Ц1и-ц1иял технологиял церет1олеб гьанжесеб заманалда баккулеб буго инсанасул г1умруялъе бигьалъаби гьарулеб, бат1и-бат1ияб, чанго соналъ цебеги бук1инч1еб яги къанаг1ат бук1араб техника. Ц1и-ц1ияб техникаги, инструменталги, дарабиги бищунго х1ажатаб бут1алъун, гьай-гьай, ккола медицина. Ахирал соназ гьебрахъалъан лъик1аб цебет1ей лъугьана нилъер районалъул централияб больницаялдаги. Гьаб заманалда жаниб больницаялда бугеб ах1вал-х1алалъул, ккаралхиса-басиязул нижер мухбиралъе баян гьабуна бет1ерав врач Мусаев Мух1амад Шайхг1алиевичас.
Дагьаб цебег1ан сахлъи ц1униялъул министерствалдасан больницаялъе бач1ана унтаразул сахлъи ц1униялъе, унта-щокълъи бигьагьабиялъе чара гьеч1ого х1ажатаб ц1ияб аппаратура. Бач1ана ц1ияб гьанже заманаялъулаб, унтарасе х1ухьел ц1азе кумек гьабулеб к1иго аппарат (аппарат искусственной вентиляции легких) гьеб бухьинабун буго кислородалъул концентраталда. Концентрат абулеб т1аг1елалъ гьаважанибе ц1ан, гьелдаса кислород бат1а гьабун, гьеб унтарасде биччазе рес кьолеб раг1ула. Гьединлъидал, кислород биччазе ккани къвариг1унел гьеч1о цере рук1арал кислородалъул баллонал, подушкаби. Кислородниял концентратал росана киналго отделениязе.
Больницаялде бач1ун буго хьвадулеб (передвижной) рентген-аппарат. Гьелъ рес кьола т1аде рахъине зах1малъи бугел регаразе кирениги инч1ого врачас палатаялдеги бачун аппараталъ х1ажатал снимокал гьаризе.
Т1адехун бицарал аппаратал лъун руго реанимациялъул отделениялда. Гьел гурелги отделениялъе рач1ана ва х1алт1изе риччана унтарасул чорхол х1ал ч1ах1аго, бат1и-бат1иял кьеразул хъвай-хъваг1аяз, тарихаз бихьизабулеб, х1ажалъи ккани сигналал гьарулеб лъабго прикроватнияб монитор. Цебе отделениялда бук1ун буго к1иго монитор, гьел кьолел руго цойгидал отделениязде. Отделениялда лъун руго ц1иял, кнопкабаз къвариг1араб бак1алде рорхизарулел кроватал. Гьединал аппаратаз бигьа гьабизе буго тохтурзабазул х1алт1иги, унтарасул чорхол х1алги.
Больницаялъе бач1ун бугеб бот1рол, каранзул органазул, чехь-бакьалъул суратал рахъулеб томограф аппарат данде ккезабулеб, рекъезабулеб буго. Х1адурулел руго гьелда х1алт1изе специалисталги. Дие х1ажат руго т1адег1анаб даражаялъул лъайги, бажариги, махщелги бугел врачал. Гьелъ, аппараталда х1алт1иялъе ц1ализе, хадуб гьеб х1алт1улеб бугебшагьаралъул больницаялде х1алт1изе ругьунгьайизе йит1ун х1адурулей йиго томографалда х1алт1изесей врач.
Гьединго, больницаялъе бач1ана бивагьелъул компонентал ц1унулеб холодильник. Росабазул медпунктазе кьуна инструментал стерилизация гьабулеб 20 сухожаровияб шкаф. Больницаялъе бач1ине буго ц1ияб гьанже заманаялъул УЗИ-аппаратги.
Больницаялъул лъимал гьарулеб отделениялда гьабун бахъана щвалде щвараб, лъик1аб ремонт (ниж гьенире щведал отделениялъул сестраби ратана ремонталдаса хадуб рац1ц1а-ракъалъи гьабулел.Лажбарал рахун, ламинат-плитка ккун, хвараб къач1ан ц1акъ берцинго бугоан отделение-ред).Гьединабго ремонт гьабизе рак1алда буго гинекологиялъул ва лъималазул отделенияздаги. Лъимал гьарулезул, гинекологиялъул отделенияздасан аслияб корпусалде гьабизе буго ц1акъго х1ажатаб переход. Гьелъ рес кьола медперсоналалъеги унтаразеги къват1иреги рач1инч1ого аслияб корпусалде рач1ине. Кинабго х1ажатабщиналдалъун хьезабун буго лъимал гьарун хадуб рук1унеб (неонатальный) отделение. Больницаялда балеб буго ц1ияб корпус.Гьенире рахъинаризе руго хирургиялъул, терапиялъул, лъималазул ва инфекционниял отделениял. Поликлиника бахъинабизе буго гьабсаг1ат лъималазул отделение бугеб бак1алде. Рак1алда буго лъаг1алил ахиралдехун ц1ияб корпусалде рахъине.
Бет1ерав врачгун цадахъ дун щвана ц1ияб корпусалде. Гьабсаг1ат гьенир унел руго жанисел ремонтазулал х1алт1аби. Конкурсалъул к1иябго рахъалда балконал рук1иналъ палатаби руго гвангъарал, чанго палатаби ва цогидалги бак1ал т1убанго лъуг1ун ругин абизе бегьила, палатабазда лъун руго гордал-нуц1би, щибаб палатаялда г1адин руго санузелал, жаниб бук1ине буго лъимги.
Больницаялъул нахъисеб азбаралда маг1ишатиял бак1ал разе кьуч1алги рухъулел руго.
Больницаялъул бет1ерав врач М. Ш. Мусаевасе гара-ч1вари гьабизеги, ралел бак1ал рихьизаризеги заман батаралъухъ к1удияб баркалаги кьолаго, бокьун буго гьаризе байбихьараб лъик1аб иш раг1алде бахъинабизе тавпикъ, гьабулелъулъ бит1ккей, махщел камилал х1алт1ухъаби ва коллективалъул гъункараб, цадахъ рекъараб х1алт1и.
П. Гунашева.
|