Автор.Р.Х1амзатов.Март 2016с.
Март моц1алъул т1оцересел къояз иргадулаб ишалъулаб сапаргун районалъул бет1ер Саг1ид Юсупов жиндирго заместитель Асадг1али Г1абдуразакъовгун, росдал маг1ишаталъул отделалъул нухмалъулев Г1алиев Мух1амадгун, гьелъул специалисталгун ва цогидал жавабиял ишазда ругел г1адамалгун гочинабун г1и-боц1и хьихьиялъул Бабаюрт ва Кизилюрт зонабазде кколел районалъул маг1ишатазул хъутабазде щвана. Сапаралъул аслияб мурадги бук1ана жакъа къоялде маг1ишатазда г1и-боц1уда хасел т1амизаби иналъул ах1вал-х1алалъул халгьаби, гьелъулъ ругел г1олел-г1оларел рахъал т1атинари, цере ч1арал масъалаби т1уразариялъе нухалги ресалги рати ва рес рекъаралъуб бак1алдаго бажарараб кумек гьаби.Цебегоялдаса районалъул нухмалъиялъул лъик1аб г1адатлъун лъугьун буго ихдал-риида бук1а, хаслихъе-хасало бук1а ай росдал маг1ишаталда гьарулел к1вар бугел сезоналъулал х1алт1абазул завалалда бак1алде раккун гьениб бугеб ах1вал-х1алги лъазабун заманалда ккаралъуб кколеб кумек – квербакъиялъе гьединал тадбирал т1орит1и. Сапар байбихьана Бабаюрталъул зонаялде кколел маг1ишатаздасан.