Воскресенье, 28.04.2024, 14:12 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2014 » Октябрь » 31 » ЛЪИК1АБ БАЙБИХЬИ РАГ1АЛДЕ БАХЪАГИ.
20:36
ЛЪИК1АБ БАЙБИХЬИ РАГ1АЛДЕ БАХЪАГИ.

Лъик1аб байбихьи раг1алде бахъаги

Щибаб росдал бук1уна жидерго г1амал-хасият, г1адатал, мац1алъул хаслъи, тарих. Цо-цо бак1азда росдал администрациялде гъорлъе уна чанго росу. Г1езег1ан жавабчилъи ц1ик1к1араб х1алт1и ккола росдае, хасго чангоялъе, нухмалъи гьаби. Х1ариколо росдал администрациялде гъорлъе уна Х1ариколо, К1ахъ росаби ва х1арисезул «Баг1араб росу» хъутан. Гьанже г1агар гьеб администрациялъул нухмалъулевлъун вищана Х1ариколо росулъа Х1айбулаев Саг1адула Мух1амадович. Гьанжего гьанже х1алт1уде байбихьулеб бук1аниги, гьев г1олохъанчиясда ч1ван къот1ун лъалел руго жинцаго нухмалъи гьабизе кколел росабазул г1адамазул г1умру-яшав лъик1лъиялъе гьаризе кколел х1алт1аби, щибаб росдал ругел г1узраби. Росабазе х1ажаталъул ва жиндаго гьабизе рак1алда бугелъул С. Х1айбулаевас бицана диргун бук1араб гара-ч1вариялда.

Х1айбулаев Саг1адула Мух1амадович гьавуна 1975 соналъ. Г1агараб росдал гьоркьохъеб школаги лъуг1изабун, ц1алана Мах1ачхъалаялъул промышленниябгун экономикияб колледжалда. 2010 соналдаса нахъе т1уразаруна росдал бегавуласул кумекчиясул ишал. Дагьав цевег1ан вищана росдал администрациялъул нухмалъулевлъун. Руго хъизан-лъималги.

 

Росдал тарихалдаса (къокъго)

Бицен буго, 400-г1ан соналъ цебе, ай 1600-лел соназда Хунзахъа Х1арико абулев чи кулиги бан г1умру гьабун вук1араб бак1алда г1ун бач1анила Х1ариколо росуян абураб. Лъаларо щай Х1арикоца г1умру гьабизе боц1и хьихьизе г1ат1илъи гуреб ялъуни ах-хур бач1унеб хьиндаллъи гуреб, мег1ералъул хьибил т1аса бищарабали, амма росу буго санаг1алъи гьеч1еб, г1умру-яшавалъе зах1матаб бак1алда. Росулъ руго Гьишт1ал, Малаг1алилал, Батулал, Г1исах1авалал, Г1умалал вагь. ц. тухумал.

Цебехун бицухъе,росдал администрациялде гъорлъе уна лъабго росу. 1928 соналъ К1ахъ росдал советги къан, гьел рехула х1арисезул советалде гъорлъе. ДАССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул 1945 соналъул 10 марталъул бихьизабиялдалъун, к1ахъиял гочинарула Чачаналъул Рилъаб районалде. Чачаналдаса т1ад руссиндал, 1957 соналъул 8 февралалда К1ахъ росу ц1идасанги Х1ариколо советалде гъорлъе бачуна.

Кизилюрт районалъул х1арисезул «Баг1арав партизан» колхозалъухъ рук1арал ракьазда, ДАССРалъул, Верховный Советалъул Президиумалъул х1укмуялдалъун, 1972 соналда лъугьуна ц1ияб-Баг1араб росу.

Жакъа къоялде бищун ц1ик1к1ун г1адамал руго Баг1араб росулъ: гьениб буго 170 маг1ишат ва 665 чи. Х1ариколо росулъ буго 90 маг1ишат ва 385 чи.

Росдал советалъул ракьалда руго «Кахский» ва «Баг1арав партизан» колхозал, культураялъул рукъзал, 2 гьоркьохъеб ва 1 аслияб школа, медпунктал, ясли-ахал ва гь. ц. социалиял бак1ал.

Росулъ ва хъутаналда гуребги х1арисез г1умру гьабун буго бат1и-бат1иял шагьараздаги.

 

-Саг1адула, баркула росуцояз божилъи гьабун, мун бегавуллъун вищи. Нухмалъи гьабулел росабалъ кинал х1алт1аби гьаризе дуда рак1алда ругел?

-Дие бокьун буго г1адамазул г1умру-яшав бигьалъизе лъик1ал шарт1ал ч1езаризе. Бищун цебе къвариг1ун буго росулъ лъик1ал нухал, ток ва канализация бук1инабизе.

Нух.Росулъе жанире рач1унебги росулъ ругелги нухал руго хьвадизе санаг1алъи гьеч1ел. Росулъе жанире рач1унеб нух г1ат1ид гьабун, чабахх баччун лъик1аб х1алалда къач1ан лъуг1ана гьанже г1агар, нухал ц1адаз чурич1ого рук1ине лоткаби лъезе руго хадуб. Нухал къач1азе к1удияб кумек гьабула росуцояв Расулов Г1абдужалилица, гьесул буго г1езег1ан техника,кидаго росдае х1ажаталъуб х1алт1изабулеб. Росуцоязул ва дирго рахъалдасан к1удияб баркала буго гьесие ва цогидалги кумекалъе ратулезе.

Ток. Исана росулъ  лъуна 400 КВТ къуват бугеб ц1ияб трансформатор. Х1ажат буго, цойгидал росабалъгог1адин токалъул кварал хисизе. Росулъ буго г1адамаз г1умру гьабун бук1инч1еб, гьанже минаби ран жанире г1адамал рахъине ругеб Ц1ияб авал. Гьениб бук1инч1о ток. Ц1ияб авалалда лъезе трансформаторги босун буго, х1убалги рехун руго, хут1ун буго гьел лъун ток бачине.

Х1ажат буго Х1ариколо, К1ахъ росабалъ канализация гьабизе. Гьелъие х1ажатаб материал босун буго, техника щварабго байбихьила гьел х1алт1абаздеги.

-Лъел зах1малъи, г1унгут1и бугищ росабалъ?

- Дун кутакалда вохараб, разияб иш ккана, росуцоязул кумекалдалъун, росулъ ч1унтун, хун, басралъун рук1арал иццал гьанжесеб х1алалъ гамач1, къоно ккун берцинго къач1ай. Росулъе т1адеги рачана лъинал, хисана лъел трубаби, лъуна накопителал. Лъел г1унгут1и буго г1иц1го школалда. Гьенибги г1ураб къаг1идаялъ бук1унеб х1ал гьабизе буго.

- Цойгиги кинал ругел чара гьеч1ого к1вар кьезе кколел масъалаби росулъ?

- Х1ажат буго школалда ва ясли-ахалда басралъун ругел гордал хисизе. Къвариг1ун буго школалда ц1ияб хинлъизарулеб система гьабизе ва ясли-ахалда котел хисизе. Рак1алда буго К1удияб Ват1анияб  рагъулъ Бергьенлъи босаралдаса 70 сон баялде росдал к1алалда школалда бугеб  памятник къач1азеги.

-Кинал х1алт1аби гьаризе рак1алда бугеб К1ахъ росулъ?

- К1ахъ росулъ кьо бук1ана  х1инкъи ц1ик1к1араб,лъимал, боц1и бортизе рес бугеб х1алалда. Гьеб лъик1аб х1алалда къач1ана. Баркала гьеб къач1аялъулъ г1ахьаллъарал киналгоязе.

Росулъ гьеч1о г1ураб  къадаралда лъим. Бокьун буго ц1ияб сон щвелалде лъим  бук1унеб х1ал гьабизе. Ярагьунаредухъ басралъун буго росдал медпунктги. Районалъул бет1ер С. К. Юсуповасде росдал жамаг1аталъул к1удияб гьари буго пункт  къач1азе кумек гьабеян.

- Щиб х1ажат бугеб хъутанчаг1азе?

- Аслияб къаг1идаялъ Расулов Г1абдужалилил кумекалдалъун хъутаналда бана мажгит. Бана хабзалазда аск1об зигараялъ рач1унел жанир руссине бак1ги. Хъутаналда чара гьеч1ого х1ажат  буго спортзал базе. Нижер к1удияб хьул буго районалъул бет1ерас кумек гьабилилан гьеб баялъеги.

- Кин бугеб хурзал рекьиялъул, боц1и хьихьиялъул, магъил г1адлу-низам гьабиялъул ах1вал-х1ал?

- Росулъ г1емерал хурзал рекьич1ого ч1унтун руго. Нижер росулъ кидаго вехь вук1ана, гьесие г1арцуде т1адеги 100 кип харилги кьола. Магъил г1елги вуго росулъ.Ахирисел соназ  к1ахъиязул  боц1и вехьги гьеч1ого г1адамаз ирга гьабулеб бук1ана. Вук1инч1о гьезул г1елги. Рак1алда буго т1асияб соналъ боц1уде вехьги валагьизе, магъилги г1адлу-низам  бук1унеб х1ал гьабизе.

-  Исана боц1и унтарабищ нужер?

- Ах1арабго ветлечебницаялъул х1алт1ухъабиги рач1уна росулъе. Цо-цоросабалъ г1адин исана нижер гьаниб харил унти багъарич1о.

- Рац1ц1а-ракъалъи ч1езабиялъе кинал х1алт1аби гьарулел росулъ?

-Росулъ гьарула субботникал. Мусор росулъа къват1ибе баччула. Кьишни-къул базе полигон х1ажат буго нижее. Баркала буго субботникалде рахъунел учительзабазулгун ц1алдохъабазул коллективазе. Гьединго к1удияб баркала буго К1ахъ СДКялъулясазеги. Гьезги кидаго гьарула субботникал. Гьал къояздаги дида гьел ратана клубалда ремонт гьабулел.

Нижер росдада данд бит1ун нухда буго ицц ва мажгит. Гьенисан хьвадулел машинабиги г1емер рук1уна, гьединлъидал гьениб кидаго бук1уна кьишни-къул. Х1ажат буго гьеб бак1алда мусор базе контейнер лъезе.

-Районалъул бет1ер С. К. Юсуповасдасан кумек щолищ дуе?

-Росабалъ ругел г1узраби рицун, гьел лъуг1изаризе кумек гьарун ана дун С. К. Юсуповасухъе, гьесул заместителазухъе. Гьев диде данде вач1ана. Гьедин школалда, ясли-ахалда гордал, котел хисизе х1алт1аби гьарулел руго гьесул кумекалдалъун. Бокьун буго гьесие баркала кьезе нижер зах1малъаби рич1ч1ун кумек гьабулеб бугелъухъ.

-Саг1адула, щиб бокьилеб дуе администрациялде гъорлъе унел росабазул г1адамазда абизе?

-Бокьун буго т1оцебе, диде бегавуллъун вук1ине, божилъи гьабурал г1адамазе баркала кьезе. К1удияб баркала буго росабалъ гьарурал ва гьарулел ругел х1алт1абазе кумек-квер ч1вай гьабуразе, гьел х1алт1аби гьарурал ракьцоязе. Хьул буго росуцоял дида цадахъ ч1ун г1аммал зах1малъаби къезаризе бажаранщинаб гьабилилан.

-Баркала дуе гара-ч1вариялъухъ. Рак1алда ругел лъик1ал мурадал, гьаризе х1исабалде росун ругел пайдаял байбихьиял раг1алде рахъайги дур. Росуцоязе баракатавлъун ватаги.

-Дуеги баркала.

Гара-ч1вари гьабуна П. Гунашевалъ.

 

Просмотров: 593 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz