Пятница, 29.03.2024, 14:47 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Январь » 18 » ХIЕЖАЛДАГО РАКIГИ ТУН, ТIАД ЙИССАНА ДУН.
17:50
ХIЕЖАЛДАГО РАКIГИ ТУН, ТIАД ЙИССАНА ДУН.

Араб 2011 соналъ рази гьаюна дун, к1иго мурад т1убана дир: Къуръан ц1алана ва исламалъул щуабилеб рукну-х1еж борхана. Баракат бугев чиясул баракат ралъдалъ бугеб ччуг1ие щолин абула.

Гьеб к1иябго Аллагь разияб иш т1убана нижер росдал дибирлъун вук1арав Дилималдаса Шапиев Г1абдулкъадирил баракаталъ. Гьес малъана дида Къуръан ц1ализе. Ц1акъ х1аракат бахъана гьев баракат бугев, лъик1ав чияс нижер группаялда рук1арал 17 ясалъ Къуръан махражалда ц1ализе ругьун гьариялъе.

Цо къоялъ дарсида муг1алимас суал кьуна х1ежалде щий араян. Инч1езда гьоркьой дунги йик1ана. Щайха инч1ейилан кьураб муг1алимасул суалалъе жаваб кьуна Аллагьас ах1уларого йигилан. Рак1-рак1алъ ва рак1 бац1ц1адго ният, къасд гьабуни, ах1улилан абуна муг1алимас. Дицаги гьеб бак1алда, гьеб лах1заталъ ният гьабуна х1еж борхизе. Аллагьасул квербакъиялдалъун дир гьеб мурадги т1убана.

Аллагьасул рукъ-Каг1баги, Авараг (с.т.г1.в.) гьавураб Маккаги, гьесул хоб бугеб Мадинаги бихьизе бук1араб х1асраталъ батила, х1ежалде боржунеб самолет гьаваялде бахъинег1ан, рак1 ч1олеб бук1инч1о, хирияб ракьалде ячун, х1еж борхун бажариялда. Г1езег1ан зах1матаб операцияги гьабун, моц1 балелде, къват1ие яхъине кканиги Аллагьас кумек гьабун, х1еж борхизе, росда цебе бугеб хурие унеб г1анасеб зах1малъи дандч1вач1о дида. Цадахъ яцги- яцалъул бет1ергьанчиги, вацг1алги, гьесул лъадиги, имг1алги, яцг1алги, гьелъул бет1ергьанчиги рук1иналъ батила дун дирго рокъой г1адин йик1ана. Гьелда т1адеги нижер 32 группаялда рук1ана ц1акъ лъик1ал г1адамал. 150 чи группаялда рук1аниги, ниж цо хъизамалъул чаг1и г1адин рук1ана. Нижгун рук1ана Ц1олбокьа-Миякьоса ц1акъ иман бугел 40 г1анасей ч1ужуги. Гьезда гьоркьоса Сакинатица ва Гьумайица нижее, г1исиназе нухмалъи гьабун, эркенаб т1олабго замана Аллагьасе г1ибадаталда инабизе т1амуна гьез ниж.

Ц1акъ лъик1ал г1адамал рук1ана гостиницаялъул цо номералда дунгун рук1арал добго Ц1олбокьа-Миякьоса ригь арай ч1ужу Саих1ат ва гьелъул яцал Раисатги, Марьямги, Дилималдаса Хадижат ва гьелъул яс Мадина. К1иабизе х1еж борхизе рач1арал рук1ана нижеда цадахъ Бакълъухъа ц1акъ иман бугел руччаби Х1алимат, Пат1имат, Г1ашура, Раисат ва Г1асаса Бариятги. Гьез нижее ц1акъ к1удияб кумек гьабуна х1ежалъул рукнаби т1уралаго.

Ц1акъ бит1 ккана нижее Дилималдаса Рамазанх1ажияв нижер группаялде ккейги. Лъабкъойилъаги санал арав, 17 нухалъ хеж борхарав Рамазанх1ажияв вук1ана ц1акъ жигарав чи. Г1араб мац1ги, Макка-Мадинаги лъалев Рамазанх1ажияс, ниж х1ажаталъуре рачун кумек гьабулеб бук1ана. 82 сон барав ригь арав чи вук1аниги, Дилималдаса Мух1амадт1агьирицаги г1олохъанчияс г1адин борхана х1еж.

Нижер 32 абилеб группаялъул нухмалъулев Бакълъухъа Мух1амадибирх1ажиявги вук1ана ц1акъ бажарарав, группаялъул т1алаб-агъаз бугев чи. Гьабизе кколеб-толеб малъи гуребги, ниж лъелго хьвадизе теч1о гьес: х1ажаталъуре рачине автобусал ах1улаан. Гьединалго бажари бугел рук1ана Мух1амадибирх1ажиясул 4 кумекчиги. Бакълъухъа Ах1мадх1ажияв ва Г1изудинх1ажияв,  Инхоса Ах1мадх1ажияв, Ц1олбокьа-Миякьоса Муслимх1ажияв. Дида гьезул кумек кидаго к1оченаро.

Аллагьас кирилъун хъвайги гьезие ва цадахъ рук1арал цойгидазеги жидерго яцазул г1адин гьез гьабураб т1алаб-агъаз ва кумек.

Г1емерал г1ажаибал жал халлъана дие гьанир. Сундасаго цебе цох1о гьаб ракьалъ рак1ал Аллагьасде г1агар гьарула, рек1елъе иман т1инк1изабула. Дуг1а гьабулаго, чвахун маг1угун г1одулел г1арабазул бихьинал рихьидал, дир г1ажаиблъиялъе г1орхъи бук1инч1о. Гьалейин унго-унгоял бусурбаби, пайда щибин гьазул г1адинаб иман гьеч1ев муъминчиясулан рак1 къварилъулеб бук1ана дир. Какде ах1улеб будунасул гьаракь раг1арабго, г1арабал, кинабго к1очон, бичулеб къайи-къоноги бугелъубго тун, мажгиталъуре рекерулел рук1ана.

Яцалъ бицана Г1арафа маг1арда жинда ватанин бух1араб бакъукь, салуда накабиги ч1ван, чвахулаго маг1угун, г1одулаго Аллагьасде гьардолев цо г1арабав. Жиндирго гьабулеб жоги лъуг1ун нахъ йиссунагоги, рук1ел хисич1ого, гьебго бак1алда, добго къаг1идаялъ ватанин гьеван. Дагьаб мехалъгицин гьалделеб бугеб Саг1удиязул бакъул баг1ари х1ехьезе г1езег1ан зах1матаб жо буго. Гьелъул х1акъалъулъ М. Ах1мадовас «Г1арафа» поэмаялда гьадин хъвалеб буго:

Г1арафа маг1арда бакъул баг1ари

Бицун бич1ч1уларо, бихьун гурони.

Г1арафа маг1арде рахараб къо ц1акъ рак1 бакъвараб, пашманаб, г1одизе бач1унеб бук1ана. Дуда сверухъ карачалабилъун гьелчолеб бук1уна г1адамазул раг1а-ракьан гьеч1еб хъах1аб океан. Дудаго мунго ккола гьеб океаналъулъе рехараб гьит1инабго салул горолъун. Цебе ч1ола къиямасеб къоялъ г1арасалъул майданги х1исаб-суалалъе т1аде рахъинарурал мусрал т1ад жемарал хваралги. Киг1ан ях1 гьабун ч1ун йик1аниги дир бадиса маг1у чвахулеб бук1ана.

«Г1арафа» поэмаялъул авторас г1ажаибго махщалида бахъун буго гьелъул сурат ва гьелъ рек1ее гьабулеб пашманаб асар:

Г1арафат маг1арда гьелчолеб ралъад

Г1адамазул хъах1ал карачалаби

Т1ад мусру жемарал жаназабилъун

Заманаги к1очон руго г1адамал.

Г1ажаибаб жо гьеч1ищ, гьаниб Т1адег1анав Аллагьги гьесул хирияв расул, салам лъеяв Мух1амадги рек1елъа унаро. Х1ежалда хвел-хобалъул, абадияб рукъалъул пикраби рек1елъа араб заман дагьаб гурого бук1унаро. Дунялалда базе бугеб цо лах1заталъухъ абадияб рукъ хисанин, щайин дие рук1арал школалги, университеталгиян хиялаз кьижизе толей йик1инч1о дун. Цойги г1ажаибаб жо-гьанир кьижич1ониги макьихунаро, кванач1ониги ракъуларо: церехун дица рехсарал пикрабаз батизе бегьула. Гьаниве хьвадун ч1алг1арав, анц1ул х1еж борхаравги цоги нухалъ ине анищ гьабуларев чиги, г1ажаиблъи, дандч1валаро.

Аллагьас ах1ани, бач1унеб соналъги х1еж борхизе щулияб къасд буго диргоги.

Щибго гьабич1ого, г1иц1го Аллагьасе г1ибадат гьабулей ихдаллъаг1ан Макка-Мадинаялдаго ч1езе анищалгун т1адюссана дун х1ежалдаса.

Буц1раса Г1исаева Пат1имат-х1ажи.                  

 
Просмотров: 1015 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz