Четверг, 28.03.2024, 20:33 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2011 » Декабрь » 21 » Г1ЕЛМУЯЛЪУЛ РОКЪОР РИЖАРАЛ КЪВАРИДАЛ ПИКРАБИ.
19:06
Г1ЕЛМУЯЛЪУЛ РОКЪОР РИЖАРАЛ КЪВАРИДАЛ ПИКРАБИ.

Библиотекабазул т1ахьазул фонд бечед гьабиялъул жавабчилъи т1аде кколеб районалъул Централияб библиотекаялъул отделалъе 44 соналъ нухмалъи гьабулеб буго Мух1амадова Разият Гьиматовнаялъ. Гьелда лъик1 лъала росабазул библиотекабазда бугеб х1ал. Рак1бац1ц1адго гьабураб х1алт1ухъ Р. Гьиматовна мустах1икълъана «Культураялъул мустах1икъай х1алт1ухъан» абураб х1урматияб ц1аралъе.

Гьал къояз гьал мухъазул автор дандч1вана Р. Мух1амадовагун. Дие бокьун бук1ана аваразул хъвадарухъабазул асараздалъун кинаб къадаралда хьезарун ругел районалъул библиотекабияли лъазе. Нижер гара-ч1вариялда гъорлъе журана гьеб къоялъ семинаралде рач1ун рук1арал росабазул библиотекабазул цо-цоялги. Гара-ч1вариялъул къокъаб х1асилги, дидаго лъарал рижизарурал пашманал пикрабазулги бицана дица нужее.

 

Районалъул 27 библитекаялда 2011 соналъул 1 январалде бук1ун буго 214176 т1ехь. Гьеб къадар квеш гьеч1ого бук1ине бегьула. Квеш ккараб жо буго гьезда гьоркьоб 400 г1анасеб гурого аваразул авторазул асарал (авар мац1алда) гьеч1олъи. Гьеб кколеб буго 0,53 процент. Гьелда божич1ого рук1ине бегьила, амма гьеб буго х1акъикъат. Пашманаб х1акъикъат-исана районалъул библиотекабазде бач1араб 905 т1ехьалда гьоркьобги цониги авар мац1алда хъвараб т1ехьго гьеч1олъи нилъер, т1оцебесеб иргаялда, миллатазул культураялъул, мац1алъул ургъел гьабизе т1аде босарал х1акимзабазул, рихьизего рихьуларел депутатазул рах1ат хвезабизе ккараб х1ужжа гурищ кколеб?

Лъаялъулги культураялъулги ва цогидалъулги г1емер бицун, ц1алун, ц1алк1ун, ч1амун г1адамазул бут1рулги сверизарун (заговорить) улкаялъул бут1руз гьеб к1иябго бут1а (цогидабго г1адин) к1алагъоркье ч1вазабуна. Разиятица нахъе ц1унарал отчетаз нуг1лъи гьабулеб буго к1ал гьорозег1ан, нилъер бут1руца какулеб СССРалъул заманалда лъаг1алие 4 нухалъ ч1орого рач1унел т1ахьазул къадар 10 азаргоялде бахунеб бук1ин. Данде кквей 905 ва 10.000. Гьел тарихазул пикруги гьабун, кье къимат квешаб социализмаялъеги лъик1аб капитализмаялъеги.

Районцоязе хирияв Ц1адаса Х1амзатил асаралгицин лъуг1ун ругин библиотекабаздасаян абизе бегьула. Х1амзатил г1агараб росдал библиотекаялдацин шаг1ирасул асарал рук1инч1ого, жалго бет1ергьанал библиотекабаздаса гьарун росанилан бицана Ц1ада росдал библиотекаялъул заведующая А. Г1алибеговалъ. Районалъул цогидал библиотекабиги я Х1амзатил, я цогидал аваразул авторазул т1ахьаздалъун расги лъик1 хьезарун гьеч1о. Гьеб дидаго бихьунги бицунги лъала.

Районцоял хъвадарухъаби З. Х1ажиевасул, М. Сулеймановасул асаралги лъуг1иялде ккун ругин абизе бегьула Г1абасил Мах1амадица ахириял соназ къват1ире рач1арал жиндирго асарал сайигъат гьарун руго росабазул библиотекабазе, жиндихъего щибаб къоялъ рач1унел лъалелги лъаларелги рик1к1ен г1емерал гьалбадерие. Баркала буго гьесие. Районалъул г1адамазул рес буго гьесул асарал ц1ализе.

Т1ок1аб сундул х1акъалъулъ бицине ккелеб ЦБялдацин аваразул летератураялъул классик, нилъер ракьцояв Ч1анк1ал асаразул цо экземплярцин гьеч1еб мехалъ. Цо-цо, к1и-к1и экземпляр хут1ун буго ЦБялдацин Мах1мудил, Г1алих1ажиясул асаразулги. Дун щварал районалъул библиотекабазда лъуг1ун руго Муса Мух1амадовасул прозаялъулал асарал. Гьанибго абун тела Мусал трилогияг1ан ц1ехолеб т1ехь гьеч1ин бицана библиотекараз, амма гьеб районалдасаго лъуг1ун бугин ккола. Г1емер ц1ехолел руго Фазул прозаялъул асаралги. Амма пайда щиб? Г1емер ц1ализе къват1ире кьун, г1емерав чиясул кверзукьан ун, Мусал, Фазул прозаялъул ва церехун ц1арал рехсарал авторазул т1ахьал басралъун, пайда босиялдаса ун, т1аса хъваг1азе кканилан бицана ЦБялъул директоралъул заместитель Пат1имат Хочоевалъ. Г1адамазул т1алаб бугел авторазул т1ахьазе щибаб соналъ заказ гьабулин абуна П. Хочоевалъ, амма х1асил кколеб гьеч1о.

Цо росдал библиотекаралъ абуна районцоял Х1амзатилги, Ч1анк1алги, Заид Х1ажиевасулги, М. Сулеймановасулги т1ахьал гьеч1илан абизе ц1акъ намуслъулилан. Хасго санаг1алъи гьеч1еб х1алалде кколила рефератазе, курсовиял, дипломалъулал х1алт1аби хъвазе гьезде х1ажалъи ккаразукьа.

П. Хочоевалъул ва росабазул библиотекабазул заведующиязул рах1ат хвезабун бугоан авар мац1алда бугеб лъималазул литератураги библиотекабаздаса лъуг1улеб бук1иналъ. Чанго авторасул асараздасан данде гьабураб альманахалъул формаялда г1уц1араб т1ехьниги биччалебаниян анищалда йигоан цо росдал библиотекаялъул заведующая. Г1ададисеб анищан ккана рак1алде: гьанжесеб г1уц1иялда т1охьолги, культураялъулги ургъел гьеч1о ва бук1унаро. Гьелъие нуг1лъи гьабулеб цо мисал рехселин. Бицунеб раг1ана Макьаст1а хъещт1еро гьабизе (ракъарал г1ачиязе зурма г1адинаб жо бук1унаро) 58 млд.430 млн. гъурущ харж гьабизе бугилан. Районалъул 27 библиотекаялъе т1ахьал ричун росизе лъаг1алие биччан буго г1иц1го 77400 гъурущ, ялъуни цо библиотекаялъе 2866 гъурущ. Гьел гъурщазухъ цо библиотекаялъе щолеб буго лъаг1алие 31 т1ехь. Бицунеб раг1ана гьениб хъешт1ей гуребги цогидал рек1елгъеял ва-гье-це-ялги рук1ине ругилан. Ва-гье-цеялъул багьа киг1ан бук1ине бугебали лъаларо, сордо-къо гьениб баралъухъ 2000 доллар бук1ине бугилан абулеб раг1ана. Х1акъикъат Аллагьасдаги дозда жидедагоги лъалеб батила. Хъешт1ерабазде хьвадун, миллионазухъ рек1елгъейги лазаталги гьарулезул хъвалелъул рекъараб гьеч1ищ гьоркьохъеб къаг1идаялъ библиотекаралъе 5000 гъ. гурого харж щоларин абун?

К1удада Марксицаго бицун бук1ана капиталистияб г1уц1иялъ к1ийиде бикьулин жамаг1атан: х1исаб гьеч1ого бечедаздеги х1аталдаса ун мискиназдеги. Цо дагьал церег1ан соназ дица «Р.З.» газеталда хъван бук1ана «Лазурный берегалде» трусикал бриллиантаз рацарал бохдул халатал любовницабигун Россиялдаса рач1унел нуворишазулги, ц1акъго хирияб «Шампанское» чагъиралъул х1ор гьабурай Березовскиязул ясалъулги, Ельцинил яс Татьянал хьвада-ч1вадиялъулги. 300 соналъ (дол соназ) гьоркьохъеб харжида вугев учителасе щолареб г1арац 2-3 саг1аталда харж гьабурав миллиардерасул васасулги. Гьеле гьединал г1адамазе балеб буго Макьаст1а хъещт1еро.

К1везехъин гьеч1о цоги мисал рехсеч1ого ч1езе. «Миллат» газеталда цо х1акимас хъван бугоан 475 азарго гъурущ щолин жиндие моц1роеян. Гьеб г1арац щвезе ккани, библиотекарь х1алт1изе кколей йиго 7 соналъги 11 моц1алъги, ялъуни 475 азарго гъурущ ккола 95 библиотекарасул моц1рол харж. Политэкономия ц1аларазда рак1алда батизе бегьула харжалъул къадар бараб бук1унин «От количества и качества затраченного труда» абун малъун бук1ин. 95 библиотекаралъг1анасеб х1алт1ийищха дов чиновникас гьабулеб? Гьабуларо. Гьелда абула социальная несправедливостан. Нилъее т1алъи гьабулеб буго чиновниказулгун олигархазул власталъ. Властьги х1алт1ула жидеразулго мурад ц1унун.

Цоги мисал. 20-абилеб г1асруялъул 60-абилел соназ Дагъистаналъул нухмалъулев мунагьал чураяв Г1абдурах1ман Данияловасул моц1рол харж 400 гъ. бук1ана. Гьел соназ бекьеч1дерил колхозалъул дояркаялъ моц1рое босулаан 600-700 гъ, цогидаб щолеб жо рик1к1инч1ого. Доб бук1ана халкъияб власть. Доб мехалъ халкъалъе лъик1лъи бук1ана.

Исламиял улкабазда т1адег1анаб къадру бук1ана т1ехьалъул, лъаялъул. Дагъистанияс х1ажатаб т1ехь босулеб бук1ана г1ака бичунги. Лъаялда хадув унев вук1ана Индиялде щун, исламиял улкабазде. Нилъер авараг Аллагьасул салам лъеяв Мух1амадица жиндирго умматалда васигат гьабун бук1ана «Китаялде щвезег1ан унги, лъай босе»,-абун. К1удияб къадруялда бук1ана библиотекаги. «Г1елмуялъул (г1акълуялъул) рукъан» абулаан халифаталда библиотекаялда. Контрибуция, реперациял доз месед-г1арацалъул бак1алда т1ахьаздалъун босулеб бук1ана.

Дир г1олохъанлъиялдаги ц1акъ багьа к1удияб, къадруяб жо бук1ана т1ехь. Къиматаб сайгъатлъун рик1к1унаан Расулил асаразул т1ехь. Талих1ккейлъун рик1к1унаан «Союз-печаталдасан» ричулел т1ахьазе подписка гьабизе щвей. Ц1ияб бач1араб лъик1аб т1охьода хадуб библиотекаялда очередалда хъвалеб заман лъала дида. Гьедин бук1ана доб нилъеда къимат лъач1еб баркатаб советияб заманалъ. Гьанже кинабго борцунеб роценлъун бечедасухъ гьарзаяб, мискинасухъ мукъсанаб гъурущ буго. Гъурущ кьоч1окь лъураб г1уц1и ккола капитализм.

Талих1ал къоязул къимат лъаларо,

Талих1 къарал къояз мун къакъач1они.

Гьединал къваридал пикрабаз рак1 бухъулев вук1аго, кив вугев ватаниги редакциялде т1ад вуссаян амруги щун, къват1иве лъугьана дун «г1елмуялъулги, г1акълуялъулги рокъоса». Рак1алда буго т1ахьал ц1алулезул х1акъалъулъги хъвазе.

Г1иса Г1исаев.      

Просмотров: 943 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz