Пятница, 26.04.2024, 02:19 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Март » 12 » ХЪУТАБАЗДАСА РЕПОРТАЖ. РАГ1И – БАДИБЕ, Т1ИЛ – МУГЪЗАДЕ.
11:15
ХЪУТАБАЗДАСА РЕПОРТАЖ. РАГ1И – БАДИБЕ, Т1ИЛ – МУГЪЗАДЕ.

Март моц1алъул т1оцересел къояз иргадулаб ишалъулаб сапаргун районалъул бет1ер Саг1ид Юсупов жиндирго заместитель Асадг1али Г1абдуразакъовгун, росдал маг1ишаталъул отделалъул нухмалъулев Г1алиев Мух1амадгун, гьелъул специалисталгун ва цогидал жавабиял  ишазда ругел г1адамалгун гочинабун г1и-боц1и  хьихьиялъул Бабаюрт ва Кизилюрт зонабазде кколел  районалъул  маг1ишатазул хъутабазде щвана. Сапаралъул аслияб мурадги бук1ана жакъа къоялде маг1ишатазда г1и-боц1уда хасел  т1амизаби иналъул ах1вал-х1алалъул халгьаби, гьелъулъ ругел г1олел-г1оларел рахъал т1атинари, цере ч1арал масъалаби т1уразариялъе нухалги ресалги рати ва рес рекъаралъуб бак1алдаго бажарараб кумек гьаби.

Цебегоялдаса районалъул нухмалъиялъул лъик1аб г1адатлъун лъугьун буго ихдал-риида бук1а, хаслихъе-хасало бук1а ай росдал маг1ишаталда гьарулел к1вар бугел сезоналъулал х1алт1абазул завалалда бак1алде раккун гьениб бугеб ах1вал-х1алги лъазабун заманалда ккаралъуб кколеб кумек – квербакъиялъе гьединал тадбирал т1орит1и. Сапар байбихьана Бабаюрталъул зонаялде кколел маг1ишатаздасан.

Цебегоялдаса гьамищт1исезул колхоз бук1ана районалъул церет1урал маг1ишатаздасан цояб.  К1удияб улкаялъул цогидал регионаздаса лъик1аб тайпадулал г1уч1рулги росун, гьоркьохъеб х1исабалда лъаг1алие 2000-2500 литра рахьдал беч1ч1улел г1ачи  г1езарун рук1ана гьениб. Боц1уе гьарзаго раг1и-хер  х1адургьабиялде бусараб бук1ана  хурухъанлъиялъул аслияб  масъалаги. Къоялдаса – къоялде лъик1лъулеб бук1ана зах1матчаг1азул рук1а-рахъинги. Доб бук1араб гучалда гьеч1ониги, ругел ресаздаса пайдаги босун х1алт1и г1уц1ун буго жакъаги гьениб колхозалъул председатель Мух1амадов  Г1абдусаламица. 2015  соналъул ахиралде маг1ишаталда буго 231 ч1ег1ер х1айванги 3775  г1и-ц1аниги. Гьоркьохъеб х1исабалда цо-цо г1акдадаса беч1ч1ун буго 2520 килограмм рахьдал, могьолал культурабазул бач1ин бак1арараб щибаб гектаралдаса щун буго 18,2 центнер т1орщалил, т1аса ин ккезе теч1ого ц1унун буго щвараб т1инч1ги. Гьеб хъутаналде щвейдал Саг1ид Камилович дандч1вана г1и-боц1ухъабигун, хур-хералъул х1алт1ухъабигун. Г1ат1идаб гара-ч1вари ккана гьезулгун районалъул нухмалъулесул росдал маг1ишат цебет1езабиялда ва г1адамазул г1умру – яшав лъик1лъизабиялда сверухъ. Зах1матчаг1аз рак1 рагьун бицана гьесие жидерго г1узрабазул, х1алт1улъгун г1умруялда ругел церет1еязул. Гьамищт1аса хъутанчаг1азул рах1ат хвезабун бугоан росдал школалъ.  Лъимал г1емерлъун, мина гьит1инлъун, ц1алуе квал-квал бук1иналъул бицана гьенире данделъараз. Саг1ид Камиловичас гьезие раг1и  кьуна школа къокъаб болжалалда рагьиялъе жиндаса бажарараб кумек гьабилилан.

Гьец1елдерил хъутанчаг1азул бугоан районалъул нухмалъулесе бицине жо – жидерго х1алт1улъги г1умруялдаги  дандч1валел г1олел г1оларел рахъалги г1узрабиги. Амма бищунго к1вар  ц1ик1к1араблъун, жакъа къоялъ чара гьеч1ого гьениб х1ажат буго  гьекъолеб лъедалъун хьезари. Гьенибги Саг1ид Камиловичас зах1матчаг1азе божилъи загьир гьабуна лъел суал  кват1изег1ан  бицалъ теч1ого т1убалилан. Щвана маг1ишаталъул г1и-боц1ул къавабаздеги. Хал гьабуна раг1и-хералъул нахъраталихъ ва фермеразул бугеб х1алалъухъ.

Г1и-боц1ул къадар ц1ик1к1инабиялде, гьезул ниг1матазул качество борхизабиялде, хурухъанлъи рехун теч1ого гьеб ц1игьабиялде, ай агропромышленнияб комплекс цебет1езабизе ккеялде буссараб бук1ана Юсуповасул хабар гьениса рахъунелъул.

Гъоркьколдерил хъутаналда лъик1алда цадахъго гьенир ратарал г1унгут1абаздеги к1вар буссинабуна Саг1ид Камиловичас. Хехгьабун ремонт гьабизе  т1адкъай кьуна гьес г1и-боц1ухъабазе.

Рецалъул раг1абазе мустах1икъал руго  г1абадерил хъутаналда ругел г1и-боц1ухъаби. Къавабазда г1ураб къадаралда ч1езабун буго раг1и-херги к1алц1иги. Бокьахъ рац1а-ракъалъиги лъик1аб кьаралъиялда боц1иги, хасел т1ами унеб буго сундулъго къварилъи гьеч1ого. Такрарлъун кканиги, гьаниб т1адч1ей гьабила колхозалъул председатель Расулов Х1осенил таваккалалда. Бак1алъул сурсатаздасан гьес къокъаб заманалда бан х1алт1изе кьуна 120 г1акдае х1исаб гьабураб, г1емерисел х1алт1аби  механизмабаз т1уралеб бокь. Гьанже гьез х1аракат бахъулеб буго гьеб баялда т1ад арал харжал рахъинаризе.

Лъик1аб х1алт1ухъ г1абадерие баркалаги кьун, сапарчаг1и щвана аск1обго бугеб Бакьагьеч1и  Дудар Г1алиевичасул ц1аралда бугеб маг1ишаталъул г1иял къавуде. Умумулъанго батараб г1ияхъанлъи бекьеч1дерица жакъа къоялда рехун теч1ого цебе т1езабулеб буго. Пачалихъалъул т1адег1анал шапакъатазе мустах1икълъарал ц1ар арал г1ияхъаби рахъана Бакьагьеч1иса. Республикаялъулго росдал маг1ишат  цебет1езабиялъулъ  бихьулеб бут1а лъуна гьез. Санайилго улкаялъул к1варалъул выставкабаздаги  г1ахьаллъун цересел бак1алги ккун русуна гьел жидерго г1адатияб ишалде рокъоре.

Районалъул лъик1ал маг1ишатаздасан цояб ккола Т1анусдерил «Машгьурал г1адамал» колхозги. Лъик1абго цебет1ей ккана гьениб бажарарав нухмалъулев Мух1амадов Зиявудин председательлъун ккарал ахирал соназ.

Гьениб аск1обго буго сахъадерил  хъутанги. Предприниматель Мух1амадаминов Мурадица 2-3 соналъ цебе фермерлъиялъул маг1ишат рагьана гьениб. Республикаялъул росдал маг1ишаталъул министерствалъул «Хъизамалъулал боц1ул фермаби церет1езари», проекталда рекъон щвараб гранталъул г1арцуде бана ферма. Ишалде рокьигун бахъараб гьесул х1аракат г1ададаги ккеч1о. Хьихьулеб боц1ул къадарги ц1ик1к1унеб буго, гьездаса рахъулел ниг1маталги г1емерлъулел руго. Фермаялда  буго боц1уе г1ураб раг1и-херги, бокьахъги сверухълъиялдаги ч1езабун буго лъик1аб рац1ц1а-ракъалъиги.

Беццизесеб х1ал гьеч1оан Харахьи маг1ишаталъул хъутаналда. Заман баялъ басралъун буго гьезул ферма. Гара-ч1вариялъе данделъидал Саг1ид Камиловичас колхозалъул председателасда цебе ц1ияб ферма баялъул масъала лъедал, херехьдерил г1и-боц1ухъабаз бицана гьелъие проектги х1адурун бугин, х1алт1абиги дунял хинлъиялда цадахъ байбихьизе ругилан.

Квешаб х1ал гьеч1о мадугьалихъ бугеб лъег1елдерил хъутаналдаги. Щвана гьезул фермаялдеги, гара-ч1вари гьабуна зах1матчаг1азулгунги.

Дагьалъ цебе ц1иващарав бегавул Мух1амадов Халидил бет1ерлъиялда жидерго къуваталдалъун росулъе ток бачине х1убал эхетун ругоан лъег1елдерица хъутаналда. Гьенибе газ бачине кумек гьабеян гьарулеб бук1ана гьез Саг1ид Камиловичасда. Гьабураб лъик1аб х1алт1ухъ баркалаги кьун, рецц-бакъги гьабун, гьесги абуна, цох1о нужее гуребги районалдаго цебеб ч1араб аслияб суаллъун бугила  жакъа газ бачин къасилъи-къадлъи гьеч1ого гьелда т1ад х1алт1улелги ругила, ресалъухъ балагьун кумек гьабич1огоги теларилан раг1иги кьуна гьес.

110 г1ан хъизаналъ г1умру гьабулеб буго жакъа г1оч1лосезул хъутаналда. Гьоркьохъеб школа, лъималазе ясли-ах, фельдшерлъиялъулгун акушерлъиялъул пункт жаниб бугеб буц1араб росу г1ун бач1унеб буго гьениб. 2014  соналъ «Заря» СПКялъ рахьдал ниг1матал гьарулеб завод бана хъутаналда.

Сверхъе ругел маг1ишатаздаса рахь бач1уна гьенибе  х1алт1изабизе. Проекталъулаб къуват ц1икк1араб бук1аниги, заводалъ сордо-къоялъе къват1ибе кьолеб продукция 2 тоннаялдаса г1емер гьабулеб гьеч1о. Жидергун къецалда чанго заводги бугила, нагагьлъун заманги ун тукабазда ричизе лъурал ниг1матал нахъе росизе ккани, гьелъги зарал кьолила, т1убараб къуваталда х1алт1изе ккани камилго гьелъул технологиялда хадур жалги г1унт1ун гьеч1илан бицана заводалъул специалистаз. Байбихьи квешаб гьеч1о, иншаАллагь, бук1ина заман «Заря» ян т1ад хъварал рахьдалги, кефиралъулги, гъаймахъ-нахалъулги, нису-х1аналъулги къуч1бузгун банкабаз х1атта республика бахун къват1ибги гастрономазул лавкаби ц1ураб ва гьелда хадуб халкъалъул очередалги г1емераб.

 

Дун гьит1инав нухмалъулев

Кизилюрталъул зонаялде кколел Г1ахьалч1и, Х1ариколо, Бакьагьеч1и ва Хунзахъ росабазул хъутабазда ругел школазул ч1ах1иял классазул ц1алдохъаби рачана Саг1ид Камиловичас жиндирго кумекчаг1илъун маг1ишатазда сверулаго. Гьединаб къаг1ида районалъул бет1ерас маг1арухъ живго хъулухъалде лъугьаралдасаго х1алт1изабулебги буго. Лъимал нилъер бук1инесеб кколеблъидал, биччанте бихьизе ва лъазе гьездаги т1алъиялде ккедал нухмалъулесул хъулухъ-пиша щиб жо кколебалиги х1алт1и лъик1 батаралъуб лъик1аб къимат кьезе лъайги ва тасамах1лъи биччараздехун х1акимасул бук1ине кколеб кьварараб т1алабчилъиги.

Г1ехьелдерил хъутаналда «ц1ияб» команда дандч1вана росдал г1адамалгун, ц1ех-рех гьабуна гьезул г1олел-г1оларел рахъазул, щвана фермерлъиялъул маг1ишаталдеги. Колхозалъул председатель Мух1амадов Г1абдулагьица лъималазе бицана г1аммаб маг1ишаталъул г1уц1иялъул, гьенир дандч1валел зах1малъабазул, лъик1ал рахъазул. Г1исинго рук1аниги, лъималазулъ бихьулеб бук1ана бук1инеселде бугеб анищ, т1адкъараб иш т1убазе бахъулеб х1аракат. Киназулго рук1ана г1агараб росу, район цебет1езабиялъе планалги, ишалъулал предложениялги. Гьанже школлъимал рук1аниги гьезуллъидал рахъине ругел лъик1ал фермералги, предпринимателалги, жамг1иял х1аракатчаг1иги, х1атта политикалги.

Х1ариколо «Баг1арав партизан» колхозалъул хъутаналда гьез хал гьабуна боц1ул фермаялда бугеб ах1вал-х1алалъухъ. Гьабсаг1аталда районалъул маг1ишатазда ругел фермабазул г1иц1го гьеб ккола дояркаялъул кинабниги х1алт1и механизмабазул кумекалдалъун гьабулеб рахьдал комплекс. Г1ачиязе квенал х1адур гьари, русснахъе гьел рай, рахь беч1ч1и, ракудаса бокьал рац1ц1ад гьариялде г1унт1унги-кинабго гьениб механизмабаз т1убала. Колхозалъул председатель Лачемилаев Гьадигатулагьица лъималазда бихьизабуна хасал аппаратазул кумекалдалъун г1ачи реч1ч1улеб къаг1ида ва цогидалги механизмабаз гьарулел х1алт1аби. Соналдаса соналде лъик1лъулеб буго хъутабазда ругел зах1матчаг1азул социалияб рахъ. Гьезул г1емерисезда руго школалги, медпункталги, лъималазул асли-ахалги. Х1арисезул хъутаналдаги г1уц1ун руго гьединал шарт1ал. Саг1ид Камиловичасул г1исинал кумекчаг1и щвана гьеб къоялъ гьезул садикалдеги. Гьениб халгьабуна рукъзабахъ бугеб хинлъиялъулги гьит1ичазе рач1унел кванил ниг1матазул качествалъулги. Бихьана гьезда г1урдах1ан г1езабулеб парникги.

Цебе республикаялдаго ц1ар арал к1иго к1одоч-Хунзахъ Хизроевасул ва Бакьагьеч1и Дудар Г1алиевичасул ц1аразда ругел колхозал. Цоцазда аск1ор руго к1иябго маг1ишаталъул хъутаби Кизилюрталъул зонаялда. Хунздерил централияб хъутан Самилахъалде щвейдал дандч1вана колхозалъул председательгун, гьевгун щвана фермаялдеги г1иял къавабаздеги. Мух1амадица бицана маг1ишаталъул экономикиял х1асилазулги х1алт1улъ дандч1валел зах1малъабазулги, гьаризе х1исабалде росарал х1алт1абазулги. Гьенибго Саг1ид Камиловичас бадибч1вай гьабуна Самилахъалъул бегавуласе жанире рач1унеб нухлул раг1аллъабиги жибго росуги кьишни-къулалъул ц1ун бугилан абун. Къокъаб заманалда субботникги т1обит1ун, сверухълъиялдаго рац1ц1а-ракъалъи гьабизе т1адкъайги кьуна гьесие.

Бабаюрталъул зонаялда г1иял къавуде щванилан байбихьун бук1ана Дудар Г1алиевичасул ц1аралда бугеб колхозалъул бицен. Кизилюрталъул Г1арада абулеб бак1алда буго гьезул централияб хъутан. Гьенибе буссун буго бекьеч1дерил аслияб маг1ишатги. 500 ч1ег1ерх1айванги 8 азарго г1иги х1ебт1ун руго гьенир. Г1и-боц1уе фермаялдагун къавабазда ч1езабун бугеб раг1и-хералъухъги рац1ц1а-ракъалъиялъухъги баркала кьуна Саг1ид Камиловичас бекьеч1дерил г1и-боц1ухъабазеги гьезул председателасеги. Районалъул бет1ер разилъана хъутанчаг1азул батараб ч1аголъиялдаса. Фермаялда Саг1ид Камиловичасда рак1алде щвезабуна лъаг1елалъ цебе, араб соналъул февралалда гьесие ц1арч1ван бук1араб бече. Гьанже гьеб к1удиябги г1ун берцинаб г1ач1аралде сверулеб буго.

Гьаниб, бекьеч1дерил Г1арада хъутаналда рак1рагьараб ва пайдаяб ах1вал-х1алалда лъуг1ана районалъул нухмалъулес хъутабазде гьабураб ишалъулаб сапар. Юсуповас баркала кьуна жинда цадахъ гьелда г1ахьаллъаразе, хасго г1исинал кумекчаг1азе-школлъималазе. Рак1алде ккола х1асил кьураблъун бук1анин гьеб нухмалъулезеги бак1азда ругел г1и-боц1ухъабазегиян. Лъик1аб г1умруялъул дарслъун бук1ина гьеб цадахъ рук1арал ц1алдохъабазеги. 

 

 

Просмотров: 773 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz