9 августалъ нилъер районалде яч1ун йик1ана Дагъистаналъул Культураялъул министр Зарема Бутаева. Гьелда цадахъ вук1ана республикаялъул цолъизабураб музеялъул директор, цебе Гъуниб районалъул вук1арав бет1ер Пахрудин Мух1амадовги. Гьалбадерида дандч1вай гьабуна районалъул бет1ерасул заместитель Асадг1али Г1абдуразакъовас ва цогидалги жавабиял г1адамаз.
Дандч1ваялдаса хадуб гьалбал щвана капиталияб ремонт гьабун къач1алел ругел Ц1ада ва Г1обода росабазул культураялъул рукъзабахъе. Г1обода культураялъул рукъалъул т1ох хисун буго. Ц1ада клубалдаги жанисел х1алт1аби унел руго. Гьединго гьалбал щвана Ц1ада музеялдеги мемориалияб комплексалдеги.
- жакъа гьание яч1иналъе г1илла буго нужер районалда ругел культураялъул учреждениязул ах1вал-х1алалъухъ балагьизе, хасго Ц1адаса Х1амзатил юбилейги «Хъах1ал къункърабазул къоялги» т1аде щолел ругелъул. Г1емераб х1алт1и гьабулеб буго районалда маданият цебет1еялъе. Гьелъие нуг1лъи гьабула чанго росулъ ремонт гьабун къач1алел ругел культураялъул рукъзабазги, фольклориялгун художественниял коллективазде кьолеб бугеб к1варалъги, министерствоялъул кумекалдалъун г1уц1изехъин бугеб районалъул поэзиялъул рукъалъги, т1ехьалъе базе рак1алда бугеб памятникалъги. Гьеб киналъухъго баркала буго районалъул нухмалъиялъе. Хунзахъ ккола республикаялда культураялъул рахъалъ кидаго цересел кьералъ бугеб ва дунялалда ц1ар раг1арал адабияталъулгун маданияталъул х1аракатчаг1и жаниб рахъараб район. Амма бищун бигьаяб жо буго аралдаса ч1ух1ун ч1ей, гьелъул г1аксалда г1ун бач1унеб г1елги ругьун гьабизе ккола маданияталде, г1олилазги пайда босизе ккола умумуз нахъе тараб бечедаб рух1ияб ирсалдаса. Дица Хунзахъ районалъул жамаг1аталъе гьарула кинабго лъик1абщинаб, биччанте нужер рак1алда ругел мурадал т1уразе,-ян абуна Зарема Ажуевнаялъ.
|