Воскресенье, 12.05.2024, 22:57 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2014 » Декабрь » 12 » ЛЪИК1АЛ УМУМУЗУЛ ИРСИЛАВ.
23:24
ЛЪИК1АЛ УМУМУЗУЛ ИРСИЛАВ.

Гъонохъ росдал жамаг1аталъул рахъалдасан.

Нилъер район кидаго бечедаб бук1ана, поэтаздалъун, хъвадарухъабаздалъун, махщел бугел месед-г1арцул устарзабаздалъун, рагъул бах1арзаздалъун,  г1алимзабаздалъун, политикиял х1аракатчаг1аздалъун ва цогидалги ц1ар раг1арал раг1 билъарал г1адамаздалъунги.

Гьанжеги гьединал бах1арзал камун гьеч1о хундерил т1алъиялда. Гьаб макъалаялда нижее бицен гьабизе бокьун буго жиндирго умумузул ракьалде хасаб рокьи бугев, жакъасеб къоялъул бах1арчийилан х1инкъич1ого жинда абизе бегьулев Хунзахъ муниципалияб районалъул бет1ер Юсупов Саг1ид Камиловичасул х1акъалъулъ.

Саг1идил лъик1ал ишазул бициналде, цодагьабго баян кьезин гьесул к1удиял умумузул х1акъалъулъги.  Ригь арал г1адамазда, ч1ах1ияб г1елалда, рихьунги, бицунеб раг1унги лъалел ратила Ц1адаса Саг1идги ва гьесул хъизан Чакарги. Гьел ккола инсул рахъалдасан Саг1ид Юсуповасул к1удиял умумул. Лъие, киб, кида кумек х1ажалъаниги,къварилъи ккаразда квер ч1вазеги г1едерав, г1аданлъи ц1ц1ик1к1арав кьуч1ав инсан вук1ана Саг1ид.  Гьес ц1акъ жигар бахъулаан росабалъе лъим,нухал рахъизе. Доб заманаялъ цох1о Хунзахъ районалъе гуребги,цойгидал районазеги щвана гьеб рахъалъ Саг1идил кумек. Гьабги Ц1адаса Саг1идица бана,гьабги Саг1идидасан щванаян абулаан к1удиял чаг1аз. Эбелалъул эмен Харахьиса Мух1амадов Зайирбег х1алт1ана 1940 абилел соназ Хунзахъ райисполкомалъул председательлъун.  Хадуб гьес к1удияб бут1а лъуна Дагъистаналъул консервазул промышленность г1уц1иялда.  Гьесул кумекалдалъун бараб буго Харахьи росулъ консервал гьарулеб цехги. Гьединал умумузул ирсилавлъун вугев Саг1идиеги,гьездаса къун бокьизе рес гьеч1о жиндирго г1агараб районги, гьелъул г1адамалги.  Гъанхъадерил жамаг1аталъул х1урматалъеги адабалъеги Саг1ид Юсупов мустах1икълъиялъе ккана цо чанго г1илла.  Нижер росдал г1адал г1унгут1абиги г1узрабиги районалъул киналгоязде г1унт1ун росабалъ ругеблъиги лъала нижеда. Рищиязда цебе вач1ун жамаг1аталъул дандч1ваялда, гьес т1оцебесеб иргаялда к1вар буссинабуна араб г1асруялъул авалалдаго бараб нижер байбихьул школалъул минаялде. Къват1исан балагьаразда бегьулареб х1ал гьеч1ин кканиги, школалъул мина жанисан ц1акъго хун бук1ана. Турун бук1ана г1одоб кьабг1араб хъарщи,классазул помещениял хинлъизарулел рук1ана т1урччи балел печаз,хун унел рук1ана къадал.  Г1аммаб къаг1идаялъ босани, жакъа къоялде данде кколебни киса гурин,гьениб рук1инч1о лъималазе ва муг1алимзабазе киналг1аги г1адатиялшарт1ал.  Гьеб х1акъикъат бихьараб мехалъ Саг1ид Юсуповас цебе суал лъуна ц1ияб школа базе ккеялъул. Бит1араб бицани г1емерисел гьелда божич1о.  Киналго х1акимзабазго г1адин раг1иги кьелин,кьуч1ч1 т1амуниги халат бахъун гьеб байги хут1илин ккун бук1ана рак1алде. Амма,лъаг1ел данде щвеч1о,росдал раг1алда,берцинаб г1урдаллъиялда бан лъуг1ана киналго квег1енлъабиги жанир ругеб школалъул мина (фото).  Гьединго гьал къоязда кьуч1ч1 т1амуна ц1ияб спортзалалъеги.

Цойги жамаг1ат бохараб, росулъе рач1унелги разияб х1алт1илъун ккола росдал аслияб къват1 ч1ван райцентралде унеб нухде щвезег1ан хъил т1ейги.  Киса-кибего росулъе жанире щвезег1ан нухлул раг1алда ч1вана чирахъал разе х1убалги. Гьаниб рехсолеб гьеч1о ясли-ахалъе, росдае х1ажаталъубе гьабураб кумек. Газета ц1алулезда рак1алде ккезе бегьула районалъул нухмалъулесда т1адаб х1алт1и бугин гьеб, к1удияб жойищин гьес гьабун бугебилан. Гуро, гьеб гьедиг1ан к1удияб х1алт1и, амма Саг1ид Юсупов районалъул бет1ерлъуде вач1аралдаса сверана г1иц1го лъаг1ел.  Нижер г1адинаб школа бан буго Нак1к1икь, к1иябго Гьоц1алъ, Харахьи, Заг1иб-ясли –ахазда,  Харахьи гьоркьохъеб школалда ва участковияб больницаялда гьаруна капиталиял ремонтал,райцентралда МФЦ-ялъе бан лъуг1ана ц1ияб мина. Районалде рач1араздаги бихьулеб батила райцентр къойидаса-къойиде берцинлъулеб,ц1илъулеб бук1ин. Басрияб фонтан бук1араб бак1алда къач1ан гьебгун гьабун буго х1ухьбахъиялъул парк. Гьединго районалъул культураялъул рукъалъул гьумер т1убанго хисизабун къач1ана жанисанги къват1исанги.Республикаялъул шагьараздагицин гьедин къач1араб культураялъул к1алг1а бати щакаб жо буго. Гьениб аск1обго буго нилъер бах1арчияв наиб Х1ажимурадил ц1аралда Хунзахъ росулъа сахаватчи Мух1умаев Зубайирил кумекалдалъун бараб цойги паркги. Гьединго Шотода росулъа сахаватчаг1и-вацал Зиявудин ва Мух1амад Мух1амадовазул кумекалдалъун Шотода ва Г1обода росабалъ ран лъуг1ана ц1иял ясли-ахал.  Гьезулго кумекалдалъун спорт,хасго футбол бокьулезе к1удияб сайгъатлъун ккана Расул Х1амзатовасул ц1аралда бугеб спорткомплексалъул азбаралъуб гьабураб ц1ияб футболалъул майданги. Гьединал сахаватчаг1азул районалда гьабулеб х1алт1уде гъира базабиги Саг1идил х1аракатчилъи ккола.

Районалъул цониги росу яги хъутабазда ругел маг1ишатал хут1ич1о гьесул берги кверги щвеч1ел. Аллагьги разияб,г1адамалги рохараб ишлъун лъугьана гьесул х1аракаталдалъун районалда ругел киналго зияратал къач1айги. Цойги х1ужжа буго гьаниб рехсеч1ого г1олареб. Районалде х1алт1изе вач1араб т1оцебесеб къоялдаса нахъего гьес ц1ц1ик1к1араб к1вар буссинабуна киса-кибего рац1ц1алъи бук1инабиялде. Гьелъие г1оло г1уц1ана районалда ц1ияб идара (санитарное автохозяйство). Ч1ч1езарун руго райцентралда ва т1алъиялда ругел росабалъ кьишни-къул баччизе графикалда рекъон машинаби. Щибаб моц1ида жаниб цо-к1иго нухалъ т1обит1ула субботник. Гьеб киналъго лъик1аб х1асилги кьуна. Гьалдалъун Саг1идил районцоязул г1умру-яшав лъик1лъиялъе гьабулеб х1алт1и лъуг1ич1олъиялда рак1 ч1ч1ола. Ниж г1адинал гьит1инал росабазул г1адамазе ц1акъго к1удияблъун бук1уна цо гьит1инаб кумекги. Нижер гьит1инабго Гъонохъ росдал жамаг1аталъул рак1-рак1алъулаб баркала буго Хунзахъ муниципалияб районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповасе нижер г1узрабиги, г1унгут1абиги рич1ч1ун, гьабилин, бук1инин абун ниж хъулухъазда теч1елъухъ. Ниж г1адин Аллагьги разилъаги дудаса.    
 

 

                                   

Просмотров: 415 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz