Дагьал церег1ан къоязда Гьоц1алъ росулъе щведал, ниж раккана
росдал участкаялъулаб больницаялдеги. Мурад бук1ана гьениб г1адамазул сахлъи
ц1униялъул х1алт1и кин унеб бугебали лъазаби, унтарал рази ругищ жидее гьабулеб
дару-сабабалдаса ва хъулухъалдасаяли баян гьаби, дандч1валел зах1малъабазул,
лъик1ал ишазул х1акъалъулъ ц1ехей. Гьеб бук1ана цогидал организациязда,
учреждениязда жеги печалги ракич1еб, къват1иб ц1орораб гьуриги пулеб квачараб
хасалихълъиялъул къо. Амма больницаялде жанире щведал, гьениб унтаразе ч1езабун
батана лъик1аб хинлъи.
Т1оцебе нижеда гьениб дандч1вай гьабуна больницаялъул
бет1ерав врач Гайдалов Х1ажица. Гьес нижее бицана гьадин:-Киг1анго печал ракизе
заман щун гьеч1ониги, тохлъукьего бач1араб ц1ороялъ унтарал регарал палатабахъ
ц1акъ квачан бук1иналъ, нижеца х1ухьлаца рукъзал хинлъизарулеб система биччазе
ккана. Хасалоялде нижер буго лъик1аб х1адурлъи. Буго г1ураб къадаралда бух1изе
т1урчи-ц1ул.
Нижер больницаялъ хъулухъ гьабула 4 азаргог1ан чияс г1умру
гьабулеб 5 росдал г1адамазе. Гьениб унтарал къабул гьарула жидер лъик1аб
махщелги, лъайги бугел врачазгин медсестрабаз. Больницаялда унтаразе ч1езабун
буго лъик1аб квен-т1ех, руго х1ажатал дараби.
Ниж раккана больницаялъул палатабазухъеги. Гьенир регарал
Г1абдурах1манова Кумсиятица, Г1амирханова Месейица, Х1адисов Х1адисицаги нижее
загьир гьабуна терапевт Маллагьит1инова Халунидаса, бет1ерав врач Гайдалов
Х1ажидаса ва т1олалго больницаялъул х1алт1ухъабаздаса жидер бугеб разилъи.
Халуница щибаб къойил радал яч1ун лъазабулила жидер х1ал-х1укму кин бугебали,
борцунила давление, берцинаб, х1еренаб гьимигун рач1ун т1адагьал кверазул
медсестрабаз гьарулила уколал. Зама-заманалдаса вач1ун Х1ажицаги х1ал-х1укму
лъазабич1ого толарила.
Больницаялъул г1унгут1илъун кколеб буго гьит1инаб бук1ин.
Г1иц1го 15 чиясе гурого гьениб регизе бак1 гьеч1о, гьелги терапиялъул унтарал.
Рес рекъоларо гинекологиялъул, хирургиялъул унтарал, лъимал къабул гьарун
гурого сахлъизаризе больницаялда регизаризе.
Больницаялъул г1олел г1оларел рахъазул бицунаго,
х1алт1ухъабаз бицана жидее УЗИ, рентген, физиотерапиялъул кабинет
гьеч1олъиялъул зах1малъи бугилан. Х1ажат вугила стоматолог, цойги терапевт,
клиническияб лабораториялде т1адеги биохимиялъул лаборатория. Чара гьеч1ого х1ажатаблъун
гьоц1дерил г1адамаз рик1к1унеб буго больницаялда хехаб кумекалъул пункт
рагьизе. Х1алт1ухъабазе санаг1алъи гьеч1олъи буго аслияб корпусалдаса бат1а
т1ураб бак1алда квен гьабулеб богорукъ, продуктаби ц1унулеб бак1 бук1иналъул ва
гьединго прачечная гьеч1олъиялъул.
Гьел киналго г1унгут1аби рич1ч1ун ц1ияб больницаялда
аск1обго эхетун буго ц1ияб мина. Гьениб жаниб гьарулел х1алт1аби лъуг1ун хадуб
рес рекъела церехун рехсарал г1унгут1аби лъуг1изаризе.
Гьединго бет1ерав врачасул рах1ат хун бугоан медикаментал,
квана-гьекъезе жо унтаразе къарзалъ росун рук1иналъ. Гьес хьул гьабулеб бугоан
кват1ич1ого налъи т1убазе рес рекъеялде.
Н. Г1алиева.
|