Среда, 08.05.2024, 07:51 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Июнь » 4 » РУГОХА НИЖ Ч1УХ1УН.
20:11
РУГОХА НИЖ Ч1УХ1УН.

У! Ругоха ниж ч1ух1ун. Ч1ух1изе ихтиярги буго бекьеч1дерил. Г1емерищ ругел Дагъистаналда росаби к1иго анкьида жаниб лъабго Дагъистан ч1ух1арал васал рак1алде щезарун тадбирал т1орит1изе рес бугел? Бакьагьеч1и буго тарихалда лъалк1 тарал г1алимзаби, шаг1ирзаби, хъвадарухъаби рахъараб росу. Жакъа нилъеца бицина гьезда хурхун гьарурал тадбиразул.

Гъалбац1ов

– Лъар, мун щай г1едег1улеб?

– Ралъдалъе ине бук1ун!

– Гъварилъи г1оларого бук1ун гурищ к1анц1елеб бугеб?

– Гуро. Ралъдалъе ине бук1ун!

– Г1ат1илъи г1оларого бук1ун гурищ г1емер к1ич1ардулеб?

– Гуро. Ралъдалъе ине бук1иналдаса ч1ух1ун!

 

– Г1ор, гъваридаб бук1ун гурищ г1одобе биччан бугеб?

– Гуро, ралъдалъе ине бук1ун.

– Г1ат1идаб бук1ун гурищ ургъалилъ бугеб?

– Гуро, ралъдалъе ине бук1ун...

– Лъарлъун бугеб мехалдаги унеб бук1ана мун ралъдалъе, щайха хисараб?

– Лъарлъун бугеб мехалъ дида ралъад бихьулеб бук1инч1о...

Гьале Гъазимух1амад Гъалбац1ов.

Гъалбац1ов лъаларев чи маг1арулазда гъорлъ вати щакаб жо буго. Гьев вук1ана ц1акъ жинца гьабулебги, бицунебги, хъвалебги, кинабниги жиндир рагъа-рачари кутакалда г1адамазул рек1елъ босулеб х1алалъ гьабизе лъалев, гьит1инаб асаралда жаниб гъваридаб пикру лъезе лъалев, к1удияб пагьму-гьунар Аллагьас кьурав инсан.

Цодагьаб цебег1ан Дагъистан Республикаялъул бет1ер Рамазан Г1абдулат1иповас жиндирго Указалдалъун бекьеч1дерил хъутан Г1арада росдал школалъе кьуна Гъазимух1амад Гъалбац1овасул ц1ар.

13 маялъ, Гъалбац1ов гьавураб къоялде данде ккезабун, школалъе ц1ар кьезе т1обит1улеб тадбиралде х1адурулаго, гьеб школалъул директор Бика Х1ажидадаевналъул нухмалъиялда гъоркь, Г1арада школалъул педагогикияб коллектив, ц1алдохъаби ва гьесул г1агарлъи я кьижун, я кванан ратиларин ккола, къокъаб заманалда жаниб гьениб гьабун батараб к1удияб х1алт1ухъ балагьун. Ц1ияб школадай барабилан ккана дидагогицин, школалъул азбаралде лъугьингун. Дагьал гьудул-гьалмагълъи бугев чи Гъалбац1овги вук1инч1елъул, абизе бегьула нусгоялдасги ц1ик1к1ун гьалбал рач1анин гьеб тадбир т1обит1изейилан.

Рагьун лъураб т1ехьалъул сураталда жаниб, жиб-жиб х1арпалъул бак1алда раккарал, кьер-кьерал т1угьдул, азбар бакьулъ, щаг1ил хъабинисан чвахулеб, г1арац г1адаб лъим, сверун т1ад г1одорч1езе скамейкаби, раг1адалъе гъут1би, къадада ч1ван мармаралъул ганч1ида бик1араб Гъалбац1овасул суратги школалъул ц1арги… Школалда ругел ц1и-ц1иял технологиял ва методикаял х1алт1изарун дарсал кьезе учителасе шарт1ал ч1езарурал кабинетазул бицинаро… Бицина, Гъалбац1овасул яц Шамай Камаловнаялъ къач1араб, цо бок1он Гъазимух1амадил суратаз, шапакъатаз, грамотабаз ва гьесул т1ахьаз къач1араб авар мац1алъул дарсал кьолеб кабинеталъул…

Гьалбадерида бихьана Гъалбац1ов бекьеч1дерие киг1ан хирияв вугевали, бекьеч1дерида бихьана гьудул-гьалмагълъиялъе киг1ан гьев камун вугевали. Рук1ана гьенир к1алъаялги, лъималазул церерахъиналги, квен-т1ехги, кеч1-бакъанги. Вук1инч1о Гъалбац1ов. Гьев гьеч1олъи жив-живасда унтулебги бук1ана. К1алъараз гьеб загьир гьабуна, к1алъач1ел-гьебги цадахъ босун т1ад руссана. Амма киназулго рек1елъ вук1ана Гъалбац1ов.

 

Ректор Ах1мад

Анкь ун бук1инч1о бекьеч1дерица хъутаналдеги ах1ун к1алъазарун, кваназарун, концерт бихьизабун, киналниги адабияталда хурханщинал чаг1и гогьдаризарун. Гьале гьанжеги щвана ах1и, бекьеч1дерица жидерго г1алимчиги шаг1ирги к1одо гьарулел ругила, хехго т1аде щвайилан. Т1ил к1ут1ун рахъана къват1ире. Щвана.

Киназдаго лъалеб батила Хунзахъ районалъул Бакьагьеч1и росдал школалъе, ДГПИялъул ва ДГУялъул ректорлъун х1алт1арав, тарихиял г1елмабазул доктор, Россиялъул г1елмабазул академиялъул член-корреспондент, академик Ах1мад Мух1амадович Мух1амадовасул ц1ар кьун бук1ин.

Бекьеч1дерил школалъе гьеб ц1ар кьуралдаса нахъе г1адатлъун билълъун буго, ц1алул соналъул х1асилазда рекъон, Ах1мадил г1агарлъиялъ, лъик1 ц1аларал ц1алдохъабазе, лъик1 х1алт1арал учительзабазе ва спортсменазе Ах1мадил ц1аралда премиял кьолеб тадбир гьаби. Исанаги гьеб г1адат хвезабич1о бекьеч1дерица. Рач1ана тадбиралде Ах1мад Мух1амадовичасда цадахъ х1алт1арал гьалмагъзаби, гьев лъик1 лъалел гьудулзаби ва гьесул рук1арал студентал.

Ах1мад Мух1амадович ректорлъун вук1араб мехалъ институталда х1алт1илел рук1арал преподавателаз ва студентаз бицана, гьеб бук1анила пединститут бищун борхатаб даражаялда бугеб заман. Ах1мад вук1анила киназго жиндаса мисал босизе кколев ректор. Гьес к1удияб к1вар кьолаанила институталде росулел педагогикиял кадразде. Москва-Питералде данделъиялде араб бак1алдасаги, гьес СССРалда бищун лъик1ал преподавателал рач1унаанила нилъер пединституталде х1алт1изе, нилъер студентазда педагогикияб г1елму ва методика малъизе рачун. Студентазул г1умруги лъалаанила Ах1мад Мух1амадовичасда, лъицаниги бицун гуреб, жиндаго бихьун. Гьев щолев вук1ун вуго общежитияздеги, к1алъалев вук1ун вуго студенталгунги, инсуца г1адин т1алабги гьабулеб бук1ун буго муг1рузул районаздаса ц1ализе шагьаралде рач1арал студентазул.

К1алъазе рахъараз, гьанже педуниверситеталда бугеб ах1вал-х1алги, гьелъул гьеч1еб къиматги, рук1инесел учительзабазе кьолеб гьеч1еб лъаялъулги бицун, рак1 къварилъизе бач1ана. Г1ададайищха ккараб Ах1мад Мух1амадовичасул х1аракат? Дагъистаналда гьабсаг1ат х1алт1илел ругел учительзабазул бащдаздасаги ц1ик1к1ун дипломазда гъулбас буго Ах1мад Мух1амадовичасул. Нилъер г1ун бач1унеб г1елалъул бук1инесеб лъик1ав учителасда бараб жо бук1иналда бан, к1удияб хьул буго щвелин педуниверситеталъеги гьеб х1алт1ул к1вар бич1ч1улев, рак1 унтарав, пачалихъалъул бук1инеселъул пикру гьабулев, унго-унгояв ректорилан.

 

Х1ажи Гъазимирзаев

Азарго зурмихъан, нусго къолохъан,

Къач1ай дир берталъе – вас гьавун вуго.

Сон дунго вущараб маг1арал кини,

Маг1идаса гъоркье бахъулеб буго….

Гьалеха Х1ажи.

- Рилълъа, ясал маг1арде,

Г1ухьби рихьун руссине,

Г1идра-т1огьолъ кьурдулел

Кьаг1и каранде къазе…

 

- Вай, к1варич1о маг1арде,

Г1ухьби сог1ал рук1уна,

Бер къинк1ила, квер къала,

Рокъорго лъик1 ясазе…

Гьавги Х1ажи Гъазимирзаев.

Шамил лъана хвалчаца,

Расул лъана коч1оца –

Цо муг1рул к1иго г1идра

Г1емерлъаги Дагъистан.

 

Шамилил шиг1ру – Ват1ан,

Расулил шиг1ру – Ват1ан –

Цо пандрида к1иго ч1ва,

Ч1ахъаги мун, Дагъистан.

Гьавги нилъерго Х1ажи.

Гьаб соналъул 2 маялда 90 сон бан батана Дагъистаналда ц1ар раг1арав шаг1ир, маг1арулазе бищунго вокьулев, бищунго г1емер Дакуцаги, Манарщацаги, цойгидазги куч1дул ах1арав шаг1ир Х1ажи Гъазимирзаевас.

Рик1к1адаса гьалбалги к1иго нухалъ сапаралъ рахъинарич1ого, бекьеч1дерил школалъул к1вах1 лъаларей директора Пат1имат Х1адисовналъ ва учительзабазул коллективалъ х1укму гьабуна гьеб к1иябго тадбир цадахъ бачине. Тадбир гьедин берцинго нухда бачиналъе к1удияб квербакъи гьабуна Х1ажил лъималаз ва г1агарлъиялъ.

Гьениреги рач1ана авар адабияталъул байрахъулал, нилъер шаг1ирзаби, хъвадарухъаби, коч1охъаби, журналистал. Школлъималаз бихьизабуна жидерго кеч1 рик1к1инеги, ах1изеги, кьурдизеги бугеб махщел. К1алъазе рахъанщинал росуцояз ва гьалбадерица бицана Х1ажилгун бук1араб дандч1ваязул, цадахъ сапаразде иналъул, нухда ккарал лъугьа-бахъиназул ва кинав рак1 г1ат1идав, ихтилат-кеп бокьулев чи Х1ажи вук1аравали. Гьоркьо-гьоркьор коч1охъабаз ах1ана киназего рокьулел ва киназдаго лъалел «Рилълъа, ясал маг1арде…», «Гогил Валета», «Гуржи-Меседо», «Вехьасул кеч1», «Бесдал эбелалде», «Ахираб сапар», «Дун разияб къо» ва гьел гурел цойгидалги Х1ажи Гъазимирзаевасул куч1дул.

Тадбиралъул ахиралда, «балъхъадерица коч1охъаби г1адин» тезе рекъараб бук1инарилан, лъик1алдаса лъик1ал хухал хъун, белъун, бежун, ц1урал хинк1ал, ц1еч1ел хинк1ал, пурщаби, пулав, чехенбеле, ханилъжал, чай-май, т1олеб жо, т1ад квине т1идул карщги кьун, рази гьаруна гьалбал. Гьединги г1орц1ич1езе т1ад гьекъезе урбаги бук1ана.

  • ч1ирч1ирун роц1ц1араб къоялъе ахир лъезе бараб чваххунц1адакь гьалбалги нуха рег1ун, рокьо-рокьоре руссана бекьеч1.

Баху Мух1идинова.

 

 

Просмотров: 662 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 2.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz