Автор.И.Мух1амадов.Май 2017сон.
19-20 маялда Хунзахъ Р. Х1амзатовасул ц1аралда бугеб спорткомплексалда т1обит1ана нилъер районалдаса т1оцевесев спорталъул мастер Зайирбег Г1аммаевасул призалъе г1оло г1олилазда гьоркьосеб эркенаб гугариялъул рахъалъ республикаялъулаб турнир.
Дагьаб цебег1ан Хунзахъ музеялда т1обит1ана «Музеялъул сордо» абураб тадбир. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна районалъул нухмалъулес, гьесул заместителаз, райадминистрациялъул отделазул нухмалъулез, жамг1иял х1аракатчаг1аз ва цогидазги.