Автор.Гъонохъ росдал жамаг1аталъул рахъалдасан.Декабрь 2014с.
Нилъер район кидаго бечедаб бук1ана, поэтаздалъун, хъвадарухъабаздалъун, махщел бугел месед-г1арцул устарзабаздалъун, рагъул бах1арзаздалъун, г1алимзабаздалъун, политикиял х1аракатчаг1аздалъун ва цогидалги ц1ар раг1арал раг1 билъарал г1адамаздалъунги.
Гьанжеги гьединал бах1арзал камун гьеч1о хундерил т1алъиялда. Гьаб макъалаялда нижее бицен гьабизе бокьун буго жиндирго умумузул ракьалде хасаб рокьи бугев, жакъасеб къоялъул бах1арчийилан х1инкъич1ого жинда абизе бегьулев Хунзахъ муниципалияб районалъул бет1ер Юсупов Саг1ид Камиловичасул х1акъалъулъ.