Автор.Мух1амад Ах1мадов, Дагъистаналъул халкъияв поэт.Август 2017 сон.
«Гьев вук1ана аваразул ракьалда бищун ц1одораб г1акълуялъул ва бег1ераб пикруялъул инсан», - абун хъвана Ц1адаса Х1амзатил х1акъалъулъ Николай Тихоновас.
Дун щибаб къойил къулула Ц1адаса Х1амзатил т1ехьалда т1аде, пашманабги вохарабги къояз рагьула гьелъул т1анчал ва бич1ч1ула г1урусазул к1удияв поэтас маг1арул шаг1ирасул х1акъалъулъ абурал гьел раг1абазулъ бугеб к1удияб рит1ухълъи.
Ц1адаса Х1амзат г1адин г1асруги, г1адамалги, г1адамазул г1амалги, заманаялъул сверабиги, сверулеб дунялалъул даимабги лах1затабги, ях1алъул к1одолъиги гьит1инлъиги, намусалъул т1адег1анлъиги г1одобег1анлъиги, г1умруялъул бечелъиги мискинлъиги лъарав, бич1ч1арав, реч1ч1араб ч1ор г1адин, г1ужда щибаб раг1и щварав шаг1ир г1емер вижич1о гьаб ракьалда.