Мунагьал чураяв Г1адилгерей вук1ана. Дие гьесул ишал, тактика, хъулухъ, ай кинабго мисаллъун бук1ана.

-Ахиралда районалъул г1адамазда щиб абизе бокьилеб бук1араб?

-Дица киданиги абула, г1иц1го полициялъул х1алт1ухъабаз гьабун г1адлу-низамги, цогидал церехун рехсарал ишалги лъугьунарилан. Гьелъие х1ажалъула жамаг1аталъулго кумек. Гьари буго кинав вук1аниги щаклъи бугев чи районалде вач1ун вихьаниги, законалде данде кколарел ишал гьарулел ратаниги, рахчун теч1ого райотделалда лъазабеян. Гьелъ рес кьезе буго такъсирал гьарилалдего цебеккунго нахъ ч1вазе, г1адамазул парахалъи ц1унизе.

-Баркала гара-ч1вариялъухъ. Нужер рак1алда ругел мурадал т1урайги, гьабулеб иш данде билълъайги.

Гара-ч1вари гьабуна Н. Г1алиевалъ.

 

 

Просмотров: 523 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz