Артцул Шамил Гьиматович гьавуна 1969 соналда Хунзахъ росулъ. Ц1алана Мах1ачхъалаялда № 3 гьоркьохъеб школалда. Школа лъуг1идал х1алт1изе лъугьана ремзаводалде, гьениб гьесие щвана II разрядалъул токарасул махщел. Армиялда т1адаб хъулухъги т1убазабун, х1алт1изе лъугьана вневедомственнияб охранаялда. 1990 соналда ц1ализе лъугьана ДГУялъул юридикияб факультеталде. 3 курсалда заочноги босун, х1алт1изе лъугьана Мах1ачхъалаялъул Советский районалъул следственнияб отделалде.