Автор.П.Гунашева.Июнь 2014с.
Ц1и-ц1иял технологиял церет1олеб гьанжесеб заманалда баккулеб буго инсанасул г1умруялъе бигьалъаби гьарулеб, бат1и-бат1ияб, чанго соналъ цебеги бук1инч1еб яги къанаг1ат бук1араб техника. Ц1и-ц1ияб техникаги, инструменталги, дарабиги бищунго х1ажатаб бут1алъун, гьай-гьай, ккола медицина. Ахирал соназ гьеб рахъалъан лъик1аб цебет1ей лъугьана нилъер районалъул централияб больницаялдаги. Гьаб заманалда жаниб больницаялда бугеб ах1вал-х1алалъул, ккаралхиса-басиязул нижер мухбиралъе баян гьабуна бет1ерав врач Мусаев Мух1амад Шайхг1алиевичас.