ЦIияв басрияв
пиризидентасухъе рагьараб кагъат
ГIодизаюге,
Путин, дун, бегьулеблъун батани…
ХIурматияв ВВП! Хъвалеб
буго духъе законалъул
ричIчIи-тIириго щвечIеб, щваниги,
гьеб цIунарал чагIи
цIакъ дагьал гурого
гьечIеб Дагъистаналъул Хунзахъ абураб кули-мархьуялдаса ГьатIинтица. Кин букIаниги, дица рикIкIуна
духъе рагьараб кагъат хъвазе
дир гIезегIан кIудияб
ихтияр бугилан-кинниги,
дагьаб мех гурелъуха бугеб дида мун
лъалелдаса-тIубараб13 сон! Доб мехалъ
дун йикIана къойиилъ
йигей тIинчIай гIолохъан чIужу,
гьанже-дун херлъаниги, тархъаниги,
дуе лъугьараб щибго гьечIо-ботоксацаги гIолохъанай
гимнасткаялъги
бахиллъиледухъ лъикI цIуна-къан
вуго мун. Рищиязда цебе бусурбанаб
Дагъистаналда тIибитIун букIараб, дуца исламияб
дин босанилан пураб
абундач уябгIаги батила,
мун цин Людмилагун, цин Кабаевагун вихьулев… Гьедин батани, «диналъул вац», дуе
жеги кIиго бегьула.
Гьанже байбихьилин дирго
кагътил аслияб мурад
дуде щвезабизе.
Дица кинабго тIасалъугьун
телаан дуе: Дунялалдаго бищун
хирияб 10 гамаялъул цояб, 50млн$ багьаяб
«
Олимпия » яхтаялъул
бетIергьан мун вукIинги,
гьелда тIад харж гьабизе
санайил пачалихъияб бюждеталдаса 150млн. гъурущ къунцIулеб
букIинги… «Харж щвезегIан-пиши,
потом ищи» гьабулеб хъарцинлъиялда дунги дида релълъаралги тун, дур
цIаралде отношение бугевщинав чи
(гьединго дачаялда мадугьалзаби, цадахъ
цIаларал, хIалтIарал, хьвадарал) циндаго
олигархазул кьеразулъе
ккейги…2010 соналъ 60 азарго гъ. Гурого
букIинчIеб гьоркьохъеб ришваталъул къадар, 2011 соналъ 234 азаргоялде бахинги… Репрессиязул къурбаназе
улкаялдаго кьолеб социалияб ракьа,
гьединаллъун ккарал дагъистаниязе, чинушабаз
хъарса-кIатIун гурого щолеб гьечIилан
дица хъвараб кагътие , халкъалда гьоркьов
гIадатав «Ленинлъун»
хьвадулев дуца жаваб
кьечIолъиги…Геленжикалда гъоркь дур
бугеб, киналго шартIал жаниб
гIуцIараб хъулбузул городокги (гIицIго1млрд.$багьаяб), гьелда
дандекквеялъе тIонцIоца хинлъизабулеб
ва щуго соналда
жаниб цо нухалъ
гурони ремонталъе
бюджеталъул кепказул ирга
щолареб дир 40 квадратияб
метраги... Щиб «бокьаниги!!! ХIатта, дур
ракIбацIцIалъиялъ веб-камерабиги лъун
тIоритIарал «ритIухъал»
рищиязда дицаги, жеги 10 БОЖАРАВ гьалмагъасги
халатасе кьурал гьаркьазул бакIалда
дур бакIазда ругел
дресссирований чукъбуз нолал
рахъун ратигицин (« Да здравствует советский суд- самый гуманный
суд на свете!»,вай, гьедингуро-«Да
здравствуют дагестанские ТИКи-самые
прислуживающие ТИКи на свете!»)…
Кинабго тIаса лъугьун
телаан, гьаб цо гIадамал руге-ругелъув
цеве вахъун, дие бищун
вокьулев шагIирасул кучIдул
рикIкIун, сихIирал беразулъ
магIу кенчIезабун, дуца дир
рекIее ращот ккезабуларебани. Вай, агьиялда
гIодизе ячIуна, вац, «Дун лагъ
гIадин хIалтIанин улка
цебе тIезабизе» ян дур
гьаракь рагIидал. ЧанцIулго гьесун
йикIана бихьинаб рухI
Сергей Удальцовасухъе « РацIцIадал рищиялан» ахIибан
гуреб, «Свободу рабу на
галерах!» ан лозунгалгун тIоритIейин гьал митингалан
кагъат хъвазе. Гьеб кинабгоги
дуда гурхIунха. Дерьмократияб хIукуматалдалъидалха нилъ
ругел, бегьилищ инсан гьеб
къо бихьиялда тезе?!(тIасалъугьа,
цо-цо рагIабазулъ гъалатIал
ратизе бегьула гIакълу-лъай
гьечIей колотIеселъул). РакI
сагьвиллъун «гIоде-гIодеян»
тIуртIудула черх, «Россия!
Путин!»ян хъат чIвалел талихIал (унго, гьалги олигархалцин гуродай?) гIадамазул хъуялъ
мун воххизавулев вихьидал. Цадахъ магIабиги
гьарун гIодула дур
бугеб анкь, гуро,
нус гьунарлъи къватIибе загьирлъидал: лыжабазда
хъущтIулевги мун, гирулеб-боржунебщинабги жо
бачуневги мун, хур
лъилъулевги мун, океаналъул тIиндаса
6 гIасруялъул тIад хьинцин
чIвачIел хъуби рахъулевги
мун… Дунин абуни, харжидаса
харжиде гьуинаб лъимгун сухарикги
кванан, Китаялъул ширпотребги
ретIун, тIокIаб сундуего чIанкIги
гьечIого. Бегьуларищ, хIурматияв,
гьебщинаб гьунар бугев
дуца цодагьаб мехалъ дир
бакIалда гIалхулал мугIрузда
Жирикица абухъе горный
абреказе писакалъи гьабизе? (тIалъиялда рекъараблъун
бихьараб, чIезабураб харжихъха,
ва амма
дуе гьеб гIей-гIунгутIи дида
лъаларо). Вай божула, духъа
гьеб ишги бажарулеблъиялда. Амма, нилъер
гIемерсаназулаб
лъай-хъваялъе гIоло, дуе цо пайдаяб
малъа-хъвайги кьолеб буго: Верегиха,
дуца гьаниб щибниги
квеш бугилан хъвазе гурин,
гьеб мехалъ дуе
гьал местнияз огьогьой
бачунин (по себе знаю, дарагой).
Йохъ, Дагъистаналда щивго
чIвалев гьечIо, чIвалел
ратаниги, гьел дагъистаниял гуро,
гьел руго дов кидаялиго
гьаниве вачIун вукIарав
Хаттабил тIинчI-хоно. Йохъ, гьаниб
ришватчилъи тIибитIун гьечIо,
гьеб буго чиста
по-дагестански рокьулел чагIазе
сайигъатал кьей. Йохъ, гьаниб хIакимзабазул гIага-божарал
гуро хъулхъазде тIамулел
чагIи, гьел руго махщелги бажариги
бугел гIадатал гIухьби,
дояркаби, то есть рабочий класс. Йохъ,
гьаниб гуро доб кабинетазул
кIалтIа къойицаги чIун, хIакимасухъе нухги щвечIого, жиндирго
къварилъигун мискин-пакъир хутIулев. Гьаниб районалъул бетIер вукIа,
министир вукIа-щивав чинушка
вачIуна къваригIараб-тараб цIехон
щивасул рокъове, вакъун
ватани-чвантиниса бахъун долларазул
пачка кьола, хохон ватани-тIасарахъун крокодилалъул
тIомол хьиталги итальянский пинжакги кьола.Так и пишем в своих статьях. Ахиралдаги, кIудияб
гьари дуде: Гьаюге, вац Путин,
дун щакърахине, хIаге гьедигIанго
рекIелъе вортиледухъ.
Саламгун улкаялъул
кверщалил наместниказде бадире
гIемер килщал регьиялъ тIагIинавурав, КIудияв МухIамадил вас честный
Камилил яс Хунзахъа ГьатIинт.
|