Автор.Н.Г1алиева.Июнь 2017с.
Гьаб ахираб заманалда нилъер улкаялдагин республикаялда кIудияб кIвар кьолеб буго тайпадулаб гIи-боцIи хьихьиялде, гьезул къадар цIикIкIинабиялде, гьездаса бахъулеб продукциялъул къадар борхизабиялде ва лъикIлъизабиялде, кIванагIан магIишаталгун гIи-боцIухъаби гьеб ишалде гъорлъе цIаялде. Гьеб мурадалда нилъер улкаялъул тахшагьар-Москваялда ВДНХялда ва цоги-цогидалги шагьаразда тIоритIула батIи-батIиял гIи-боцIул тайпабазул церелъеял.
Гьедин гьал гIагарал къоязда Астраханалда тIобитIараб Туш тайпаялъул гIиял цебелъеялда магIишатазул куйдузе меседил медалалги, грамотабиги тIоцебесеб бакIги босун тIад руссана Хунзахъ «Стела», ТIануси «Машгьурал гIадамал», БакьагьечIи Дудар ГIалиевичасул цIаралда бугеб СПКязул нухмалъулел.