Автор.Р.Х1амзатов.Февраль 2015с.
2 февралалъ райадминистрациялъул данделъабазул залалда районалъул активги г1ахьаллъун т1обит1араб тадбиралда гьоркьоб лъун бук1ана Дагъистан республикаялъул бет1ерас халкъалде ва парламенталде гьабураб иргадулаб хит1аб. Абизе ккола гьеб къоялъ данделъабазул зал занк1ун ц1ун бук1анин ва хадур хут1арал бак1ги щвеч1ого, рахъунч1унги г1енекканин районалъул нухмалъулев Юсупов Саг1идил к1алъаялъухъилан. Гьенире рач1ун рук1ана райадминистрациялъул бет1ерасул заместителалги, аппараталъул х1алт1ухъабиги, учреждениял-организациязул нухмалъулелги, интеллигенциялъул вакилзабиги, г1адатиял зах1матчаг1иги.