19-20 маялда Хунзахъ Р. Х1амзатовасул ц1аралда бугеб спорткомплексалда т1обит1ана нилъер районалдаса т1оцевесев спорталъул мастер Зайирбег Г1аммаевасул призалъе г1оло г1олилазда гьоркьосеб эркенаб гугариялъул рахъалъ республикаялъулаб турнир. Кинабниги къецазда г1ахьаллъи гьабуна республикаялъул 12 районалъулгун шагьаразул командабазул 196 гугарухъанас. Гьел рикьун рук1ана 15 ц1айиялъул категориялде. Гьениб г1ахьаллъи гьабуна Мах1ачхъалаялъул «Урожай», «Спартак», «ШВСМ» ва цогидал спортивиял клубазги. Гьединго цебе бук1инч1еб, исана къецазда г1ахьаллъана Россиялъул, Европаялъул ва дунялалъул чемпионалги. Турнир рагьулаго к1алъазе вахъарав районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповас спортсменазда гьадинал къецазда г1ахьаллъи гьабизе щвей баркана, бицана районалда спорт цебет1езе гьабулеб бугеб х1алт1ул ва гугарухъабазе бит1ккей гьарана. Гьединго турниралъул г1ахьалчаг1азе саламги кьун к1алъазе рахъана районалъул нухмалъулесул заместитель Шамил Г1аммаев, Мух1амад ва Х1асан Г1аммаевал ва Мух1удада Гьит1инов.
Къецазухъ балагьун бихьулеб бук1ана гугарухъаби лъик1 х1адурун рук1инги. Щивас х1аракат бахъулеб бук1ана жиндирго махщелгун гьунарги х1алт1изабун дандиясда т1ад бергьенлъи босизе.
Лъик1аб х1асил бихьизабуна Хунзахъ районалъул командаялъги. 15 ц1айидул категориялда гьоркьоса 7 категориялда чемпионаллъун рахъана нилъер районалъул спортсменал. Гьел ккола Г1исаев Мух1амадрасул (32 кг.); Шуг1айбов Мух1амад (35 кг0; Батиров Мух1амад (38 кг); Нурмух1амадов Аслудин (42 кг); Г1алибегов Г1алибег (58 кг); Г1алиев Х1ажимух1амад (61 кг); Х1амзатов х1ажи (65 кг);
Чемпионаллъун рахъарал ва призалъулал бак1ал ккурал спортсменазе кьуна дипломал ва г1арцулал сайгъатал.
И. Мух1амадов
|