Четверг, 28.03.2024, 17:53 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Август » 12 » ХАЛКЪИЯВ ШАГ1иРАСУЛ ИРС ХАЛКЪАЛЪЕ ХУТ1УЛА
20:43
ХАЛКЪИЯВ ШАГ1иРАСУЛ ИРС ХАЛКЪАЛЪЕ ХУТ1УЛА

Коч1охъанлъун лъица дун вахъинавурав? Халкъалъ гьавуна. Ва дир библиотека бук1ана халкъ...

Дир гьабураб х1урмат дица тола халкъалъе гьабулеб х1урматлъун, щайгурелъул дун вуго халкъалъ вижарав чи ва ярагъги дихъ буго халкъалъ чархида ккураб.

Ц1адаса Х1амзат

 

Цо г1аммаб ва г1ажаибаб хасият буго халкъалъул х1урматиял г1акъилзабаз жалго унелъул нахъе толеб рух1ияб ирсалъул. Заман бахъанаг1ан г1агарлъулеб ва хиралъулеб бук1уна гьеб ц1и-ц1иял г1елазе, жавгьаралъул гьайбатаб кунч1иялдалъун паркъолаго щола гьеб наслабазухъе, т1адеялдаса-т1аде т1ок1к1унаго, къин гьеч1еб иццлъун берола гьеб къеч буссине т1аде хьвадулел г1адамазе ва т1аса камулареб хазиналъун ч1ола гьеб т1олго халкъалъе. Гьеб ирсалъул т1адег1анлъиялдаги к1одолъиялдаги бухьараб буго щибаб миллаталъул г1адамазул къадруги, намусги, ч1ух1иги. Ч1алг1аде батиларо халкъалъ х1урматалда рехсолел жидерго г1алимзабазул ва шаг1ирзабазул ц1арал, бахилго ц1унулел гьезул хабазда занал, наслабазухъа наслабахъе мадиро гьабун кьолел гьезул роц1арал васиятал.

Гьедин батила, хваралдаса 65 сон аниги, халкъалъул рак1азулъ Ц1адаса Х1амзат ч1агоявлъун, х1ажатавлъун, рехсолевлъун вугевги. Исана августалда 140 сон т1убала шаг1ир гьавуралдаса. Гьелде рач1унаго районалъул газеталъул гьурмаздасан кьезе байбихьулеб буго жакъа къоялъеги хасиятал, данде кколел гьесул куч1дул.

 

АШБАЗАЛДЕ ГЬАБУРАБ

Pec рекъарав чияс, къо бихьич1ого,

Къвариг1анщинаб жо ч1езабулеб куц.

Чванта г1арцул ц1ураз, г1ебеде регун,

Маг1арда ах гьаби гьанже х1акълъана.

 

Ихтилат-кепалъе гостиницал ран,

Гуч лъазе гьабизе гьанже квер бана,

Кваназе-гьекъезе ашбазал рагьун,

Пул ц1ик1анщиназе ц1ар къвариг1ана.

 

Гьаб мискинлъиялда туманк1ги реч1ч1ун,

Тукен лъезе хиял, хур рукъги бичун.

Бечедалщиназул мугъал рекизе,

Кепкал анищ дагьал, ашбаз рагьизе!

 

Унгоха, бах1арзал, х1ал хъублъун буго,

Х1ажиясул ашбаз бихьаралдаса.

Боц1уда рак1 бакъван, вакъвалев вуго,

Гьесул кухниялда кванаралдаса.

 

Бицен раг1ун бук1ун, цо къоялъ щведал,

Щибунниги к1веч1о к1алт1у батизе.

Киназго ц1ар гьабун, ц1акъго беццидал,

Цойги нухалъ арав эб балагьизе.

 

Пуланаб рукъалъул рагьдул к1алда ч1ван,

Ч1ах1а хат1алъ хъвараб хъарщи батана:

«Тафарруж кепалъе, квана-гьекъезе,

Кодоб жо бугев чи жанив лъугьа»-ян.

 

Г1урул гуч бук1аго ц1ул бахъилилан,

Ц1акъго гъираялда жанив к1анц1ана.

Жакъа бугинха цо кваналеб къоян,

Къвалакь т1агьурги ккун, т1аде лъугьана.

 

Приказчик-кашавар киналго реч1ун,

Вачун цо гамч1ида к1усизавуна.

«Квен-т1ех босизег1ан сабру гьабе»-ян,

Падар мац1алъ абун, анин, вац, рортун.

 

Туриг1ан ц1амг1алаб, ц1оро-гъорораб,

Ц1ец1 гьанал гъорлъ гьеч1еб чурпа бач1ана.

Щаг1ил гъудрухъе т1ун, т1ад гъудалги лъун,

Гъорлъ чакарго гьеч1еб чай цебе лъуна.

 

Цо расги бежич1еб, жаниб ккал ч1вараб

Ч1ег1ераб сухари цебе реххана.

«Цевег1анги вук1ун, кванай, гьудулан»,

Гьет1араб г1оркьалъул гъуд кодой кьуна.

 

Огь, чи т1аг1аясул чайдул гьуинлъи,

Гьац1улъе т1амураб ц1амилан ккола.

Чурпадалъ бугеб гьан гьудул хваясул,

Гьамшал-мушулдерил къулгьудалъ г1адин.

 

Г1али-къебедасдай аб рукъ гьабураб,

Къосараб бак1 гьеч1ин гьорол гьабида?

Къелеса Г1алилдай щурмал росарал,

Щибаб гьесул бугин кверзул рагъари?

 

Рукъалда бан бугеб къоно бихьулищ,

Къобух1араб буго гьабулеб х1алт1и?

Къадада ч1ван бугеб х1арщухъ балагье,

Х1ебдалазул буго рац1а-ракъалъи.

 

Гьаб жилла бихьулищ чурпадалъ бугеб,

Чоца гьекъеларо, къечон хваниги.

Чадида бан бугеб xlaпapa балай,

Х1айваналъ квинаро, ч1амун кьуниги.

 

Дица гьаб бак1алда кванаялдаса

Карцалъув т1амиго т1аса бищила.

Чакар-чайги гьекъон, гьаниб къогог1ан,

Къудукьго бокьила бидвиххун ккезе.

 

Гьанже ниж рахъине хиял гьабидал,

Хважайин вихьана к1алт1а тирулев.

Нижедехун вуссун калам гьабуна:

«Кинаб сурпа-къайи батараб?»-илан.

 

-«Валлагь бадиб абун беццулеб гуро,

Бер ккелеб х1ал буго», х1алт1ухъ балагьун;

Гьудул-гьалмагъасде ц1алеб мех гуро,

Ц1амул гуч бугоан чурпаялда гъорлъ.

 

Лъугьи-рихьи ккани камуларев дун,

Кидаго ц1еч1о чехь, жакъа г1адинан.

Кибниги дун щвеч1еб шагьар хут1ич1о,

Жеги дур гьаб г1адаб ашбаз бихьич1о.

 

Г1адамазул бац1ц1ун ц1орол бук1унин,

Ц1улал бугоан дур истакан-налбек.

Цогидалщиназул чинидаллъидал,

Щаг1ил руго гъудрул, гъозул «берцинлъи».

 

Халкъалъ чурпадалъе гьан буссулелъул,

Гьодал ругоан дур, гургинго рехун;

Киназго чайдалъе чакар балелъул,

Керен унтилилан тун буго дуца.

 

Тахит1а гурони г1одор ч1еч1езе

Лъик1ал т1алай руго т1ад рук1ине лъун.

Квине роль гурони щвеч1ел васазе

Сухари бан буго, к1ал гьикъун цебе.

 

Инсул садакъаги кьолеб гьеч1елъул,

Гьаб квен г1адамазе г1унги т1ок1буго.

Васасе ригьин-ц1а гьабулев гуро,

Гьалда рекъеч1ев чи, рукъов ун, кванай».

 

Гьанже дун инилан къасд гьабулаго,

Къан нахъаса ккуна, «кепкал кье!»-йилан.

Къват1ибехун гали дица лъолаго,

Лъабгояв реч1ч1ана, «шагьай рахъе!»-ян.

 

Гьагъаб квен-т1ехалъухъ кепкал росидал,

Расги букарич1еб бет1ер хъасана.

Хъатг1анасеб шагьи чурпадахъ индал,

Дирго чехь бихъизе хиял гьабуна.

 

Гьобол-гьудул абун квандеги ах1ун,

Кепкал ана росун эливащица.

Гучаб ашбазилан нуц1идаги хъван,

Гъванща ч1вана гури гавурас жакъа.

 

-Дуе кьураб шагьи жойилан гуро,

Чадил макъар буго мукъулукъилъ къан.

Чайдахъ арал кебкал к1одолъун гуро,

К1ал-мац1 буго пулхун пурччил кутакалъ.

 

Гьедиг1ан инжитго данде гьабураб,

Дунялалъул боц1и бакьанго гуро.

Мискинзаби гуккун, кодобе щвараб

Шагьи-параялда дун урхъуларо.

 

ЛЪЕХЪ Г1АЩИКЪАЛ РОСАБИ

Ниж бекьеч1, гинчал, ц1игьул —

Ц1акъ пуланал росаби,

Гьекъезе къеч хьвазег1ан,

Г1умруялъ лъим щвеч1еб халкъ.

 

Нижер лъет1е батила

Т1убараб версталъул нух;

Т1ок1аб жо гьеч1ониги,

Гьеб г1оларищха, вацал?

 

Т1аг1инч1ого гьебг1аги

Даим бук1унеб ани! —

Цо-цо нухалъ гьебги къун,

Къо бух1унги хут1ула.

 

Нижер ч1ужуг1аданалъ

Лъеберго к1икъого сон

Къанаг1атги баларо,—

Ругьдал унти ккун хола.

 

Хасало мег1ер къот1ун,

Къулг1аде лъет1е хьвадун

Г1емерисел руччаби

Чехоткаялъ рехула.

 

Риидал хьухь бахиндал,

Гонгикь лъезе къач1арал

Къалал рук1уна нижер

Жив-жив чиясул рукъор,

 

Хаселалъ бараб г1азу

Г1одоб ккезе теч1ого,

Бак1арула нижеца,

К1вараб х1аракат гьабун.

 

Гъежт1а могороги лъун,

Лъебелазул рохьой ун,

Г1ораль ц1ул бачунезда

Бахиллъун рук1уна ниж.

 

Гъваридаб ралъад къот1ун,

Релъеда-къад хьвадулев

Гамихъанасда урхъун,

Ана нижерни г1умру.

 

Муг1руздасан чвахулел

Чабхил иццазул бицун,

Чанги анищ гьабулин,

Пайда щиб хиялазул.

 

Халкъалъул х1ажат т1убан,

Т1ок1лъун унел лъимазги

Лъик1го рук1аян тарал,

Талих1 къарал ниж кинал?

 

Нижер мугжул хъах1лъана

Лъимилан ах1делаго,

Х1алакъаб чахъдал гьаракь

Раг1улеб бук1ун гьеч1о.

 

Х1аким хисанщинахъе

Рахъун цере ч1олаан;

Совет власть гурони,

Гурх1улеб бак1 батич1о.

 

Нижеца г1арзал кьеч1ел

Г1уц1абиги хут1ич1о,

Революци ккезег1ан,

Ниж лъадаца г1орц1ич1о.

 

Г1осот1а чаранги лъун,

Лъабабго росдал агьлу

Лъед г1орц1изе гьаризе

План лъуна техникас.

 

Щвараб х1аракат гьабун,

Х1укуматалъ кумек кьун,

Кьабг1изе буго газа

Горбол щек1 т1елеб х1алалъ.

1929

 

 

 

СОВЕТАЗДЕ ЩАЛ РИЩИЗЕ ККОЛЕЛ

Раг1ад бит1уларебин,

Т1ил гьет1араб бугони,—

Т1ад толел х1акимзаби

Х1алк1ун лъик1ал ралагье.

 

Х1алихьатав г1ел ккани,

Г1адлу бажаруларин,—

Жамаг1атазе бут1рул,

Т1ад квер ч1ван, ч1агоял те.

 

Тохав вехьасул рехъен

Хъурмица ч1ван батулин,—

Халкъалъе толел чаг1и

Г1акълу-тадбир бугел те.

 

Г1и ц1унун бац1ал тани,

Боц1и тала гьабулин,—

Дунял пасат гьабулев

Пасак т1аса вищуге.

 

Т1ад залимзаби ккани,

Зигара г1емерлъулин,—

Г1адамазе х1акимлъун

Г1адлу бергьарав гьаве.

 

Амма х1алимав абун,

Х1айван бет1ерлъун тоге,

Х1акъаб жо абуларев

Ахрас къабул гьавуге.

 

Жиндирго напсалдаса

Чияде рег1уларев,

Чохьой г1оло х1алт1улев

Х1алихьат нахъег1ан те.

 

Чвантил к1ал г1ат1идасе

Щвараб кумек гьабулел,

Рищваталъ г1орц1уларел

Бац1ал т1аса хъирщуге.

 

Саяхълъи-сандирахълъи

Г1адахъ босаралдаса,—

Гьев чиги миллаталда

Тезе хиял гьабуге.

 

Мискиназе заз г1адав,

Залимазе нах г1адав,

Халкъалда гурх1ел гьеч1ев

Х1аким нужеца тоге.

 

Г1арзалъ чи цеве ч1ани,

Ццин бахъун, нахъе ч1валев,

Ч1ух1арав х1аким ккани,

Х1алт1и хварабин нилъер.

 

Жиндаго рихунеб жо

Халкъалъе гьабулевги

Гьалмагъ гуревин нилъер,

Нух бит1агиян вит1е.

 

Воре, бечедав абун,

Чиги т1аса вищуге,

Чамги боц1и г1емерав

Г1абдал вихьанин дида.

 

Чу ярагъ лъик1авилан,

Лъиданиги ц1ар ч1ваге,

Лъалабалъги ратулин

Тадбир бугел г1адамал.

 

Мискин, пакъир, язихъан,

Хал гьабич1ого тоге,

Хъабчилъ гурищ ватулев

Г1емерисев багьадур.

 

Бет1ер х1алт1уларев чи

Х1акимлъун бегьуларо,—

Х1ат1ал свакалин абун,

Кици раг1ун батила.

 

К1иго гьумер бугевги,

Гьоркьове къазе тоге,

Кьуч1 гьеч1ев гьет1арухъан

Хъулухъалде восуге!

 

Халкъалде г1ин т1амулев,

Г1арзалде валагьулев,

Г1адилав бет1ер щвезе

Т1алаб гьабе, бах1арзал!

 

Гьединав ватич1они,

Хадув вач1аравг1аги,

Халкъалда гъорлъ хъирщани,

Чи камиларо, ваццал!

 

Гьанжеялдаса хадуб

Хиянат бихьарав чи,

Халкъалда суриледухъ,

Хъвазе буго газеталъ.

 

Кибниги х1акимасул

Х1алихьалъи бихьани,

Гьев къват1ив ч1вазавизе

Къаламги буго гьедун.

1921

 

 

Ч1АНДАЛ РАГЪИ

Къаси Ч1ондокьан бугеб

Биххараб гьаракьго щиб,

«Первый, второй» ах1улеб

Аскаралъул г1адинаб?

 

Гьоркьоб мех-мехалдасан

Пирхулеб кунч1и кинаб,

Гьури-ц1ергун бач1унеб

Ц1ах1илаб нак1к1ил г1адаб?

 

Цо г1аламат бугилан,

Г1инт1амурав чиясда

«Дун виччаян» ах1улеб

Г1усманил гьаракь ч1вана.

 

Гьоркьоб мех бахъилалде

Биххараб гьаркьидалъун,

«Гьаб лъицаян» ах1улеб

Муст1апалги т1ад цуна.

 

Цоцаца ч1валел ругел

Ч1андал рат1а гьаризе,

Рахъаян гьаракь гьабун,

Байикьги тун вортана.

 

Росо раг1алде щведал,

Щибжояли лъаларо,

Лъабго-ункъо бак1алда

Бец1аб рагъ лъун батана,

 

Ц1улакьо ч1валеб г1адаб

Гьаракь бук1ин гурони,

Гьоркьоб маслих1аталъе

Лъугьарав чи гьеч1оан.

 

Реч1ч1улеб гьец1одасан

Пирхулеб ц1а гурони,

Ц1а-каналъул кибниги

Кунч1и лъалеб гьеч1оан.

 

К1иябго рахъалдасан

Хъван балеб ганч1ил ч1ухалъ

Ч1андадерил росдада

Росол нак1к1 лъун бугоан.

 

Рагъги эзул гулла-хер

Бичун босе кколареб,

Пачалихъал ургъич1еб,—

Гъогъодалъун бугоан.

 

Муст1апа, т1охде вахун,

Т1агъалхъах1ги хъатикь ккун,

«Дихъе риччаян» абун,

Ах1и балев ватана.

 

Тушман ват1а гьавизе

Гьунарги г1оларого,

«Гьай аман канлъи!»—йилан,

Квер х1анч1улев вугоан.

 

Канлъи бихьич1ониги,

Ч1инхъиялъухъ г1ин т1амун,

Т1охил щумели къараб

Къоно толеб гьеч1оан.

 

Къасда канлъи бихьулел

Жундузул рагъдеги ккун,

Жиндего реххараб жо

Алхунебго гьеч1оан.

 

Муст1апал рагъидуниб,

Рагъ къот1идал балагьун,

Къоло щуго г1адинаб

Гамач1 батун раг1ула.

 

Гьаб гурони, Муст1апал

Бот1рода ругъун лъеч1еб

Рагъ ккеч1илан, г1адамал

Х1ажаибго хут1ула.

 

Муст1апа — херавчияс

Ханжар бахъун бугилан,

Вахъуна цо-цо г1абдал,

Г1айиб гьабун к1алъазе.

 

Г1умруялъ мугъ баниги,

Рагъ тезе къасд гьеч1илан,

Пикру гьеч1еб масъала

Бач1уна цебе лъезе.

 

Муст1апал лъималазул

Лъабго кьерин хисараб,

Херавчи гьев г1адинав

Г1емер вихьун ватила.

 

Тарихалде балагьун,

Гьалмагъасул исана

Ункъоялда инц1ила

Цо-к1иго сон раг1ула.

 

Муст1апал лагаялъул

Гугьар бат1алъаниги,

Бет1ер бах1арго буго,

Мах1ги ургъел ккеларо.

 

Г1емер вагъун гъур-гъурун,

Гъоркь бук1арабги т1аг1ун,

Т1аде ц1ияб бижараб

Башалда х1инкъиларо.

 

Жакъа, херлъунин абун,

Хъурмица жиндир г1амал

Г1одобе рехунгут1и

Халкъалдаги лъаларищ?

 

Хвалчада печатьги ч1ван,

Муст1апа г1одов ч1ани,

Ч1андал жанир рачине

Чиги къвариг1инарищ?

 

Щуго-анлъго нухалда

Муст1апада кьабг1ич1еб

Кьохорхо-лъен росолъго

Цониги раг1уларо.

 

Цебесан хъирщаниги,

Гьесул бот1ролъ реч1ч1ич1еб

Ч1андадерил корталда

Гамач1ги раг1уларо.

 

Берзул канлъи инег1ан,

Кодоб бук1араб махщел

Жакъа г1одоб лъезедай

Г1адамазе бокьараб?

 

Г1умруялъ мугъ базег1ан,

Рагъул байрахъги босун,

Боснов вегун ав хвезе

Хиялдай азул бугеб?

 

Мун божа, Муст1апаца,

Г1усруялда гъорлъ жемун,

Жиндирго бах1арчилъи

Лах1дуялъуб босила.

 

Инсул бук1араб т1илги

Т1агъал хъах1аб ханжарги

Холелъул лъималазе

Васият гьабун тела.

1932

Просмотров: 1030 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz