Жакъа дица гара-ч1вари гьабулеб буго Хунзахъ «Стела» СПКялъул нухмалъулев Г1амиров Къасумилгун.
-Къасум, бокьилаан нужер маг1ишаталъул х1акъалъулъ ц1алдолезе баян кьуни
-2005 соналдасан байбихьун маг1ишат-яшавалде лъугьун х1алт1улеб буго нижер СПК. 2014 соналдасан гьеб бач1ана Туш тайпаялъул г1иял хьихьиялде. Гьеб соналдаса байбихьун нижер СПК щибаб соналда г1ахьаллъана Москваялда щиб, Элистаялда щиб, Астраханалда щиб т1орит1улел выставкабазда. Кидаго т1оцебесеб бак1ги босун т1адги руссана. Маг1ишаталда буго кинабниги 1850 бет1ер, гьездасан 1600 бет1ер эбелал чахъабазул ва кьаг1азул ккола.
Гьебгощинаб г1ияе раг1и-хер х1адуризе к1олищ маг1ишаталда?
Хасалоялде херги, кормаги нижецаго г1езабун нахъе лъола. Г1еч1елъубе т1аде Россиялдаса бичунги босула. Зах1малъи буго нижее г1ияе риидалил ва хасалил муч1дул гьеч1олъиялъул. Щибаб соналда г1и кваназабизе риидалилги, хасалилги муч1дул ричун росизе ккола. Араб соналда Байикь росдал мег1ер бичун босун бук1ана 70 азарго гъурущги кьун. Исана рак1алда буго Чачаналъе ине. Гьезул мег1ералъухъги гьебго 70 азарго гъурущ уна, амма нухалг1аги цересезда данде ккун лъик1ал ругелъул,250-300 километралъул манзилги нахъа тун, г1иял гьенире гочинаризе рак1алда буго нижеда. Хасало бокьалги гьединго арендаялъе росизе кколел руго.
-Кинабго бичунги босун маг1ишаталъе г1иядасан щолеб хайирго бугищ?
-Санайил маг1ишаталъ хухал, мохмохал, гьан бичула. Квасги къунц1ула, амма бичун гьелдасан щолеб к1удияб хайирго бук1унаро. Гьелъул кило г1иц1го 10 гъурущалде гурого унаро. Г1иял т1ахьазухъги ц1акъго мунпаг1алъи гьеч1еб г1арац гурого щоларо. Пачалихъалдасан кумек щвеч1они, хадусел соназда нижеда г1иял хьихьизе к1вей щакаб жо буго.
-Цоги кинал зах1малъаби нужеда дандч1валел ругел?
-Г1ат1идал авлахъаздаса муг1рузде г1иял гочинарулелъул г1емерал зах1малъаби дандч1вала. Г1иялги рачун унелъул, нухдасан машинабаз ч1инт1ун ккола г1иял камиял. Цо-цо бак1алде щвараб мехалда жидер ракьалдасан рачунел ругин г1иял, жидее хъвезе жо кьеян данде рач1уна цо-цо х1алихьатал.
Зах1малъаби руго г1и гьекъезабизе санаг1атал бак1ал нухда ратунгут1иялъул. Бит1араб къаг1идаялда 12 километралъул манзилалда г1и гочинабун хадуб, гьезие гьекъезе бак1 бук1ине ккола. Цебе Советияб х1укуматалъул заманалда гьеб гьединги бук1ана. Гьанже 20-25 километралъул манзилалда ине кколел руго г1иял гьекъезе лъим бугеб бак1алде.
-Дуда хадубккунги г1иял хьихьизе рак1алда бугищ?
-Г1ияде бугеб рокьиялъ к1олеб гьеч1о дида гьел рехун тезе. Нижее маг1ишаталъ кинабго гьабулеб буго цебехун рехсараб г1иял тайпа ц1ик1к1инабиялъе ва лъик1лъизабиялъе. Гьеб гьедин бук1иналъе нуг1лъун ккола дагьаб цебег1ан Россиялъул г1ияхъабазул обществалъул Президент Егоров Михаил Васильевич ва гьесул команда нижер маг1ишаталде гьоболлъухъ рач1араб мехалда гьез гьабураб разилъиялдасанги. Нижер х1алт1изе гъираги буго, рокьиги буго. Рак1алде кколеб буго нижеда рач1ел г1иллабаздалъун кколел зах1малъаби заманалдасанг1аги къезаризе к1велин киназдагоян абун.
-Хунзахъ СПК рагьилалда цебе мун кинаб хъулухъ-ишалда вук1арав?
-Москваялъул квана-гьекъеялъул техникумги лъуг1изабун, дун х1алт1улев вук1ана Мах1ачхъалаялъул пиво гьабулеб заводалда. Амма гьениб дир г1емераб заманаялъ рак1 сасинч1о. Дун ана диего рокьулел г1иял хьихьизе Ростовалъул областалде. 12 соналъ гьенивги х1алт1ун, дун т1ад вуссана диего г1агараб районалде. Туш тайпаялъул г1иялги Ростовалдаса рачун г1езаризе байбихьана дица. Байбихьи лъуна 20 г1иялъажоялдасан, гьале гьанже 2 азариде вахунев вуго. Г1иял гьеб тайпа буго гьанги гьуинаб, мохмохги к1удияб. Церехун рехсаралг1адал квалквалал кколел рук1инч1елани, гьездаса хайирал г1иялги рук1инароан. Кинабго хвезабулеб буго дандч1валел зах1малъабаз.
Редакциялде рач1унел кагътазухъ, дандч1валел СПКязул нухмалъулезухъ г1енеккидал, г1и гочинабиялъул рахъалъ босаниги, мег1ер-г1алахалъул рахъалъ босаниги, Къасумилго г1адал зах1малъабазда дандч1валел руго гьел киналгоги. Рак1алде ккола гьаб жакъа г1адинаб агропромышленнияб комплекс цебет1езабизе х1ажатаб, гьанги, нахги, рахьги къват1исел пачалихъаздаса босич1ого нилъерго аниб г1езабизе х1ажатаб заманалда, гъеж гурун х1алт1и гьабизе лъугьун ругел г1олохъабазул рахъ ккун, гьезда данд ч1валел зах1малъаби къезаризе кумек гьабилин гьеб иш т1аде кколез. Нилъер Президентасги гьеб рахъалде к1удияб к1вар кьолеб буго.
|