Вторник, 23.04.2024, 22:04 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Август » 12 » СПОРТАЛЪЕ БАХЪАРАБ ХВАЛЧЕН.
20:21
СПОРТАЛЪЕ БАХЪАРАБ ХВАЛЧЕН.

12 августалъ республикаялъул волейболалъул ветераназда гьоркьоб т1обит1улеб буго ДРялъул Физическияб культураялъул ва спорталъул мустах1икъав х1алт1ухъан Ах1мадов Хвалчен Мух1амадил юбилеялъулаб турнир. Спорткомитеталъул баяназда рекъон гьениб бук1ине буго г1емерал х1урматиял гьалбал т1аде ах1араб байрамалъулаб данедеруссин.

 

Дагъистан Республикаялъул физическияб культураялъул мустах1икъав х1алт1ухъан, республикаялдаго ц1ар раг1арав волейбо­лист ва тренер Ах1мадов Мух1амад (Хвалчен) лъаларев чи муг1рузул улкаялдаго ватиларо. 1966 соналъ Г1арани школа-интернатги лъуг1ун Буйнакскиялъул Аварпедучилищеялда ц1ализе лъугьиналдасан байбихьана Ах1мадовасул спортивияб г1умру. Бокьараб тайпаялда спортсменасул цебет1ей г1емериселъ бараб бук1уна тренерасда.

Мух1амадие бит1 ккана гьеб рахъалъ. Педучилищеялда ц1алулел соназго гьесде к1вар буссинабуна Дагъистаналъул педагогикияб институталъул физическияб тарбия кьеялъул факультеталъул к1удияв преподаватель Къадилмух1амадов Мух1амад Шахшаевичас. Живго Мух1амадил волейболалде бугеб рокьиялъги, гьесул махщел камил гьабизе Мух1амад Шахшаевичас бахъараб х1аракаталъул х1асилалъги къокъабго заманалда Ах1мадов цин педучилищеялъул, хадубго пединституталъул ва Дагъистаналъул т1аса бищараб командаялъул членлъун вахъана. Пединституталда ц1алулел 1974-78 соназ гьев х1алев вук1араб институталъул командаялъ бергьенлъи босана РСФСРалъул лъай кьеялъул министерствалъ т1орит1арал къецазда. Гьел сонал рук1ана спортсмен х1исабалда Мух1амад ц1уварал, волейболалъул т1адег1анав махщалилавлъун гьев

лъугьунел сонал. Гьеб заманалда Ах1мадовасе лъабго нухалъ кьуна «Россиялъул педвузазда гьоркьов бищунго лъик1ав нападающий» абураб ц1ар. Чанго нухалъ рик1к1ана турниразул бищунго лъик1 х1алевлъун (игрок). 1982-83 соназ гьев х1ана Россиялъул «Урожай» обществалъул т1аса бищараб командаялда.

Пединститут лъуг1ун хадуб Мух1амад х1алт1изе вач1ана районалде, ва гьале к1икъогоялдаса ц1ик1к1ун соназ лъималазе тарбиягун лъай кьеялда цадахъго ц1унулеб буго гьес районалъул спортивияб къадруги. Т1адег1анаб категориялъул учитель гуревги Мух1амад ккола лъик1ав тренерги. Лъималазда гъорлъ восун, рак1 бащадав гьудул- гьалмагъ, т1алаб ц1ик1к1арав эмен, к1удияв вац г1адин вихьула гьев ц1алдохъабазда гъорлъ школалда. Анлъго соналъ х1алт1ана Ах1мадов Хунзахъ спортшколалъул директорлъун, цадахъго гьабуна тренерлъиги. Гьес ругьун гьабураб Дагъистаналъул г1олилазул т1аса бищараб командаялъ г1ахьаллъи гьабуна Россиялъулго роцада

т1орит1улел къецазда ва чанц1улго бахъана гьезул призерлъунги.

Г1емерал руго Мух1амадил ц1алдохъаби, гьесул нухдасан арал волейболистал. Гьезул г1емерисел ц1алана Дагъистаналъул педагогикияб институталъул физкультурнияб факультеталда. Жалгоги тренераллъунги рахъун, республикаялъул ВУЗазда ва цогидалги бак1азда х1алт1улел руго гьанже гьел. Босани, X1айдарбегов Мух1амад ккола ДГУялъул командаялъул тренер. Мух1амадсадикъов Мух1амадица ругьун гьарула рук1инесел тохтурзаби. Гьев ккола ДМАялъул т1аса бищараб командаялъул тренер. Дагъистаналъул волейболалда ч1ух1ун ц1арал рехсезе бегьула Мух1амадил лъадари щварал Г1ободаса вацал Мах1ач ва Шамил Мух1амадовазул. Гьел ккола 1993 соналъ т1обит1араб пляжалъул волейболалъул рахъалъ Россиялъул «Спартак» обществалъул чемпионал. Киназдаго лъала районалъул т1аса бищараб командаялъул вук1арав пассал кьолев Адиев Х1ажимурад. «Каскад - Дагъистан» командаялда х1арал Шамил Мух1амадов, Шамил Сайгидов, Мух1амад Х1асанов, Мух1амад Хважаев, Ислам Гъазиев, Шамил Х1усейнов, Къебед Г1абдулманапов, Ах1мад Мух1амадов, Мух1амадг1арип Г1абдулмуслимов ва цогидалги волейболалъул ц1ар бугел спортсменал.

2002-03 соназ Ах1мадов х1алт1ана Дагъистаналъул педагогикияб университеталъул физическияб тарбия кьеялъул факультеталъул к1удияв преподавательлъун. Гьелдаго цадахъ бачана Дагъистаналъул т1аса бищараб командаялъул тренерасул ишги. Мух1амад шагьаралде вахъиналъе г1иллалъунги, гьеб заманалда ясал Анжеликаги Пат1иматги педуниверситеталда ц1алулел рук1ин ккана.

Районалде т1ад вусаралдаса Мух1амад х1алт1улев вуго Г1арани рагъулабгун спортивияб лицеялъул физкультураялъул учительлъун. Радал саг1ат микьгоялдаса, къаси анлъго т1убан хадубги гьев вихьизе бегьула спортивияб формаялда гъорлъ. Жиндирго хасаб программаялда рекъон, ц1алдохъабазе интерес кколедухъ бачуна дарс. Т1орит1ула классазда гьоркьор бат1и-бат1иял тайпабазул къецал, ихдалил ва хасалихълъиялъул спартакиадаби. Гьесул ц1алдохъабаз х1аракатаб гlaхьаллъи гьабулa районалъул школльималазда гьоркьор т1орит1улел киналго къецазда.

Республикаялъул цониги маг1арул район батиларо Мух1амад щвеч1еб. Дагьистаналда Ах1мадов лъала «Хвалчен» абураб ц1аралда. 1970 соназ Г1ахьвахъ районалда Совет Союзалъул Бах1арчи Мух1амад Загьид Г1абдулманапов рак1алде щвеялъул турниралда г1ахьаллъизе вач1арав Мух1амадил х1ай бихьарав Klapaт1аса Пахрудинов Г1умарица лъураб «хвалчен» абураб т1ок1- ц1ар г1умруялъго щулалъана гьесда хадуб. Гьелдаса нахъе киса-кибего т1ибит1ун ана хвалчен Мух1амад абураб ц1ар. Мух1амадие жиндиегоги рек lee г1ола гьеб.

Исана Мух1амадица т1убана 65 сон. Рарал соназ борцунаро инсанасул г1акълуги махщелги гьунарги. Ах1мадовас ц1акъ к1удияб лъалк1 тана спорталда. Районалдаги республикаялдаги к1удияб адаб х1урмат гьабула гьесулги. Республикаялъул к1варалъул ункъго турнир т1обит1ана хвалчен Мух1амадил ц1аралда гьесул 45-50-55-60 сонилал юбилеязул х1урматалда. 50 сон т1убаялъул юбилеялъулаб турниралда районалъ гьесие сайигъат гьабуна «Жигули» автомашина. Ах1мадов ккола т1адег1анаб

категориялъул учитель ва тренер, СССРалъул ва РСФСРалъул лъай кьеялъул

отличник, Дагъистан республикаялъул физическияб культураялъул ва спорталъул мустах1икъав х1алт1ухъан.

Лъик1ав учитель, спортсмен ва тренер гуревги Мух1амад ккола мисалияв эменги. Пенсиялда йигей хъизан Сулайсатгун цадахъ Мух1амадица тарбия лъайги кьун г1умруялде рахъинаруна к1иго яс. Гьанже гьелги рос-рукъалде руссарал, жиде-жидер махщалида рекъараб х1алт1уда руго.

Спорталъе г1оло бахъараб гьесул хвалчен бакълъун кенч1ола хунздерил т1алъиялда. Ах1мадов г1ахьаллъула ветераназда гьоркьор т1орит1улел киналго турниразда, цо къо алхинч1ого гьабула зарядка. Лъеда ц1ер ч1вазег1ан чвердола х1орихъ. Буго гьесул лъик1аб гьудул-гьалмагълъиги. Дагъистаналъул бет1ер Г1абдулат1ипов Рамазанилгун институталда ц1алулел соназго ккараб гьоркьоблъи къойидаса къойиде щулалъулеб буго. Россиялъул Бах1арчи Мух1амад Т1олбоев Дагъистаналда вук1ун Мух1амадгун дандч1вачloгo ч1оларо. Республикаялъул лъай кьеялъул министр Шагьг1абас Шагьг1абасовасулгунги цебегосеб гьудуллъи буго Мух1амадил.

К1иабилеб сон буго Ах1мадов республикаялъул муг1рузул районазул волейболалъул федерациялъул президентлъун вищаралдаса. Гьеб жавабчилъиги т1аде ккедал х1алт1улъ т1ерхьун вугилан абула гьес. Амма Мух1амад к1вах1-свак лъалев чи гуро. Хадубккунги г1умруялда жеги ц1и-ц1иял анищалгун, гьабизе-тезеялъе планалгун к1одо гьабуна гьес жиндирго 65 сонилаб юбилей. Хъизамалъулаб сверут1а гуребги районалъул роцадаго, ах1ун сверухъ ругел районаздаса гьалбалгун к1удияб спорталъул байрам х1исабалда к1одо гьабизе бугила гьесул юбилей, т1обит1ун турниргунан бицана спортшколалъул тренер Малачиев Шамилица. Гьедин, Ах1мадов Мух1амадил 65 сонил юбилеялъулаб турнир т1обит1изе буго 12 августалъ гьесул г1агараб К1ахъ росулъ, бат1и-бат1иял районазул командабиги г1ахьаллъун ветераназда гьоркьоб. Гьайгьай хундерил командаялда г1ахьаллъила Хвалченги.

Р. Х1амзатов

 

Просмотров: 532 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz