Районалъул лъай кьеялъул отделалъул методикияб централъул школалда цебесеб лъай кьеялъул инспектор Хатимат Г1амирхановалъул жигарчилъиялдалъун, районалъул церет1урал ясли-ахазда лъаг1алида жаниб чанго нухалда т1орит1ула рагьарал занятиял, методикиял данделъаби. Гьезул мурадлъун бук1уна ясли-ахазул тарбиячаг1азе методикияб кумек гьаби.
Гьаб нухалда гьединал занятиял т1орит1ана Гьит1инаб Гьоц1алъ ясли-ахалда.
Данделъиялде рач1ун рук1ана районалъулго ясли-ахаздаса 40-ниги тарбияч1ужу. Занятиял т1орит1ана ч1ах1иязул ва гьоркьохъел группабазда.
Ч1ах1иязул группаялда занятие ана физкультураялъул праздник х1исабалда. Гьеб бачана тарбияч1ужу: Гунашева Аминатица ва Мух1амадова Пат1иматица.
Гьоркьохъеб группаялда аппликациялъул занятие бачана Х1асанх1усенова Индира Мух1амадовнаялъ. К1иябго занятие ана балагьаразул рек1ее к1удияб асар гьабулеб х1алалда, пайдаяб куцалда. Гьез т1убазабуна занятиязул аслиял мурадалги.
Занятиял лъуг1ун хадуб гьалбадерица хал-шал гьабуна ясли-аахалъул т1олабго минаялъухъ, щибаб группаялда ругел г1олел-г1оларел рахъазухъ. Гьел разиго хут1ана ясли-ахалда гьабураб ремонталдаса, рац1ц1а-ракъалъиялдаса, г1уц1а-к1ут1иялдаса, лъимал церет1езариялъе гьабулеб х1алт1иялдаса.
|