Главная » Архив материалов
Автор. Г1иса Г1исаев. Январь 2012год.
Гьоркьо-гьоркьов Хунзахъ росдал ФАПалде ине ккола дун.
Х1еренго къабул гьавула дун ФАПалъул х1алт1ухъабаз ва кколеб дару-сабабги
гьабун т1овит1ула. Дунго г1адин, тохтурасул кумек х1ажалъун рач1аралги ратула
дида ФАПалъул коридораздаги кабинетаздаги. Цогидал медпунктазда релълъинч1еб
гьеб медицинаялъулаб идараялъул х1алт1ул лъай-хъвай гьабизе дун дандч1вана
ФАПалъул нухмалъулей Малачиева Умужат Мух1амадовнагун. Гьелъул раг1абаздасан
бицунеб буго:
|
Автор.
Буц1раса Г1исаева Пат1имат-х1ажи.
Араб 2011 соналъ рази гьаюна дун, к1иго мурад т1убана дир:
Къуръан ц1алана ва исламалъул щуабилеб рукну-х1еж борхана. Баракат бугев чиясул
баракат ралъдалъ бугеб ччуг1ие щолин абула.
|
Автор.
Написат Г1алиева.Январь 2012год.
Т1абиг1ат берцинаб, г1ат1илъи ц1ик1к1араб, ц1алдохъабазе
расанди-х1аязе квег1енлъаби ц1ик1к1араб бак1алда бан буго Т1агьада росдал
г1адамаз жидерго лъималазе г1аммаб гьоркьохъеб лъай кьеялъул школа. Дагьал
церег1ан къоязда Гьоц1алъ участкаялда ругел росабалъе сапар бухьунелъул ниж
щвана гьеб школалдеги. Т1оцебе нижеда гьениб дандч1вай гьабуна г1емерал соназ
школалъе бажарун нухмалъи гьабулев школалъул директор Г1исаев Г1арип
Г1исаевичас.
|
Хунзахъа МахIачхъалаялда гIумру гьабун вугев ГIАЛИЕВ МУХIАМАД РАСУЛОВИЧ.
ХIурматиял районалъул «Р. З.» газета цIалулел, дир росу-ракьцоял районалъул гIадамал.Америкаялда цо моцIгIанаб мехалъ вукIиндал, пикру ккана бихьараб-таралъул, диего гьабураб асаралъул битIараб хIакъикъаталъул нужееги баян гьабизе. БачIинахъего абила, дир кинаб бугониги пикру гьечIо, гьаб макъалаялда хадубккун рехсей гьабизе бугел дир гIагарлъиялъул напс эхеде бахинабун, гьезие рецц-кап гьаби, гьел кIодо гьари. ГIицIго мурадлъун бугеб жо буго гьел гьоркьор ккун Америкаялда гIадамазул бугеб гIумру-яшав, гIамал-хасият унго-унголъунги нужее баян гьаби, диего гьеб дирго бераздалъун бихьизе рескьей гьезул квербакъиялдалъун.
|
ХИРИЯЛ РАЙОНЦОЯЛ! Тарихалде ана улкаялъул, республикаялъул, районалъул ва
нилъер щивасул г1умруялъулъ бихьулеб лъалк1 тараб, г1емерал к1вар бугел
лъугьа-бахъиназдалъун бечедаблъун бук1араб 2011 сон.
|
Райадминистрациялъул бет1ерасул пресс-секретарь Г1. Г1исаев.
Республикаялда бугеб финансазулаб кризисалъ рес кьеч1о
гьаризе рак1алда рук1арал х1алт1аби раг1алде рахъинаризе. Т1оцебесеб иргаялда
рехсараб г1иллаялъ бажарич1о росабазда гьоркьосеб магистралияб труба лъун,
Хунзахъ, Бакьагьеч1и, Гиничукь, Ц1ада газ х1алт1изе кьезе. Районалъул
бет1ерасул рак1алда бук1араб Буц1ра, Хьиндахъ школал х1алт1изе кьезеги
Уздалросулъ административияб мина базеги бажарич1о. Жиндирго рук1арал планал
раг1алде рахъинарич1ого теларин рак1ч1езе гьабуна районалъул бет1ерас.
|
«Росдал зах1матчи» газеталъул редакция.
Хириял районалъул «Росдал зах1матчи» газеталъул мухбирзаби, хиси гьеч1ел газеталъул гьудулзаби! Рак1-рак1алъго баркула Нужеда т1аде щвараб 2012 сон. Гьалеха бегана г1умрудул календаралъул цоги т1амач. Чанги пайдаяб, лъик1ал къасдазул ва анищазул ц1ураб, рохелги пашманлъиги цоцаде г1ахьал гьабураб сон нухда т1обит1улаго, нилъеца пикру гьабула г1емераб жоялъул, гьел пикрабигун гали лъола Ц1ияб соналъул рагьдухъе.
|
Дица халалъи гуро борцунеб бугеб.
Цо т1охда к1иго бат1ияб климат.
|
Автор.
Х1ажиева Рукъигат, Самилахъ росу
Х1урматиял «Росдал зах1матчи» газета редакциялъул
х1алт1ухъаби. Т1оцебесеб иргаялда бокьун буго нужеда баркизе т1аде щолеб бугеб
ц1ияб сон. Гьаризе бигьаяб гуреб нужер х1алт1улъ дагьабги цебет1ей, г1ужилаб
каламгун, бег1ераб къаламгун районцоял разияб газета г1уц1изе къуватги, жанги
рак1 парахатаб г1умруги.
|
Автор.Мух1амад Х1усенов, Мущули росу.
|
Х1айбулаева Пат1имат Сивухъ росу. Декабрь 2011г. Дун йиго ункъойилъе яхуней йигей херай г1адан. Республикаялде
рач1арал Сулейман Керимовасул х1ежалт1е ч1обого г1адамал рит1изе путевкаби Сивухъ
росулъеги 1 бач1ун бук1ана. Гьеб путевка росда гьоркьоб можороги рехич1ого,
росдал г1адамал разилъун дие кьуна.
|
Мух1амадов Х1айбула, Г1орот1а росу. Декабрь 2011г.
Х1урматиял «Росдал зах1матчи» газеталъул
х1алт1ухъаби! Хъвалеб буго нужехъе Г1орот1а росулъа Мух1амадов Х1айбулаца.
|
Г1иса Г1исаев.декабрь 2011г.
Дуца гьудуллъун ккве квер г1ат1идаб т1ехь,
Кида бокьаниги дуй пайда кьолеб. (Ц1адаса Х1амзат).
Библиотекабазул т1ахьазул фонд бечед гьабиялъул
жавабчилъи т1аде кколеб районалъул Централияб библиотекаялъул отделалъе 44
соналъ нухмалъи гьабулеб буго Мух1амадова Разият Гьиматовнаялъ. Гьелда лъик1
лъала росабазул библиотекабазда бугеб х1ал. Рак1бац1ц1адго гьабураб х1алт1ухъ
Р. Гьиматовна мустах1икълъана «Культураялъул мустах1икъай х1алт1ухъан» абураб
х1урматияб ц1аралъе
|
Хъ. Г1амирханов, ветуправлениялъул нухмалъулев. декабрь 2011г.
Районалъул г1аммал маг1ишатазул г1и-боц1уда хасел
т1амизабиялде бугеб х1адурлъиялъул ва гьелъул иналъул бицунаго абила, кинабниги
хасел т1амулеб ч1ег1ер боц1ул къадар-5800, гьездасан 2100 бет1ер г1ачиязул ва
63100 бет1ер г1и-ц1аназул, гьездасанги 39600 бет1ер чахъабазул кколилан.
Г1и-боц1уе х1адурараб харил къадар бахуна 16500 тоннаялде, сенаж-4720 тоннаялде
ва соломадул 1230 тоннаялде.
|
Написат Г1алиева.декабрь 2011г.
Дагьал церег1ан къоязда Гьоц1алъ росулъе щведал, ниж раккана
росдал участкаялъулаб больницаялдеги. Мурад бук1ана гьениб г1адамазул сахлъи
ц1униялъул х1алт1и кин унеб бугебали лъазаби, унтарал рази ругищ жидее гьабулеб
дару-сабабалдаса ва хъулухъалдасаяли баян гьаби, дандч1валел зах1малъабазул,
лъик1ал ишазул х1акъалъулъ ц1ехей. Гьеб бук1ана цогидал организациязда,
учреждениязда жеги печалги ракич1еб, къват1иб ц1орораб гьуриги пулеб квачараб
хасалихълъиялъул къо. Амма больницаялде жанире щведал, гьениб унтаразе ч1езабун
батана лъик1аб хинлъи.
|
« 1 2 ... 79 80 81 82 83 ... 85 86 » |