Коч1охъанлъун лъица дун вахъинавурав? Халкъалъ гьавуна. Ва дир библиотека бук1ана халкъ...
Дир гьабураб х1урмат дица тола халкъалъе гьабулеб х1урматлъун, щайгурелъул дун вуго халкъалъ вижарав чи ва ярагъги дихъ буго халкъалъ чархида ккураб.
Ц1адаса Х1амзат
Цо г1аммаб ва г1ажаибаб хасият буго халкъалъул х1урматиял г1акъилзабаз жалго унелъул нахъе толеб рух1ияб ирсалъул. Заман бахъанаг1ан г1агарлъулеб ва хиралъулеб бук1уна гьеб ц1и-ц1иял г1елазе, жавгьаралъул гьайбатаб кунч1иялдалъун паркъолаго щола гьеб наслабазухъе, т1адеялдаса-т1аде т1ок1к1унаго, къин гьеч1еб иццлъун берола гьеб къеч буссине т1аде хьвадулел г1адамазе ва т1аса камулареб хазиналъун ч1ола гьеб т1олго халкъалъе. Гьеб ирсалъул т1адег1анлъиялдаги к1одолъиялдаги бухьараб буго щибаб миллаталъул г1адамазул къадруги, намусги, ч1ух1иги. Ч1алг1аде батиларо халкъалъ х1урматалда рехсолел жидерго г1алимзабазул ва шаг1ирзабазул ц1арал, бахилго ц1унулел гьезул хабазда занал, наслабазухъа наслабахъе мадиро гьабун кьолел гьезул роц1арал васиятал.
Гьедин батила, хваралдаса 65 сон аниги, халкъалъул рак1азулъ Ц1адаса Х1амзат ч1агоявлъун, х1ажатавлъун, рехсолевлъун вугевги. Исана августалда 140 сон т1убала шаг1ир гьавуралдаса. Гьелде рач1унаго районалъул газеталъул гьурмаздасан кьезе байбихьулеб буго жакъа къоялъеги хасиятал, данде кколел гьесул куч1дул.