Понедельник, 20.05.2024, 05:11 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2014 » Июнь » 20 » Ш. ШАМХАЛОВ ГЬАВУРАЛДАСА 100 СОН Т1УБАЙ.
23:52
Ш. ШАМХАЛОВ ГЬАВУРАЛДАСА 100 СОН Т1УБАЙ.

Колхозалда х1алт1иялдасан т1амуна Т1анусиса Шагьрудиница т1адег1анал хъулухъазде гали

Дагъистаналъул машгьурав пачалихъияв ва жамг1ияв х1аракатчи, республикаялъул экономика цебет1езабиялъулъ к1удияб бут1а лъурав Шамхалов Шагьрудин гьавуна Хунзахъ районалъул Т1ануси росулъ 1914 соналъул 6 июналда.

1936 соналда гьес лъуг1изабуна Грозный шагьаралда т1адег1анаб коммунистияб росдал маг1ишаталъул школа, 1948 соналдайин абуни, Москваялда ВКП(б)ялъул ЦКялда цебе рагьараб Т1адег1анаб партийнияб школа.

1932-1936 соназда Шагьрудиница хъулухъ гьабуна Баг1араб Армиялъул бат1и-бат1иял частазда: гьев вук1ана Прикаспиялда ралъдалаб школалъул ва рек1аразул рагъулаб школалъул курсантлъун.

Зах1маталъулаб х1аракатчилъи байбихьана г1агараб росулъ г1уц1араб "Машгьурал г1адамал" колхозалда, хадусел соназда х1алт1ана ВЛКСМалъул Дагъистан обкомалъул г1олилал рекьарухъабазул отделалъул заведующийлъун, росдал маг1ишаталъул гьоркьохъеб школалъул директорлъун, ВКП(б)ялъул Дагъистан обко­малъул инструкторлъун. Гьел т1адехун рехсарал хъулухъазда лъик1ал х1асилалги рихьизарун х1алт1ун хадуса, Ш. Шамхалов вищана Буйнакск шагьаралъул исполкомалъул председательлъун, т1амуна ДАССРалъул Халкъиял Комиссарзабазул Советалда (Совнарком) цебе г1уц1араб бак1алъулаб ва ц1атариялъулаб промышленносталъул управлениялъул начальниклъун, ВКП(б)ялъул Дагъистан обкомалъул промышленнияб отдела­лъул заведующиясул заместительлъун.

ВКП(б)ялъул ЦКялда цебе рагьараб Т1адег1анаб партийнияб школа лъуг1изабун вач1араб мехалда, ц1ик1к1араб х1аракатчилъигун х1алт1ана Дагъистаналъул Консервтресталъул управляющийлъун, ВКП(б)ялъул Да­гъистан обкомалъул секретарьлъун, ДАССРалъул Министрзабазул Советалъул председателасул заместительлъун, Дагъистаналъул экономикияб административияб районалъул Совнархозалъул (Халкъияб Маг1ишаталъул Совет) председательлъун; гьелдаса хадув ДАССРалъул Министрзаба­зул Советалъул председательлъун ва Верховный Советалъул Президиумалъул председательлъун.

Гьединаб свин гьеч1еб х1аракатчилъиялъул х1урматги къиматги гьабун, Шагьрудиние кьуна пачалихъалъул ч1ах1иял шапакъатал: "Октябралъул революциялъул" орден, "Зах1маталъул Баг1араб Байрахъалъул" лъабго орден, "Х1урматалъул г1аламат" ор­ден ва анлъго медаль. Гьел шапакъатаздасаги Шагьрудиние хирияблъун лъугьана халкъалъ жиндирго васлъун рик1к1унев вук1ин.

Гьесул г1умруялъул х1акъалъулъ гьединал баяназулгун г1адада гуро дица ц1алдолезул лъай-хъвай гьабулеб бугеб. Гьелдалъун дие бокьун буго гьев ц1ар раг1арав дагъистаниясул советиябгун партийнияб х1алт1уе бук1араб т1адег1анаб бажари-махщел бихьизабизе ва, советияб заманалда кадрабазул иш рит1ухъго г1уц1иялдалъун, гьунар бугезе хъулухъалъ эхеде рахине бук1араб ресалъул, ай колхозалда х1алт1иялдалъун жиндир зах1маталъул х1аракатчилъи байбихьарав маг1арулав республикаялъул бищунго ч1ах1иял хъулухъазде т1амун вук1иналъул бицине. Г1ураб лъайги гьеч1ел, бажари-гьунарги мукъсанал г1адамал республикаялъул т1адег1анал хъулу­хъазде т1амулароан доб мехалда.

Гьаниб бицине бегьула, дие г1олохъанлъудаго рес кканин г1акъиллъиги, рит1ухълъиги, рак1бац1ц1алъиги, г1олохъаназдехун унго-унгояб т1алабчилъиги жиделъ бугел ц1ик1к1араб г1елалъул г1адамазда цадахъ х1алт1изе, гьезул мисал диего г1умруялъул дарслъун лъугьинабизе.

Колхозалъул бет1ерав агрономлъун ва председательлъун, совхозалъул директорлъун, партиялъул райкомалъул т1оцевесев секретарьлъун ва ахиралдаги Дагъистаналъул росдал маг1ишаталъул институталъул кафедраялъул заведующийлъун х1алт1улел соназда Шагьрудин Шамхаловасулгун гара-ч1вари гьабизе, гьесул г1акълу-насих1аталъухъ г1енеккизе ва гьелдаса пайда босизе рес ккей дирго талих1лъун рик1к1уна дица.

Араб г1асруялъул 50-80-абилел со­назда нилъер республикаялъул эконо­мика цебет1езабиялъулъ, агропромышленнияб комплекс г1уц1иялъулъ к1удияб бут1а лъуна Шагьрудин Шамхаловас. Гьесул бихьизабиялда рекъон ва т1алабчилъиялдалъун муг1рузул районаздаги лъараг1лъиялдаги рана ц1олболги пихъилги консервал гьарулел заводал. Гьев вук1ана Дагъистан т1егьараб ахалде сверизабиялъул къеркьохъанлъун. Дол соназда нилъер рес­публикаялъул заводазда ц1олболги пихъилги гьарурал т1адег1анаб качествоялъул консервал ричизе рит1улаан, Россиялъул бат1и-бат1иял регионазде гуребги, къват1исел пачалихъаздегицин.

Гьанибго бицине рекъараб буго Шагьрудин вук1анин Дагъистаналда спорт цебет1езабиялъул т1алаб бет1ералде босарав, бит1ун абуни, гьелъул "унти" ккарав чи. Гьеб рахъалъ хасго г1олилазулгун гьабулеб х1алт1улъ к1вах1-свак лъалароан к1удиял хъулу­хъазда вугеб мехалдагицин. Гьесул т1алабчилъиялдалъун рана районаздаги шагьараздаги г1емерал стадионалги спортивиял майданалги. Гьев т1алъиялда вугеб мехалда байбихьана нилъер спортсменал Олимпиялъул х1аязул, гьединго дунялалъулго чемпионаллъун рахъине. Дагъистана­лъул ц1ар ц1унун гьединал ч1ах1иял къецазда нилъер г1олохъаби г1ахьаллъулел рук1иналъ ва чемпионаллъунги рахъун т1адруссиналъ Шагьрудинил рек1елъе рохел лъугьинабулаан.

Республикаялъул г1умруялъе к1вар бугел г1емерисел масъалаби бергьенлъиялда г1умруялде рахъинариялъул цевехъан вук1ана гьев машгьурав маг1арулав.

Гьев вук1ана унго-унгояв интерна­ционалист, г1умруялъ лъуг1ич1о гьесул рек1елъа миллат-мац1алъухъ балагьич1ого щивав дагъистаниясул къвариг1ел рит1ухъаб, рак1бац1ц1адаб къаг1идаялъ т1убазе бук1араб гъира.

Жакъа гьесул х1акъалъулъ хъвалеб мехалда, дида рак1алде щвана, Гьоркьохъеб Азиялдаса чачанал-г1авухъел жидерго г1агараб ракьалде т1адруссараб заманалда, гьезул г1умруялъе лъик1ал шарт1ал ч1езариялъулъ Шагьрудиница бихьизабураб х1аракатчилъи.

Гьанибго абизе бокьун буго жив гьавуралдаса нусго сон т1убаялъул юбилей нилъеца к1удияб х1урматалда т1обит1улеб бугев х1урматияв инсан, жакъасел г1олилаз мисал босизе мустах1икълъуледухъ г1умру т1амурав г1уц1арухъан, нухмалъулев, х1аракатчи, г1агараб ракьги гьелъул г1адамалги г1емерго жиндие рокьулел рук1арав, гьезул х1алхьи-рах1аталъеги талих1алъеги г1оло къеркьарав х1аким Шамхалов Шагьрудин гьединал т1адег1анал хъулухъазде ваханин дол соназда гьесда цадахъ х1алт1улел рук1индал т1олабго улкаялъего к1вар бугел Г1абдурах1ман Даниялов, Мух1амадсалам Г1умаханов г1адинал нухмалъулел. Гьезул бук1ана, т1оцебесеб иргаялда, жидедехунго, хадуб цадахъ х1алт1улездехун жавабчилъиги т1алабчилъиги. Гьезда к1вана бажари-гьунар бугел, х1алт1удехун рак1бац1ц1адаб бербалагьи бугел, рит1ухъал ва х1аракатал г1адамал, хасго г1олилазда гьоркьосаги, жидедаго сверухъ гъункизаризе.

Жакъа дица диего суал кьолеб бу­го, гьаниб нилъеца бицунеб бугев Шамхалов Шагьрудинил гьединаб к1удияб х1аракатчилъи лъие х1ажатаб бук1арабилан. Гьесие жиндиегойищ? Гуро, гьеб х1ажат бук1ана гьесда хадур рач1унезе, хадубккун гьесул иш цебе бачине жидеде т1аде кколезе.

Х1ажат буго Шагьрудин Шамха­лов г1адинал машгьурал г1адамазул мисалалда г1олилазги нилъер респуб­ликаялъул экономика хадубккунги цебет1езабиялъулъ, халкъалъул г1умруялъул даража борхизабиялъулъ ц1ик1к1араб бут1а лъезе. Х1ажат буго бац1ц1адаб г1амал-хасиятги, Ват1аналде ва халкъалде бугеб рокьиги хадусел г1елазе ирсалъе хут1уледухъ гьелги х1алт1изе.

Ц1акъго цересел г1акъилзабаз ва г1алимзабаз абурал раг1аби руго тарих гьеч1они, г1асрабаз лъухьулареб лъалк1 тарихалъулъ лъурал г1адамал гьеч1они, гьанжесебги пайда гьеч1еблъун лъугьунин, бач1унесебги жеги квешаб бук1унин.

Дагъистан буго г1емерго бечедаб тарих халкъалъе назрулъун лъугьараб ракь, бечедаб буго тарихалда жаниб жидер ц1арал меседил х1арпаздалъун хъвазе мустах1икълъарал г1адамаздалъунги. Гьеле гьелдаса пайда босизе ккола нилъеца жакъа г1олилазе тарбия кьеялъулъ.

Ц1ик1к1араб г1елалъул г1адамазда рак1алда буго централдаса дотация х1ажалъулареб, гьелъул г1аксалда, т1олабго улкаялъул бечелъи ц1ик1к1инабиялъулъ нилъер республикаялъ хасаб бут1а лъолеб бук1араб заман.

Х1ажат буго Россиялъул Федерациялда гьоркьоб жибго жинцаго хьихьулеб регионлъун нилъер республика лъугьинабиялъе г1оло къеркьезе.

Гьединаб заман г1агарлъизабиялъе т1оцебесеб иргаялда щиб нилъее х1ажат бугебилан гьикъизе бегьула.

Х1ажат буго гьеб кинабго бич1ч1улел, рек1елъе биччалел, рак1-рак1алъ республикаялъе ва гьелъул халкъалъе г1оло х1алт1изе гъира бугел, "ришват" абураб раг1ул маг1на нек1ого к1очон тарал, "коррупция" кинаб гъот1ода бижулебали лъаларел кадраби х1адуризе. Х1елх1елчилъи, хъизамчилъи, чи вихьун хъулухъал рикьи кьуч1дасанго хисизабизе бажарулел кадараби х1адури ккола республикаялъул нухмалъиялда цебеч1араб, бищунго к1вар ц1ик1к1араб масъала.

Гьанибго бач1ине бегьула киса гье­динал кадраби ралагьилелин абураб суалги.

Дир пикруялда, гьел ралагьизе бе­гьула киналго миллатазул вакилзабилъун кколел г1олилазда гьоркьор. Гьеб рахъалъ республикаялъул т1алъиялъ гьарулел руго т1адег1анаб к1варалъул тадбирал. Г1уц1ун руго г1олилазул xlyкумат, парламент. Амма гьезул xlapaкатчилъиялъулъ бук1ине бегьуларо миллатчилъиялъул "мах1". Гьеб бук1инч1о Шагьрудин Шамхаловасулъ.

Г1алибег АДЖИЕВ, росдал маг1ишаталъул г1елмабазул доктор, профессор, РФялъул ва ДРялъул мустах1икъав х1аракатчи





 

Просмотров: 622 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz