ХIурматиял диналъул вацал ва яцал! Ахиралде щолеб буго баракатаб, жинда жаниб хирияб Къуръан рещтIараб, Лайлатул къадриялдалъун кIодо гьабураб рамазан моцI. Гьеб лъугIидал бусурбабаз кIодо гьабула кIалбиччаялъул гIид ва Аллагьасда гьарула, хирияб рамазан моцIалъ ккурал кIалал, рарал какал, гьабураб лъикIаб гIамал къабул гьабегийилан. Баркула киназдаго гьеб гIидалъул къо. Хирияб рамазан моцIалъ гьарурал лъикIал гIамалалги киназулго къабул гьареги, гьел хадусел моцIаз цIикIкIинаризе, гьезда тIадчIезе тавпикъги кьеги. Баракатаб моцIалъ как- кIалазулъ мукъсанлъи ккарал бусурбабазеги гьарула, тавбуги гьабун, Аллагьасул I ритIухъаб нухдаса таричIого церехун рилълъин. Ахирзаманалъул балагьалдаса Дагъистанги тIолалго бусурбабиги цIунаги! Биччанте кIалбиччан къоялъул гIидалъул баракат рещтIине щивав районцоясул рокъоб. Амин!
«Хунзахъ район»МРялъул бет1ер С.Юсупов
Райсобраниялъул председатель Х. Хваджаев
« Росдал зах1матчи» газеталъул редакция
|
Автор.Гъ.Къурамух1амадов.Июль 2015с.
Г1арцуца ва бечелъиялъ тамах гьаруларел, пикру биххизабуларел, г1амал-хасият сверизабуларел г1адамал г1емер гьеч1о нилъеда гьоркьор. Хасго гьаб заманаялда нилъер гьанибги модалъун лъугьун буго г1арцуе, бечелъиялъе лагълъи гьаби. Инсанасе бат1алъи гьеч1о, г1арац кин, кисан щваниги, бук1а гьеб бикъа-хъамун, кодоса бахъун, чи ч1ван, мац1ал гьарун, х1акимасда берцин вихьизе хьвадун, ч1ик1арун, лъехьон щун батаниги. Х1исаб гьабураб мехалъ, жакъа къоялда жаниб г1арцудаса бергьараб къуватго гьеч1о. Г1арац бугев чи чода вуго, чол бет1ергьан г1одосан вуго. Киг1ан к1удияв г1акъил вук1аниги г1адамаз, г1арац кодоб бугев ах1макъ цеве гьавулев вуго. Гьавиларевги кинха, гьезиеги камилаб, ц1убараб г1акълуялдаса, ах1макъас кьураб гъурущго бокьулеб бугеб мехалъ.
|
Автор.Г1абасил Мах1амад 2010 сон.
Дунго херлъун вугониги, хадуб бач1унелъул пикру гьабич1ого хут1улеб гьеч1о. Халкъалъул ургъел гьабуларев чи-пайда гьеч1ев чилъун рик1к1унев ватана умумузго. «Магъил ургъел гьабулагойила х1анч1ил бохдул т1еренлъарал» абураб аваразул кициялъул маг1на бич1ч1ич1ого к1алъалев чиги дун гуро. Амма дирго Дагъистаналъул бет1ерлъиялде кколев чиясул бат1алъи лъаларевлъун хут1изе бокьулеб г1амалги дир батиларо. «Ват1ан байбихьула нилъер гъаст1асан» абураб алфазалъул асаралда гъоркь унеб буго дир г1умру. Дие бокьула дирго росуги дирго районги, хадуб бокьула дирго республикаги к1удияб Ват1анги. Ват1ан ц1унулеб рагъда паналъана дир эменги...
|
|