Суббота, 27.04.2024, 03:12 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Август » 15 » Ц1АДАСА Х1АМЗАТ ГЬАВУРАЛДАСА -140 СОН.
18:19
Ц1АДАСА Х1АМЗАТ ГЬАВУРАЛДАСА -140 СОН.

ШАГ1ИРАСУЛ Х1ИКМАТАБ ДУНЯЛ

«Гьев вук1ана аваразул ракьалда бищун ц1одораб г1акълуялъул ва бег1ераб пикруялъул инсан», - абун хъвана Ц1адаса Х1амзатил х1акъалъулъ Николай Тихоновас.

Дун щибаб къойил къулула Ц1адаса Х1амзатил т1ехьалда т1аде, пашманабги вохарабги къояз рагьула гьелъул т1анчал ва бич1ч1ула г1урусазул к1удияв поэтас маг1арул шаг1ирасул х1акъалъулъ абурал гьел раг1абазулъ бугеб к1удияб рит1ухълъи.

Ц1адаса Х1амзат г1адин г1асруги, г1адамалги, г1адамазул г1амалги, заманаялъул сверабиги, сверулеб дунялалъул даимабги лах1затабги, ях1алъул к1одолъиги гьит1инлъиги, намусалъул т1адег1анлъиги г1одобег1анлъиги, г1умруялъул бечелъиги мискинлъиги лъарав, бич1ч1арав, реч1ч1араб ч1ор г1адин, г1ужда щибаб раг1и щварав шаг1ир г1емер вижич1о гьаб ракьалда.

Х1амзатица г1адада раг1и абулароан. Гьесул щибаб жугьа жагьиллъиялде, х1елх1елчилъиялде, х1амабагьадурлъиялде, къадараб г1амалалде, к1игьумерчилъиялде, чилъи хвеялде, г1адалал г1адатазде, г1адамазул квешлъиялде данде багьула.

Г1адатиял г1адамал росана Х1амзатица жиндирго асаразул аслиял чаг1илъун:

Г1исинил гьвеги, Кинхвал х1амаги, Х1ажил ашбазги, Г1иник1ил чакмабиги, Мух1умил оцги, Дибирги г1анхвараги, Къарумил наслу-тухумги, чохт1оги, бидул тушманлъиги, багъизе хьихьараб гьвеги - къойил маг1арул чиясе х1ажатал х1ужабилъун адабияталда лъугьинаризе к1вей к1удияб гьунарги гьунаралдасаги т1ок1аб раг1ул устарлъиги ккола.

Цо-цо чи вахъуна хераб гьвейилан,

Гьединал бугьтанал лъезе бегьилищ?

Жегиги бох босун к1ущизе г1еч1еб

Г1амал берциниде бицунеб раг1и.

Гьал руго «Г1исинил гьвел кеч1алдаса» мухъал. Гьелдаса унго-унгояб къаг1идаялъ маг1арул мац1алда хъвараб кеч1 цоги бугодаян ккола дида мех-мехалда.

Дие Ц1адаса Х1амзат хирияв вуго авар мац1алъул ц1вабзазул зобги г1ат1идаб ралъадги г1адав шаг1ир вук1иналъ. Гьесда г1адин раг1ул маг1на маг1ил гаралги гьимиялъул ч1оразда хун кенч1езаризе к1веч1о. Балагье цо жакъа нилъер г1емерисезда к1очон тараб маг1арул мац1алъул гучалъухъ.

Яги «Ч1имхигабурлъи» абураб хабаралдаса цо гьит1инаб кесек ц1але: «Нухлул версталги сок1к1унаго, сверухъ ругел телалъул х1убал кьабулаго, кьвагьараб гулла г1адин, рач1ун ниж Ч1имхигабурлъухъе рахунел рук1ана. Гъоркьа т1аде бач1унеб абги, т1аса гъоркье бач1ун машинаги бит1ун гьелъул г1унк1рукь сверуда, гванзкуйдул г1адин, данд реч1ч1ана. Нугъай оцолгун гугьунбачил рагъ кинабха бук1унеб, грузовикалъ нижер легковая к1алагъоркье реч1ч1изабуна. Гьелъ тункараб лълъаралъ квег1аб берги ана алъул минатахъ. Ракьалда к1алги цун абги, алда т1ад бухъардулеб дандиябги, лъик1го заман бахъана».

Бит1араб бицани, дица Х1амзатил гьеб гьуинаб хабар жакъа хъвалел къисабиги романалги цадахъго кьуниги кьеларо. Куч1дул гуреб, прозаги г1ажаибаб буго Х1амзатил. Дие ц1акъ хирияб буго гьесул «Хъах1абросулъа Мах1муд» абураб асар. Гьениб шаг1ирас рагьулеб буго кеч1 гьабиялде жиндирго бугеб пикру: «Къокъаб раг1и: кеч1 гьабизе ккани гьелъие бищун к1удияб шарт1лъун буго гьелъул агьлулъун вук1ин. Гьеб буго халкъияб къуват ва инсанасул аслияб т1абиг1ат. Гьеб т1абиг1ат гьеч1они, киг1ан г1араб лъалев вук1аниги, гьев чи коч1охъан кколаро. Гьеб т1абиг1ат нилъее кьезе г1арабалдаги к1оларо.

Гьале, гьенисан нилъее бакъ г1адин загьирлъула маг1арул халкъалда жаниб ч1араб берцинаб литература бук1ин ва гьеб литератураялъул гъварилъабаздасан лъедолаго вач1арав, халкъияв ва т1абиг1атияв коч1охъанлъун Хъах1абросулъа Мах1муд вук1ин».

«...Мах1муд вуго вац1ц1адав маг1арулав ва маг1арул литературиялда жанив г1ун вач1арав махщалилав. Мах1мудил коч1охъанлъиги буго чияр асаралда гъоркье инч1еб, жиндирго бечедаб ва халкъияб къуваталда т1ад бижараб т1абиг1ияб гьунар».

Ц1адаса Х1амзатица Мах1мудил х1акъалъулъ абурал гьал рит1ухъал, т1ок1ал, г1акъилал, нилъер адабияталъеги халкъалъеги, коч1оеги к1удияб къимат кьолел раг1аби жакъа нилъеца живго такрарлъи гьеч1ев халкъив шаг1ир Ц1адаса Х1амзатил х1акъалъулъ рохун ва ч1ух1ун абизе бегьула. Х1амзатил коч1ол хат1ги, мац1ги, жугьабазул г1адатлъиги, раг1абазул ма­г1наги лъугьуна нилъеца щибаб къойил г1умру ц1унизе ц1алеб х1ухьеллъун:

Гьадиг1ан инжитго данде гьабураб

Дунялалъул боц1и бакьанго гуро.

Мискинзаби гуккун кодобе щвараб

Шагьи-параялъухъ дун урхъуларо.

Араб къарнуялъул ахиралда абурал гьел раг1аби нилъер къарнуялъул ахиралдаги бищун бихьулеб бак1алда, к1удиял х1арпаз хъвазе мустах1икъал руго. Жакъа нилъер замана Х1амзатил коч1олъ бугеб Х1ажил ашбазалде сверун буго.

Жакъасеб къоялъул сипат-сурат цебе ч1езабизе Ц1адаса Х1амзатил гьаб к1иго мухъги г1ела:

Ролъул хур кванарал ганщал жалго тун

Гугьун бачал руго рачун жанир гъун.

Гьединаб буго х1акъикъат - Х1амзатида цебего бич1ч1араб, нилъеда гьанже бич1ч1улеб бугеб.

Г1умруялъул г1адатияб х1ужаялда киг1ан к1вар бугеб бугониги, к1удияв шаг1ирасда гурони мугьру ч1вазе к1оларо, замана сверанаг1ан гьеб ц1ияб дарслъун, ургъеллъун лъугьинабизе лъаларо. Нилъер адабияталда г1иц1го Ц1адаса Х1амзатихъа бажарана гьеб т1оцебе.

Ц1адаса Х1амзатил гьунаралъул бищун т1адег1анаб рахълъун ккола гьеб кинабго рахъалдасан бац1ц1ад бук1ин, - мац1алъул, диналъул, дунялалъул.

Ц1адаса Х1амзатил маг1арул мац1алъ мац1 лъаларевги к1алъазавула, г1инкъасдаги раг1изабула, беццасдаги канлъи бихьизабула.

Х1амзатица хъвач1о Хъах1абросулъа Мах1мудица г1адин рокьул куч1дул, амма гьесул киналго асарал аваразул миллаталде, халкъалде, гlaдатиял г1адамазде, мискинзабазде, рекьарухъабазде, г1ухьбузде рокьул ц1урал руго. Гьеб рокьиялъул буго жиндирго ц1акъ ч1ух1араб борхалъиги хвел гьеч1еб берцинлъиги.

Х1амзатил назмаби насих1атиял руго. Амма гьесул насих1ат киданиги ч1амуч1лъуларо, ч1андахабаралде сверуларо, жанисеб гьимигун, гьуна­ралъул ч1ух1игун, ургъалил бух1игун, г1акълуялъул сабругун, кицабазул роценгун, биценалъул берцинлъигун лъугьуна нилъер рак1азулъе, рек1араб, кидаго сунареб г1акълуялъулги, берцинлъиялъулги, г1адатлъиялъулги, г1амалалъулги кьераз ургъараб, адабиятги, г1умруги, маг1арул халкъги гвангьараб нуралъул сипатлъун хут1изе. Дун талих1ав вуго Ц1адаса Х1амзат г1адав шаг1ир маг1арулазул ватиялдаса.

Лъуг1изабизе бокьун буго, анц1ила ункъо сон бараб мехалъ хъвараб, гьелдаса хадуб цо раг1и хисизабич1еб «Ц1адаса Х1амзатил т1ехь ц1алулаго» гьабураб дирго кеч1алдалъун:

Макьу щолеб гьеч1о

Сардилъ, Х1амзатил

Х1алк1оял мухъазде

Къуларав дида.

Даимлъидулъ бугеб

Балъголъи лъала,

Мухъазулъ бахчараб

Г1асру бихьула.

Дида ккола дунял

Г1адатлъи бугин

Г1аданлъидул кьояз

Цолъизабураб.

Х1амзатил гьунаралъ

Рорхатал т1огьал

Т1анчазда т1ирит1ун

Дие тун ругин.

Дида ккола т1олго

Т1абиг1ат бугин,

Досул пикрабазул

Рек1елъ рещт1унеб.

Заманалъул чвахи

Хиялальги лъун,

Г1асру досул коч1ол

Каранда бугин.

Макьу щолеб гьеч1о...

Сардилъ Х1амзатил

Х1алк1оял мухъазде

Къулун вуго дун.

Мух1амад Ах1мадов, Дагъистаналъул халкъияв поэт.

 

Просмотров: 3606 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 1.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz